Гьединаб суал жиндирго дагьалъ цебе бахъараб макъалоялъе кьун букΙана МахΙачхъалаялдасан машгьурай блоггер, пластикияй хирург МахΙамадова Анжелика. Гьелъул макъалоялда гъоркь жидерго комментариял таразул цо-цояз риккунхъе, авторалъ, гьединаб къагΙидаялда, регионалъул республикабазул гражданияб жамгΙиятазда бадиб чΙвалеб буго, цебесеб соналъул ахиралда ва гьаб соналъул байбихьуда тΙоритΙарал парламенталъулги президентасулги рищиязул хΙассилазда макру-хΙилла гьабиялда рази гьечΙого, Москваялдаги цогидал чΙахΙиял шагьараздаги тΙоритΙарал протестазул рахъ кколеб букΙин кинабгΙги къагΙидаялъ загьир гьабичΙого тей.
Гьелъ хъвалеб буго, жакъасеб дагъситаналъулги чачаназулги республикабазде кΙвар буссинабуни, кколеб бугила гьениб кинабго жо лъикΙ бугин, лъицаниги протест загьир гьабулеб гьечΙо ва киназего бугеб ахΙвал-хΙал ракΙалъе гΙолеб бугин. Гьелъул бакΙалда, ахир-къадги загьирлъана, Шималияб Кавказалъул республикабазда улкаялдаго бищунго гΙемер гьаркьал Единая Россия партиялъе парламенталъул рищияздаги, Владмир Путиние президентасул рищияздаги кьун рукΙин. Гьебги щиб язихълъиялда бугилан риккине бегьулеб регионалда, ян хъвалеб буго блоггералъ.
Жинцаго лъураб суалалъе жаваб кьолаго гьелъ хъвалеб буго гΙаммаб къагΙидаялда абизе бегьулин Дагъситаналдаги, Шималияб Кавказалъул цогидал республикабаздаги халкъ гуккизе кьолеб бугин кΙудияб кΙварин. Кинабго хΙалтΙи гьабулеб бугин, гΙадамал хΙинкъизаризе. Нагагьлъун гьанжесеб нухмалъи хисулеб бугони, улка балагьалде ккезе бегьиялъул пикруялда божизабизе гΙамал гьабулеб бугин пачалихъиял информациялъул алатазги, гьанжесеб нухмалъияладе гΙагарал цо-цо политиказги. ХΙинкъизарулел руго лъиданиги рачΙел информациялъул алатазул хΙалтΙухъаби. Протесталъул акцияби гΙуцΙулел хΙаракатчагΙи, оппозициялъулал. ЧΙвалел руго жамгΙиял хΙаракатчагΙи. Инсаснасул ихтиярал цΙунулев Александр Черкасовас абулеб буго, гьеб кинабго жо нухмалъиялъ гьабулеб бугин жакъасеб режим улкаялда хутΙизабиялъул мурадгунин. Гьелъие бищунго баянаб мисал кколин Чачан республикаялда бугеб ахΙвал-хΙалин.
Александр Черкасов: "ГΙицΙго лъикΙал баянал рукΙуна Чачаналъан. Россиялъул тахшагьаралдаги, цогидал регионаздаги гΙемер халкъ гΙахьаллъарал Чуровасул сихΙруялде цим бахъун, протесталъул акцияби тΙоритΙулеб мехалда, Москваялда нус-нус чи аресталде гъоркье восун, гьелда хадуб гьелдасанги гΙемер халкъ къватΙибе бахъунеб мехалда, чачанлъи мегΙергΙадин кинабгΙаги асар гьабичΙого чΙун букΙуна. Гьелегури гьаркьал кьезе аразул къадар 99 процент! Кьурал гьаркьазул гьедигΙанабго къадарги «Единая Россия» партиялъе. Цересел заманаздагΙадаб хΙакъикъат загьирлъулеб буго гьениб. Бищунго аслияб жо – рукΙинчΙо гьенир киналгΙаги протестал. РукΙинчΙо киналгΙаги лъиданиги рачΙел тоххалчагΙи. Россиялъул цо-цо оппозициял политиказ, лъаларо Медведевасдайиш хурхунищ, Путинидайиш хурхунищ абулеб буго, гьезул цояв Кавказалъул президент кколин. Цо-цояз -чачаназул президент кколин. Амма жалго чачаназ щурщудун рицунел харбазда, абулеб букΙуна гьедигΙан гΙемер гΙадамал гьаркьал кьезе унцин рукΙинчΙин ва гьединал хΙассилал рукΙине ресги гьечΙин. Надилъ гулла щвезе лъиенигги бокьун гьечΙоян абулеб буго гьез гьединаб хасал харбал рицунел мехалдаги."
Нижер программаялъе комментариял гьарулаго Черкессазул гΙолилазул гΙуцΙиялъул лидер Жу Тимурицаги абулеб буго, жидер республикаялдаги гΙолилазул протесталъул хΙаракатчиялде данде кьеркьеялъе нухмалъиялъе щун бугила эффективияб ресила. Жидерго ихтиярал цΙунизе рахъунел гΙолилазул пикраби низам цΙунулел идарабаз хΙалтΙизарулел гьездего данде.
Тимур Жу: «Нижеца, черкессазул гΙолохъабаз цо нухалъ гуреб митингал тΙоритΙарал. Нижеца церего рорхизарулел рукΙана нижер гΙумру захΙмалъизарулел проблемаби. Нижеца цебего ва гΙемер гьезул бицунеб букΙана. Щибниги хисулеб гьечΙо. Цо-цоял къватΙире протесталъул акциязде рахъунел гьечΙо, хΙинкъигьечΙолъиялъул позициялдасан. Цогидаз - риккунеб буго митингаз щибниги хисизабуларин ва гьездасан кинабгΙаги пайда гьечΙин. Жив-живасул буго жиндирго бербалагьи. Цингиги, нилъеда лъалагури экстремизмалде данде къеркьей абураб терминги. Мун къватΙиве вахъун, дуца дурго ихтиярал тΙуразари тΙалаб гьабулеб бугони, пуланал къуватаз, нужеда лъала киназ, гьеб дур гали бигьаяб къагΙидаялда буссунибалеб буго дудего данде. Гьелеха гьеб буго аслияб багьана гΙадамал тохлъун чΙун рукΙиналъул. ГΙадамал хΙинкъулел руго протесталъул акциязда хадур загьирлъизе бегьулеб хΙакъикъаталдасан.»
Дагъистаналъул жамгΙияталъул бищунго жигараб бутΙалъун жакъа риккине бегьула динияб хΙаракатчагΙи ва гьезул рахъ ккурал. Амма гьез жидерго кΙвар буссинабулеб гьечΙо рищиязул процессазде. Гьезул цо-цо лидераз риккунеб буго шаригΙат гьечΙеб пачалихъалда гьеб процессалда гΙахьаллъи мекъаб ишлъун, абун бицунеб буго дагъситаналдасан машгьурай блоггер ва журналист Светлана Анохиналъ.
Светлана Анохина: "ЖамгΙияталъул протест гьабизе бажарулеб, жигарабилан риккине бегьулеб аслияб бутΙа ккола диналде руссарал гΙадамал. Гьезда гьанжеги бажарун гьечΙо жидерго динцоял цΙуниялъул мурадгун къватΙире рахъиналда хурхун цо пикруялде рачΙине. РакΙ бацΙадал рищиязухъ абураб митингалде рахъиналда хурхуни гьезул цо пикруялде рачΙиналъул бицинецин букΙинчΙин абизе бегьула, дир пикруялда. Гьезул цо-цояз абулеб буго, шаригΙат гьечΙеб улкаялда гьел рищиязда гΙахьаллъи мекъаб иш кколин. Дида ккола, дагьалъгΙаги жигарал гΙадамал гьединаб пикруялдехун руссунел ругин. ЖамгΙияталъул цогидал бутΙаби цакъ тохал руго. РукΙунаха цо-цо жалго лъикΙал лъугьун рищиязда тоххаллъи гьабулел гΙадамалги. Гьез гΙаразаби инстанциязде хъвала, додин яги гьадин къанун хвезабулеб букΙиналъул хΙакъалъулъ. Амма гьел протесталъул акцияби кколишха! Гьезул хΙалтΙиялъулги координация гьечΙилан абизе бегьула."