Обамае гьукъун буго Чачанлъиялде вачlине

Къадыров Рамзан, Грозный, 2014

Дунялалъул информалатаз кIвар кьечIого течIо Чачанлъиялъул бетIер Къадыров Рамзаница Америкаялъул ва Евроцолъиялъул цо-цо лидеразде данде жинца санкциял гьарулел ругин абун шамат къоялда тIибитIизабураб лъазаби.

Украиналъул кризисалда бан жидее гьарурал санкциязе жаваб хIисабалда Россиялъ Америкаялъул президент Барак Обамае улкаялде вачIине гьукъичIониги, гьелъул цо бутIаялда буго Обамае вачIине гьукъараб бакI.

Ахираб къого соналда жаниб сепаратистияб вахIщияб кIиго рагъ унеб букIараб Россиялъул гьитIинаб бутIа Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамазаница шамат къоялда лъазабуна жинца Обама восулев вугин республикаялде рачIине гьукъарал гIадамазул сияхIалдейин. Гьедин хъвалеб буго «Гардиан» газетаялъ.

Живго Къадировасул лъазабиялда гьадин абулеб буго: «Дунял буго Ливиялда, Сириялда, ГIиракъалда, Афгъанистаналда ва ахираб заманаялда Украиналда кколел трагедиязул нугIлъун. Демократиялъе экспорт гьалулебинги абун гьел улкабазда чIвалел руго гIадатиял гIадамал, руччаби, лъимал ва херал чагIи, тIагIинарулел руго диниял хириял бакIал ва риххизарулел руго шагьарал.

Гьеб киналъулго битIараб бухьен буго Америкагун ва Евроцолъигун. Гьезул бутIрузул ишал руго улкабазде ва халкъазде данде гьабулеб пачалихъияб тероризм. Гьениб цIикIкIунисеб нухалда гIодобе тIолеб буго бусурбабазул би.

Жакъа дица хIукму гьабуна санкциязул сияхI гIуцIизе ва гьелде Америкаялъул президент Барак Обамал, Еврокомиссиялъул бетIер Жозе Мануэль Баррозул, Еврошураялъул нухмалъулев Гьермана Ван Ромпейил, Евроцолъиялъул къватIисел ишазул идараялъул тIадегIанай вакил Кэтрин Эштонил ва Европарламенталъул нухмалъулев Мартин Шульцил цIарал росизе. Дица тIадкъай кьолеб буго банказда бугеб гьезул гIарац яги цоги бокьарал активал цIорозаризе. 27 июлалдаса нахъе тIадехун рехсарал политиказе гьукъун буго Чачан Республикаялде рачIинеги»,-гьедин хъвалеб буго Къадиров Рамзанил лъазабиялда.

Гьебго шамат къоялда Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ гьабураб лъазабиялдаги Украиналъул кризисалъул гIайиб гьабулеб букIана Америкаялда. Гьеб идараялъул сайталда лъураб баяналда Россиялъ кьварун какулеб буго Вашингтоналъул позиция.

Рехсараб министрелъиялъ рикIкIунеб буго Америкаялъул нухмалъиялъ тIобитIулеб бугин «Россиялда багьтанал лъеялъул рахъалъ свак лъалареб кампанияйин» ва абулеб буго Вашингтоналъе къваригIун гьечIин цоги рахъалъул аргументал рагIизецин, жидерго ишазулъ гьелъ мугIчIвай гьабулеб бугин «интернеталдаса ракIарарал Россиялде данде ругел гIахьучIаздасайин».

Комментариязда гьединго абулеб буго президент Барак Обамал администрациялда бугин Украиналда бугеб конфликталъул ва гьелъул «захIматал хIасилазул» жавабчилъиялъул бутIайинги.

Россиялъ Крымалъе аннексия гьабун хадуб ва Украиналъул машрикъалъул рахъалда Россиялъул рахъ ккурал сепаратистазе гьез квер-чIвай гьабулеб букIиналъ Россиялъул ва Америкаялъул гьоркьорлъабазде рещтIараб гьогьен дагьабги цIикIкIун буго Майлайзиялъул авиалайнер Украиналда тIад кьвагьизабун ва 298 чи хун хадуб. Гьедин хъвалеб буго Британиялъул «The Guardian» газетаялъ.

http://www.theguardian.com/world/2014/jul/26/barack-obama-banned-from-entering-chechnya

Жиндир иргаялда Москваялъ нахъчIвалеб буго сепаратистазул рахъ жидеца кколеб букIин ва абулеб буго магърибалда бугин Украиналъул президент Петр Порошенкода гIурусалъ кIалъалеб Украиналъул машрикъалде рагъулаб кампаниягун аскариял ритIизариялъул гIайибин.

Гьедин хъвалеб буго «Daily Miror» газетаялъул сайталда.

http://www.mirror.co.uk/news/world-news/chechen-leader-threatens-freeze-barack-3921553

Къадировас гьарурал санциязул хъавалеб букIана магърибалъул цоги газетаязги.

http://www.huffingtonpost.com/2014/07/26/obama-chechnya_n_5623786.html

Гьезда жеги кIвар буссинабулеб букIана живго Къадыров чачаназул тIоцебесеб рагъул заманаялда сепаратистазул рахъ ккун Россиялде данде вагъулев вукIиналде ва гьелдаса хадуб цо параялъ дандияб рахъалде иналъул.