Нухазде ччукIараб кьуруги, моцIалъ ралел цIадалги

Микьабилеб июналъул къаси рарал чIвахунцIадалъул хIасилалда хезабун буго ЛъаратIа мухъалъул ЛъаратIа росдада аскIосан унеб шагьранух. Апрель моцIалдаса нахъе ралел ругел чвахунцIадаз нухде кьуру ччукIун бачIун кIудияб зарал кканин абулеб буго гьеб мухъалъул нухазул управлениялъул хIакимас. Шагьранухда гьабсагIаталъ бугеб ахIвал-хIал кинаб бугебали лъазе гьабуна нижеца.

ЛъаратIа мухъалда гьеб кIиабилеб хIужа ккола чвахунцIадаз нухда зарал гьабураб. 27 маялда цIадал ран нуде кьуруги ччукIун бачIун хун букIана «Анцухъ-ЛъаратIа» мухъалда бугеб шагьранух. Гьелъул хIасилалда 50- саги цIикIкIараб росу хутIун букIана транспорталъул бухьенги гьечIого.

АнцIго къоялдаса гурони, эбги хIалил мададалъ тIаде жеги рортун рачIунел ганчIазда гъоркь хIалтIизеги хIалтIун кIванин нух бацIцIад гьабизеян бицана «Эркенлъи» радиоялъе, ЛъаратIа мухъалъул нухазул управлениялъул нухмалъулев Мусаев ГIумарица Гьабнухалдаги гьебго шагьранухде ччукIун буго кьуру.

Гьаб нухалда гIадаб жо бихьараб жо букIинчIилан абулеб буго гьес. Апрелалъул къоло анкьабилеб къоялдаса нахъе чIечIого ралел ругин цIадал, гьелда гьоркьоб цохIо маялъул микьабилеб къо гурони бачIинчIин роцIараб.

Мусаев ГIумар: «Гьеб цIадал хIасил бугоха кинабго, дорасан риххун, гьанисан ччукIун лъел цIун руго нухалги, кьурабиги, хIукуматалдаса щиб кумек щвелебалиги лъаларо».

ЭР: «Гьелда бан гIорхъолъа араб ахIвал-хIалалъул комиссия гIуцIун бугиш?».

Мусаев ГIумар: «Гьеб министерлъиялъул хIалтIухъабазул гIолохъаби руго гьанир хIалтIулел. ТIоцере анцIила щуго чи вукIана, гьанже анцIго чи хутIун вуго гьезул. Кьурабалъе ххарун, гIодоре рекерун, нухал сверун къан, гIемераб хIалтIи гьабуна гьел гIолохъабаца. Гьединго «Автодор» идараялъул хIалтIухъаби руго аслияб куцалъ гьанир хIалтIулел».

ЭР: «Нужер нухал гъоркьгоги хварал, хъил тIечIел нухал рукIин лъала киназдаго. Гьанже цIадаца дагьалги чурхъарал гьел къачIазе гIемер заман базе батила?».

Мусаев ГIумар: «Валлагь бищун дагьаб цо моцIниги ине буго гьел рукIалиде рачIинарулаго. Нижер цIакъ гIемерал гIисинал росаби руго свера-хъверухъе. Гьенибе кибего нух къан буго, моцIидаса гурони лъугIилин кколаро киналго хIалтIаби».

ЭР: «Хаду-хадурги гьединаб квал-квал нухалъе ккечIого гьаризе бегьуле кинал рукIаниги цIуна-къаялъул хIалтIаби ругиш».

Мусаев ГIумар: «Нижер мухъалде ругел киналго нухал руго рахъун чIарал, гIазу баниги, цIад баниги риххулел ччукIулел рукIуна гьел. ТIабигIияб балагьалдаса кинха нухал цIунилел, Аллагьас цIунани гурони? Нахъе балагьалдаса цIунайгиян дугIа гьабун гурони токIаб гьабизе бегьулеб жо батулеб гьечIо»

ГIаммаб куцалда шагьранухалъе ккараб зарал жеги кигIан бугебали борцун гьечIилан абуна Мусаев ГIумарица хадубги. Республикаялъул хIукуматалъ нижее гьабураб кумек ккечIин жеги аслияб куцалад мадугьалихъ ругел мухъаздаса, гьудул гьалмагъазабаз кIвараб кумек гьабулеб бугин. «Автодоралъул» хIалтIухъабиги ругин нухда хIалтIилел.

Гьединго анкьабилеб июналда бараб чвахунцIадалъ босун ун буго ЦIунтIа мухъалъул Махъалалъ росда аскIосан унеб гIурда тIад бан букIараб кьо, гьелъул хIасилалда гIадамал хутIун рукIана росулъе жанире нухги гьечIого.

ГIорхъолъа арал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялъул хIалтIухъабазда цIад секьечIиго гьениб хIалтIи гьабун бажаричIо. ИчIабилеб июналда кьо цIидахъан бан лъугIанилан абураб баян кьуна гьез талат къоялъул радал.