Исламабадалъ хIаракат бахъулеб буго тIалибал кIалъа-ралъаязде рачIинаризе. Амма Пакистаналда ругел тIалибал гIемерал гIисинал къукъабазде рикь-рикьун руго ва гьезул цо-цоял разиял гьечIо ракъилал кIалъа-ралъаял гьаризе. ТIалибал рикьун рукIиналъ гьелгун ракълилаб диалог гьабизе ругел хьулал мигьлъизарулел руго.
Гьаб моцIалъул авалалда Пакистаналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялда хурхун миллияб конференциялда къабул гьабун хадуб Исламабадалъ тIализабазда цебе лъун букIана ракълилал кIалъа-ралъаязул стратегия.
Амма тIалибазул цо-цо къукъабаз ахираб заманаялда гьарурал тIадекIанцIиязул хIисаб гьабун, гьеб диалогалдехун бербалагьи хисизабулеб буго улкаялъул хIукуматалъги.
ТIалибалгун рекъел гьабиялъул планалъ кколеб букIанин абизе бегьула цIияв премьер-министр Наваз Шарифил рищиязда цебесеб программаялъул аслияб бутIайин. Гьелъул мурадги букIана полициялдаги исламистаздаги гьоркьоб унеб лъугIел бихьулареб рагъуе ахир лъей.
Афгъанисталда ругел тIалибаздаса батIа чIарал пакистаналъул тIалибазулгун бухьен бугеб къукъаялъе ракълилаб цебелъей гьабун букIана Шарифица 9 сентябралда.
Амма гьанже гьес абулеб буго 22 сентябралда Пешаваралъул килисаялда гьабураб кIиго теракталъул хIасилалда 85 чи хун хадуб гьеб идеялдаса жинца инкар гьабизеги рес бугин.
Пешаваралда гьарурал кьвагьиязул жавабчилъи тIаде босун букIана цадахъго - Джандуллагь ва Джанд -уль- Хафса – абулеб кIиго экстремистияб къукъаялъ. Гьел уна пакистаналъул тIалибазул рикьалабазул кIудияб сияхIалде гъорлъе.
Гьезул кьеразулъ рикьалаби ккана 2009 соналда Техрик-ТIалибан Пакистан (ТТП) абулеб гьезул цолъиялъул лидер Байтулла Макъсуд америкалъул билот тIад вукIунареб аэропланалъ кьаби щвезабидал чIван хадуб.
Рехсараб ТТП-ялъе гьанже нухмалъи гьабулеб буго ХIаким Улагь Макъсудица ва гьеб хутIулеб буго хIукуматалде данде къеркьолеб къуватаб идаралъун.
Амма лъалеб гьечIо Джандуллагь ва Джанд -уль- Хафса гIадал къукъабазе ТТП-ялъ контроль гьабулеб бугебищали.
ХIамид Мир вуго журналист, гьеб хIалтIулев вуго Пакистаналъул Geo –TV каналалда.
ХIамид Мир: «Ракълилал кIалъа-ралъаязде данде руго гIемерал къукъаби. Масала, Сват гIодоблъиялда буго Молви Фазал Уллал къукъа. ХIукуматалда ва тIалибазда гьоркьор ракълилал кIалъа-ралъаязде данде руго гьел. Цоги данде бугеб ГIумар Халид абулев чиясул къукъаги буго Момонд абулеб мухъалда. Руго гьединго хIукуматалдаги ракълилаб диалогалде дандечIарал. ХIаким Улла Макъсудица тIалибал хIукуматгун кIалъа-ралъаязде ахIараб мехалда тIадехун рехсарал къукъабазул вакилзабаз бихьизабуна жидедаго ракIалда бугеб».
Гьелде тIадеги хIукуматалда лъалеб гьечIо улкаялда ругел тIалибазул къукъабазул къадар. БатIи-батIиял баяназда рекъон, гьеб къадар 35-ялдаса 100-ялде бахунеб буго.
Пакистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-секретарь ГIумар ХIамидица бицана улкаялда бугин гьукъараб 60 къукъайин.
ГIумар ХIамид: «Гьаниб буго 62 гьукъараб къукъа, гьезда гьоркьосан лъабгояб гьукъун буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъги. Гьел ккола Техрик- ТIалибан Пакистан (ТТП), Гьакани (Haqanni) ва Аль-КъагIидагун бухьен бугеб Лашкар-Таиба абулел къукъаби. ХутIарал руго Пакистаналъул хIукуматалъ гьукъарал».
Пакистаналъул криминалияб полициялъул тIадегIанав хъулухъчи Мажар Машванил рагIабазда рекъон, хIукуматалъ цо кинаб букIаниги къукъаялъул хIаракатчилъи гьукъулеб бугони гьеб бикьилеб буго цоги гIисинал гIемеразде ва гьезда лъолел руго батIиял цIарал, амма гьезул хIаракатчилъи добго хутIулеб буго.
Маджид Бабаром ва Рон Синовиц (буссинабуна ИсхIакъова Умаца)