Терроралъулал такъсирал дагьлъаниги, ахIвал-хIал хIалуцараб буго

Дагъистан. МахІачхъала. Иргадулаб теракт. Къуватиял струтурабазул цІехх-реххчагІаз хал гьабулеб буго кьвагьизабураб автомобилалъул. 2012 с.

Гьаб соналъул январалдасан байбихьун маялъул ахиралде щвезегІан Шималияб Кавказалда чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъабазде гъорлъе унев 164 чи. Регионалда тІобитІараб 50 хасаб операциялъул ва 1100 хасаб тадбиралъул хІассилалда кквезе щвана гьединазул 98 чи. Онлайн-конференция тІобитІулеб мехалда гьединаб статистика бачана Россиялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул Шималияб Кавказалъул Федералияб округалда бугеб идараялъул нухмалъулев Сергей Ченчикица.
Ченчикил рагІабазда, антитеррористиял тадбирал тIоритIана чачаналъ, Гъалгъазул республикаялда, Дагъистаналда ва Гъабардагун-Балкариялда. Бищунго хІалуцараблъун ахІвал-хІал гьесда бихьулеб буго Дагъистаналда. Гьединлъидал терроралде дандечІеялъул хІалтІуе гьениб цІикІкІараб кІвар кьолеб бугила ва гьениве тІадеги 500 полициялъулавги чачаналъан 1775 рагъулавги, абун жубана буго гьес.

Жанисел ишазул идараялъул бетІер мукІурлъулев вуго регионалда гьанжеги гІуралъ хІалуцараб ахІвал-хІал хутІулеб букІиналде.

«Мемориал» абураб инсанасул ихтиярал цІунулеб гІуцІиялъ гьал къоязда бахъизесеб докладалда Дагъистаналде хасаб кІвар буссинабун абулеб буго, республикаялда парахалъи ва рекъел нахъ буссинабиялъе квал-квал жалго низам цІунулел гІуцІиязул хІалтІухъабазги гьабулеб бугин. Хасго дагьабниги щаклъи бугел гІадамал рикъун, гьезие гІазаб кьун, къануналде данде кколарел къагІидаби гьезде данде хІалтІизарун.

«Мемориалалъ» риккунеб буго Дагъистаналда «рохьилал» ракълилаб гІумуруялде руссинариялъе нухал ратизе хІаракат бахъулеб бугин. КІвар буссинабулеб буго гьелъул мурадалда гІуцІараб хасаб комиссияги хІалтІулеб букІиналдеги. Амма гьелдаго цадахъ докладалда абулеб буго, ахирисеб заманалда ракълилаб галабазе квал-квал гьабулеб бугила жалго къуватиял структурабазул хІалтІухъабазила. Гьезда хурхинарулел руго гІадамал рикъиялъул хІужжаби. Гьаб соналъул байбихьудаса Дагъистаналда викъун рагІуна 40 чи, инсанасул ихтяирал цІунулезул статистикаялда рекъон.

Низам цІунулез къануналда рекъон жидерго хІалтІи гьабулеб букІарабани, гьездехун бугеб гІадамазул бербалагьи бихьуледухъ лъикІлъизе букІана.
Р. Курбанова
.

«Мемориалалъул» Дагъистаналда бугеб офисалъул нухмалъулей Елена Денисенкоца ЭРадиоялъе комментриял гьарулаго, абуна, чІвайгурони, гІадамал кверде рачІинариялъе хIалтIи гьабизе кколин абураб жо гьезул гьечIила.»

Низам цІунулез къануналда рекъон жидерго хІалтІи гьабулеб букІарабани, гьездехун бугеб гІадамазул бербалагьи лъикІлъизе букІанилан, риккунеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда цебе бугеб жамгІияб мажлисалъул гьахьалчІужу Къурбанова Разиятица: «Низам цIунулезул хIалтIулъ руго гIезегIан гIунгIутIаби. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулесги, республикалъул бетІерасги чанго нухалъ абун букIана полициялъулаздехун гIадамазул бербалагьи беццизе бегьулеб гьечІин.

Жидерго хIалтIи гьез къанунаналда рекъон гьабулеб букIарабани, гьезул хIалтIуда тIасан кIалъаял рукIинароан. Пуланаб чиясда такъсир гьабиялъул гIайиб батани, къануналда рекъон цIех-рехги гьабун, къануналда рекъон кквезеги ккун, гьабе гьесие тамихI. Рикъизеги рикъун, гIакъубаги кьун, гьаричIел такъсиразде мукIурлъизеги тIамун диваналде щолел руго гIадамал. Гьединаб къагIидаялъ гьарурал цIех-рехазул хIасилал диваналда рих-рихун уна. Низам цIунулездехун гIадамазул ццимги жеги цIикIкIунеб буго».

ЖамгIияв хIаракатчи, адвокат Къадиев Расулица рикIкIунеб буго Дагъистаналъул полициялъул хIалтIулъ чанги гIунгутIаби ругин. Гьес жиндирго блогалда хъвалеб буго, низам цIунулел такъсирлъиялде данде къеркьоларила, статистикаялъе гIоло хIалтIулел ругила гьелин абун.