Москваялъул ва тIолго ГIурусиялъул Патриарх Кириллица Россиялъул Федералияб ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Хъулухъалъул минаялда аскIоб базесеб цIияб килисаялъул кьочIол тIоцебесеб гамачI лъун букIиналъ нугIлъи гьабулеб буго килисаялъулгун хасал хъулухъазул щулияб бухьен букIиналъе.
Исана 1августалда ГIурус Килисаялъул патриарх Кириллица дугIа гьабун баркат бугеблъун лъазабуна ФСБ-ялъул Академиялъул минаялда цебе базесеб гьатIаналъул кьочIол тIоцебесеб гамачI. Патриархиялъул пресс-хъулухъалъул баяналда рекъон цIияб гьатIан балеб буго Академиялъул студентазул ва нухмалъиялъул жигаралдалъун.
ТIоцебесеб гамачI лъеялъул рохалилаб тадбиралда Патриарх гIахьаллъун вукIиналъ нугIлъи гьабулеб буго килисаялъулгун пачалихъалъул бухьенал щулалъизариялъе ва оппозициялъ гьеб хIужжа какулеб буго гамчIида гамачI течIогун.
31 июлалда Патриарх Кириллица ракIалде щвезабуна 1931 соналда ГIиса Аварагасул цIаралда букIараб Москваялъул Аслияб Килисаялъул берцинаб мина пасалъизаби. ГьабсагIат Москваялъул бакI-бакIалда дагь гурони гIибадат гьабизе бакIал гьечIин абуна Патриарх Кириллица ва тIаде жубана ГIурус Килисаялъул хиял бугин Россиялъул тахшагьаралда 200 цIияб килиса базе.
Патриарх Кирилл: «Москваялъул динияб гIумруялъе инкъилабалъул соназ ва гьезда хадуб букIараб нахъчIеялъ кигIан кIудияб зарал гьабун букIараб нилъеда лъала. Нус-нус килиса пасалъизабун букIана. Ва нилъер некIсияб тахшагьаралъул дол рихх-риххарал хириял бакIазул хIурматалъе нижеца цIиял килисаби ралел руго цIиял бакIазда».
http://www.youtube.com/embed/JFni0r_CdcoЦIияб
ЦIияб килиса ФСБ-ялъул Академиялда цебе букIине бугони гьелъул нуцIби киназего рагьараллъун рукIина ян рагIи кьуна ГIурус килисаялъул бетIерас.
Патриарх Кириллица баркала кьуна Москваялъул мэр Сергей Собяниние ва ФСБ-ялъул бетIер Александро Бортниковасе гьез цIияб мина баялъе квер бакъи гьабурадухъ. Гьев кIиявго вачIун вукIана гамачI лъеялъул тадбиралде.
Тадбиралда кIалъазе вахъарав ФСБ-ялъул Академиялъул директор Виктор Оструховас абуна академиялъул хIалтIухъабаз улкаялъул букIинеселъул тIалаб- агъаз гьабулеб бугин. ГIисал диналда рекъон гIумру гьабиялъул къагIидаяллда къоидаса къойиде цIикIкIун раккулел тIаде кIанцIияз жидерго рахIат хвезабулеб бугин.
«Нилъеда киназдаго тIадаб буго гьединал гьужумазде данде чIун, цолъараб ва бикьулареб Россияги ГIисал диналда рекъон гIумру гьабиялъул къагIидаги цIунизе», - ян абуна жиндирго каламалъул ахиралда Виктор Остроуховас.
...Гьале ункъабилеб къоялъ Москваялъул Хамовнический диваналда халат бахъунеб буго Pussy Riot абулеб къукъаялъул ясаз гьабураб ишалда хурхараб процесс. Гьезде гIунтIизабулеб гIайиб – ГIиса Аварагасул цIаралда бугеб Москваялъул аслияб килисаялда гьабураб хулиганлъиялъул хьвада-чIвади.
Исана февраль моцIалда Pussy Riot абулеб музыкалияб къукъаялъул щуго ясаз гьурмазда маскаби хун ва килисаялъул амвонилан абулеб гIадамазе гьукъараб хирияблъун рикIкIунеб бакIалдеги кIанцIун «Хирияй Мариям эбел, Путин яризаве»- илан ахIулел рукIана.
Гьеб лъугьа-бахъиналъ кIудияб дандерижи багъаризабуна тIолго дунялалда. Нагагьлъун диваналъ гьел ясал гIайибияллъун рикIкIани гьел 7 соналъ жанире тIамизе рес буго.
Роберт Коалсон,
Радио Эркенаб Европа-Радио Эркенлъиялъул цIиял харбал тIиритIизарулеб хъулухъалъул мухбир.