Миллаталде балагьун къабул гьабулеб бергьенлъи

Мансур ГІисаевасул иргадулаб бергьенлъи

Лондоналъул Олимпиядаялда Россиялъе тІоцебесеб меседил медаль щвезабуна Адыгъеялдасан Арсен Галстяница. Гьебго дзюдоялъул матазда кІиабилеб месед улкаялъе босарав Челябинскалдаса абулев ГІисаев Мансурил миллат лъазабизе Россиялъул централиял инфоралатаздасан кинабгІаги рес букІинчІилан хъвалеб буго блогераз.

Блогераз гьединго хъвалеб буго - такъсир кавказалъулас гьабун бугони, гьесул ватІаналъулги, миллаталъулги-гьесул хІакъалъулъ кинабго гьеб параялъго лъазабулин, амма улка кІодо гьабурав Кавказалдаса вугони, гьев россиялъулав вукІин гуреб, тІокІаб щибго лъазабуларин.

ГІисаевасул бергьенлъиялъул хІакъалъулъ лъазаби щварабго, форумазда тІоцере раккана роххаразул комментариял. Хадуб гьезие жаваб хІисабалда раккарал комментариял риккине бегьула, миллатчилъиялъул магІнаялъулаллъун. Гьанже интрнеталда унел бахІсазда гІахьалъулел рикьизе бегьула чанго группаялде. Амма гьезда гъорлъан аслиял ккола ГІисаевасул бергьенлъи кІодо гьабулелги, ГІисаев дагъиситаналъул кьалбазул вукІиналъ, гьев ракІалъе гІоларелги.

Боско Клубалда кІодо гьабулеб буго Лондоналъул Олимпиадаялда меседил медалал щварал Арсен Гапстянилги Мансур ГІисаевасулги бергьенлъи. 31июл2012

Комментариял гьаруразул цо-цояз ГІисаевасул бергьенлъиялда бан ракІалде щвезабулеб буго гьанже диваналда цеве чІезавун вуго Мирзаев Расулида хурхараб лъугьа-бахъин. Гьес кьабун студент иван Агафонов хвей гьединазда бихьулеб буго кавказалдасан киналго спортсменал гІамалги кІудиял, цогидалги риккунарел гІадамал хІисабалда. Гьезде данде жидерго пикраби загьир гьабулез, хъвалеб буго Мирзаев Кавказалдасан вукІинчІевани, гьеб лъугьа-бихъиналъул хІакъалъулъ лъачІогоцин хутІизе бегьулеб букІанин халкъалда. Гьеб лъагьа-бахъин машгьурлъиялъе бищунго аслияб багьана хурхараб бугин гІурус миллатчагІазул хІаракатчилъиялдаян ва гьезде гІенеккулел политиказул къадар талъиялда кІудияб букІиналдаян.

Машгьурай журналист Мансурова Саният: "Гьединаб хІакъикъат загьирлъиялъе шартІал жибго централъ, хасго кавказофобия щулалъизе бокьарал къокъабаз гІуцІулел ругилан абизе бегьула. Гурони, гІагсаб ситация букІунан. Гьеб мехалда студент Агафонов хвеялъул жинде гІайиб гІунтІизабурав спортсмен Расул Мирзаевасул иш букІунароан гьедигІанго машгьураб. Гьединал лугьа-бахъинал кавказалъулагурел милалатазул гІадамазул гІахьаллъигунги дагьал рукІунарелъул. Россиялъул спорталъе Кавказалдаса, Дагъистаналдаса спортменаз дагьалищ бергьенлъаби щвезарурал!

Дир пикруялда, гьеб ккола Россиялъул нухмалъиялъул магнІа гьечІеб политикаялъул хІассил. Гьелъ кинабгІаги лъикІлъи щвезабизе гьечІо я жамгІияталъе я тарихалъе, гьединаб ахІвал-хІал бижинабулел политиказул наслабазе жидерго умумузул хьвада-чІвади сурукъго бихьигурони."

Эхо Москвы ялъул сайталъул форумалъул гІахьалчагІазул цояс суал лъолеб буго, Олимпиадаялъул программаялда гьанжеги дзюдогуребги эркенаб гугариги бугин, гьенирги гІемер кавказиял ругин. Гьел бергьани, ГІисаевасул бергьенлъи ракІалъе гІоларел гІадамаз щиб гьабизе колебин абураб?