Дагъистаналда къабул гьабун буго республикаялъул вукIарав нухмалъулев хъулухъалдаса гIодов чIун хадув гIумруялъго пачалихъалъ хьихьизе тIаде восулеб къанун. Республикаялъул халкхияб мажлисалъул данделъиялда депутатазул цIикIкIарасеб къадаралъ рахъккуна гьелъул. Амма гIадатияб халкъалъ бачIинахъего рази гьечIолъи загьир гьабуна гьелда тIасан.
Гьеб къануналда рекъон республикаялъул цеве вукIарав нухмалъулесе рес кьолеб буго хIукуматалъул рахъалдаса батIи-батIиял бигьалъабаздаса пайда босизе.
Масала цебе гьесул букIараб харжалъул 85 проценталда бащадабгIан къадар гьесие щибаб моцIалъ кьезе бихьизабулеб буго гьеб къануналъ.
Гьеб гуребги бокьараб бакIалде рекIине трансопрт, сахлъи цIуниялъул хIалтухъанасул кумек ва гьел гурелги квегIенлъаби.
Халкъияб мажлисалъул иргадулаб сессиялда депутатаз къабул гьабуна гьеб къанун.
РакIалде щвезабила 19 августалда Пятигорскиялда букIараб данделъиялда Россиялъул финансазул министр Антон Силуановас абуна Шималияб Кавказалъул регионазда ругел хIакимзаби хьихьи улкаялъе цIакъго хира чIолеб бугилан.
Гьединлъидал хIукматалъул бюджеталдаса гьезие биччалеб гIарац дагь гьабизе кколилан. Гьедин мисалалъе цохIо Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул депутатазул хIажалъабазе исана Дагъистаналда харж гьабун буго 180 миллион гъурущ.
Республикаялъул бюдежатлъул хайираб рахъ дагь буго жарж гьабизе хIисабалде босараб гIарцудаса.
Бюджеталъул дефицит бащалъулеб буо 80 млрд гъурщида профициталъул бутIайин абуни I миллиард гъурщица дагь буго.
Социалиял сетазда гIемерав чияс ахIи-хIур бахъинабуна гьеб къануналда рази гьечIолъи загьир гьабулаго.
ТIубараб гIумруялъ тIалхъиялда ругеб заманалъ халкъалъул бикъараб гIечIого хъулухъалдаса гIодор чIун хадурги халкъалъул гIарацги кьун щайин гьел хьихьизе кколебилан суал лъолеб Facebook сайталда.
Дагъистаналда гьабсагIат вуго республикаялъе нухмалъи гьабулев вукIарав лъабго чи. МухIу ГIалиевги, эменги васги МухIамадгIали МухIамадовги, МухIамад-салам МухIамадовги.
Ахирисев тIуванго хIалхьиялде арав чи кколарро, гьев гьабсагIат улкялъул президентасул администрациялъул нухмалъулев хисулевлъун хIалтIулев вуго. МухIамад-ГIали МухIамадовги МухIуги ккола пенсионерал.
Рехсараб къанун цохIо дагъистаналда гуребги цогидал хIукматаздаги бугин хIалтIулебилан бицана Эркенлъи радиоялъе юрист Сулейманов Сулейманица. Мисалалъе хъазахъазул республикаялда.
Амма гьезул доба цохIо харж гурони цогидал тIокIрорчIарал бигьалъаби чIезарун гьечIилан абулеб буго Сулейманица. Нилъер гьанир абуни траснпортги, сахлъи цIуниялъул хIалтIухъанги, хъаравулзабазул кIудияб къукъаги цIакъго сахатаб куцалъ гьабулеб бугин кинабго:
Сулейманов Сулейман: «ГIарац гьесие гьадингоги щолеб букIана харж малъичIого кIудияб пенсияги букIонелъул гьесие хIукуматалъ чIезабун. Амма гьелъулъ гурелъул аслияб суал бугеб.
Гьесда хадур чIезаризе ругел хъулухъчагIазул къапилаялъулъин. Хъаравулзабиги, сахлъи цIуниялъул хIалтIухъанги, автомобилалги.
Гьадинги гали бахъа-бахъаралъур рукIунел полициялъулал рукIаго тIадеги гьезул черх цIунулел чагIи щиб гьабизе»
Нижехъе щварал баназда рекъон республикаялъул вукIарав нухмалъулесе чIезарулелго гIадал бигьалъаби гьесул хъизамалда чан чи ватаниги гьесиеги чIезарулел руго.
Гьенибги гIурхъи чIван гьечIо мисалалъе балугълъуде рахун, жидерго магIишаталде руссарал лъималазе кьечIого санаде рахинчIел лъималзеги лъадуги гурони щоларин гьеб бигьалъиян абураб.
Киназего гIаммаб къагIидаялъ щолеб буго гьеб пачалихъалъулаб кумек.
Амма гьаниб хIисабалде босизе ккола хъизамалъул чагIазе транспортги сахлъи цIуниялъул хIалтIухъанги хъаравулазбиги гурони хъизамалъул бетIерасе жиб-жиб моцIалъ чIезабура харж гьезие щолареблъи.
Дагъистаналъул цере рукIарал нухмалъулезда гьоркьов МухIамадгIали МухIамадовасдаги гьесул васасдаги данедккун балагьани презинднтлъун вукIаго МухIу ГIалиевас тIалаб гьабичIо кинабниги бигьалъи.
Лъиениги балгояб жо гуро гьев республикаялъул нухмалъулев вугеб мехалъгицин я жиндего, я гIага божаразе бечелъи гьес тIалаб гьабичIеблъи. Хъулухъалдаса ун хадувги данлекколеб гIадаб лъикIаб хъулухъцин тIалаб гьабичIого сихIкъотIун политкиялдасаги тIалъиялдасаги рикIкIад чIана гьев.
Гьанже республикаялъул вукIарав нухмалъулесе пачалихъалъ чIезаризе ругел бигьалъабаздаса пайда босизе бугищ гьес гьечIищали абураб суал хутIулеб буго гIемерисезе балъгояблъун.