Your browser doesn’t support HTML5
Россиялъул къанун хвезабураб хIужалъун кканиги, диваналъул данделъабазде рачIарал журналистазе суратал рахъизеги, диктофонал хIалтIизаризеги гьукъулеб гIадат буго республикаялда. Амма бажариладай гьеб хIукму гIумруялде бахъинабизейин абураб щаклъи бугоан ЭР-ялъ гара-чIвари гьабурал цо-цо дагъистаниязулъ. Щайин абуни диванчагIазе рекIее гIолеб хабар гурила гьеб – гьезул данделъабазда лъугьа-бахъунеб жо къватIибе боси.
Республикаялъул ТIадегIанаб Диваналъул нухмалъулес щибаб данделъиялда абулин гьедин – журналистазе гьукъа-къаял гьаругейилан бицана ЭР-ялъе Гъизилюрталдаса диванчи Шагьрудинил МухIамадица. Журналистазе квалквалал гьарулев диванчи жинца хIалтIизе лъаларев чилъун рикIкIине вугиланги тIаде жубалила гьес.
Шагьрудинил МухIамад: «Журналисталги батIи-батIиял рукIунелъул. Цоял рукIуна цоясул рахъги ккун рачIарал. Цогидал – лъида бугониги ракIги бухIун рачIарал. Яги вукIуна журналист цониги ахIи-хIур бахъараб ишалда хурхун ругел харбал ритIухъ гьаризе къваригIун вачIарав… Диванчиясулги бугелъул жиндирго пикру загьир гьабизе рес. Журналистас диваналда тIасан хъваралда рази гьечIолъи бижун батани диванчиясул, гьеб пикру бахъизе тIадаб буго тIоцебе доб баян къватIибе кьураб информалаталдаги.
Гьединго ихтияр букIунилан журналистасги гIорхъи бахине бегьилароха диваналъул данделъиялда – гьелъул гIахьалчагIи гьоркьор къотIизарун, яги цогидаб куцалда гIадлу хвезабун.
Къабулал гурел журналистал диваналде риччачIого теялъе ургъарал хIиллабиги рукIуна гьенир. Масала, гьединал жуналистал жанире риччагеян лъазабизе рес буго диваналъул кIалтIа эхетарал приставазда. Гьединал жал ккечIого рукIине цебеккунго ТIадегIанаб Диваналъул нухмалъулесухъе кагъат хъваян малъилаан дица журналистазда. Журналист гурев, блоггергицин вачIине бегьулин диваналъул данделъиялдеян абула нижер нухмалъулес (ТIадегIанаб Диваналъул нухмалъулев Руслан Мирзаевас – ЭР)».
ТIадбалагьун диванчагIазул кIудиясени бокьун бугин журналисталгун цадахъ рекъон хIалтIизе, амма хадусезе бугодайин, гьединлъидал бажариладай гьеб хIукму гIумруялде бахъинабунилан суал лъолеб буго ХIажимурад Сагитовас. Бицен гьабулеб данделъиялдаги вукIарав «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ккола гьев.
ХIажимурад Сагитов: «Гьединабго данделъи диванчагIаз лъагIалица-лъагIелгун бащадалъ цебеги гьабун букIана. Гьанжеги гьелде тIадруссиналъул магIна батила Москваялдаса бачIараб гьединаб тренд – жидехъе нух рагьараб бугин журналистазеян бихьизабизе къваригIин».
ЭР: «Нужер газеталъул журналистаз гIемер хъвалелъул диваналъул данделъабаздаса макъалаби, бищунго кинал квекIенал гьезие гъора гьарулел?».
ХIажимурад Сагитов: «Диктофон хIалтIизабизе биччаларо гьез. Къанун хвезабураб жо гьениб щибниги гьечIониги, цIакъ хIинкъула диванчагIи гьелдаса. Шагьаразда гьедигIан гIемер рукIунаро гьединал хIужаби. Гьел рукIуна росабалъ. Диванчиясда хIалтIизе лъунгутIи буго гьелъул магIна. Цо-цо мехалда гьез хIаракат бахъула мухбир диваналде виччачIого тезеги. Нижецани гьединаб мехалда ахIи-хIур бахъинабула. Амма руго цо-цо журналистал гьезда разилъун чIолелги. Гьединал журналистал хадурккун аскIоре къазего риччаларо гъоз».
Гьанже рахъун Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналъул нухмалъулесги цогидазги жал журналистазе кумекалъе чIезе хIадур ругин гьабулеб лъазаби сунда бараб букIине бегьулебани гьадин бичIчIулеб буго журналист ва хъвадарухъан – МахIачхъалаялдаса СагIид Ниналаловасда.
Гьес абулеб буго гьабсагIат бугила батIияб заманги батIияб ахIвал-хIалги. ТIолабго улкаги дунялги бугила социалиял гьиназда жанире лъугьун. Гьединлъидал киназего пайда букIине бугила пуланав чи пуланаб диваналдеги вачIун, унголъунги гьениб бугеб хIакъикъат бихьун хъвани, бицани. Жакъа дунялго бачIунеб бугила гьеб пикруялде.