Олимпиада: заман дагьлъулеб буго, багьа цIикIкIунеб буго

Сочиялъул Олимпиадаялъул сагIат

Цо сон хутIана Сочиялъул хасалил Олимпиял хIаял байбихьилалде. Лъазабиязда рекъон, Олимпиял хIаязул тахшагьаралда, Москваялда ва Санкт-Петербургалда хIалтIизе байбихьун буго хутIараб заман бихьизабулел сагIтал. Гьезда 7 февралалда бихьизабулеб букIана 365 къо. Амма киналгогурел роххун ругел гьел машгьурал хIаял гIагарлъулел рукIиналдаса. Хасаб бербалагьи буго спортивияб байрамалде черкессазул жамгIияталъул цо бутIаялъул.
Сочи шагьаралъул «Адыгэ-хасэ» абураб жамгIияб гIуцIиялъул бетIер Мадин Коблевас абулеб буго бакIалъулал черкессаз Олимпиял хIаял жидерго шагьаралда тIоритIизе рукIин лъикΙ къабул гьабунин.

Мадин Коблев: "Халкъалъул позитивияб реакция букIана. СанагIалъи гьечIолъи букIаниги, гьанже ахIвал-хIал лъикIлъана. РукIалиде руссинарулел руго къватIал.

Байбихьудасаго нижеца гьеб суал гьоркьоб лъун букIана «Шапсугазул парламенталда». Киназго гьаркьал кьун резолюция къабул гьабун букIана Олимпиял хIаял историкияб Черкессиялъул территориялда тIоритIи, лъикIаб иш хIисабалда къабул гьабулеб букIиналъул. Гьеб ккола халкъазул байрам, спортивияб байрам.

Узухъда, ругоха черкессал, гьелда рази гьечIелги. Жидерго разигьечIолъи гьез кинаб букIаниги къагIидаялъ баянлъизабулеб гьечIо.

У, гьанир гIумру гьабун рукIана черкессал. Диеги бокьилаан гьанир черкессал жидерго рукъур гIадин гIумру гьабун рукIине. Амма гьеб байрам гьаниб тIобитIи гьелда хурхараб гьечIогури. Олимпиял хIаял рагьиялъул церемониялда черкессал гIахьаллъиялъул суал гьанжеги гьоркьоб лъолеб буго."

ХХII-лел хасалил Олимпиял хIаязе Сочи бищун букIиналда рази гьечIел гIадамаз байбихьудасаго лъазабулеб букIана гьел хIаязе шагьар ва сверухълъи хIадур гьабулеб бугин я бакIалъулал халкъазул, я экологиялъул интересал гIадахъ росичIогоян. Гьелде тIадеги, гьел хIаязул объектал раялъе биччалеб гIарцил къадар цIикIкIунеб бугин чанго нухалъин, абулеб буго гьез. Гьезул рагIаби ритIарал рукIин тасдикъ гьабулеб буго дагьалъ цебе россиялъул президент Владимир Путинидаги олимпиял объектал раялъул жавабчилъи бугев вице-премьер Дмитрий Козакилги Сочиялда букIараб диалогалъги.

Your browser doesn’t support HTML5

Сочиялъул Олимпиял хIаязул ралел объектазда Владимир Путинилги Дмитрий Козакилги диалог


Адыгеялдаса жамгIияв хIаракатчи ва тарихчи Альмир Абреговас абулеб буго гьебгущинаб гIарац Олимпиял хIаязе хвезабулеб букIиналъ бихьизабулеб гьечIин нилъер пачалихъалъул къувалъи, гIагсалда, гьеб кколин гьелъул талъиялда гьечIеб махшелги, гьелда жиндирго халкъалъул гьечIеб ургъелги бихьизабулеб ишарайин.

Абрегов Альмир, Адыгеялъул жамгIияв хIаракатчи

Альмир Абрегов: "Гьанжеялдаго лъалеб жо ккола, историялдаго бищунго хириял Олимпиял хIаял гьел рукIин. Гьеб ккола бюджеталде кIудияб хIал ккезаби. Гьеб ккола лъай кьеялъул система, медицина, жибго спорт потенциалиял ресаздаса махIрум гьари. Дагьалищ нилъер ругел сфераби гIарац гIоларого.

Гьел хIаязе кьураб гIарац ккола цогидал рахъаздаса бахъараб гIарац. Цо, амма цIакъ кIудияб байрам гIуцIиялъе гIоло, халкъалъул гIумруялъул гIемерисел сфераби язикълъиялде ккезарулел руго.»

Ахирисес гьединго кIвар буссинабулеб буго гьел Олимпиял хIаязде хIадурлъулаго, улкаялъул нухмалъиялъ цадахъго черкессазул бакIал гьел рукIин кIоченабизе хIаракат бахъулеб букIиналде. ХIакъикъаталдагиян абулеб буго гьес, сочиялъул спортивиял объектал ралел ругин черкессазул ракьбузда тIадин.

Альмир Абрегов: "Гьеб мухъ дие хасаб бакΙ ккола. Щайгурелъул гьеб "Красная поляна» абураб бакI ккола доб бищунго пашманаб лъугьа-бахъин ккараб бакΙ. Черкессазул киналго халкъазда лъала, гьеб ГIурус-Кавказалъул рагъалъул ахирисеб кьал букIараб бакI кколеблъи. Дир пикруялда, гьеб бакI Олимпиял хIаязе мекъи бищун буго. Гьеб бищун буго магърибалъул Кавказалъул, адыгазул история лъаларел яги лъазе бокьичIел гIадамаз.

КIиябизеги, «Олимпияб хартиялда» рекъон, гьединал бакIазда Олимпиял хIаял тIоритIи гьукъараб буго.

Лъабабилебги, Путиница пуланаб каламалда гьеб некIсиял эллиназул ракь ва историкияб Колхидаялъул бутIа кколин абурал рагIабазни, дир цакъ ракI хвезабуна. Гьеб кинниги данде кколаро историкияб хIакъикъаталде."

Цо-цо экспертазул пикруялда дагьалъ цебе чачаналъа Дагъситаналде рагъул ва полициялъул къуватал швезариги ккола Сочиялъул олимпиадаялде хIадуриялъул ишара. Машгьурав журналист Иван Суховасул пикруялда, гьединал тадбираз хIинкъигьечIолъиялъул масъалаби тIуразаруларо. Гьел проблемаялде тIаде лъугьине ккола цогидаб рахъалдаса, тагIинаризе ккола гьелъие ругел багьанаби.

Иван Сухов, журналист

Иван Сухов: "Дида ккола гьанже унеб бугин гIуралъ жигараб хIадурлъи 2014 соналъул Сочиялъул хасалил Олимпиял хIаяздейин. ГIадамазда бичIчIунеб буго, Шималияб Кавказ парахалъи гьечIеб, проблемаби рижинарулеб регионлъун хIутIулеб бугебгIан, ракI гIодобе биччан цере лъурал масъалаби тIуразаризе захIматго букIунеблъи. Гьедин букIаго Сочиялда хIинкъигьечIолъи чIезабизе бажаруларо. Бажарулеб жо гуро жибго шагьар яги Краснодар регион сверун ккун террористазе гьенибе нухъ къазе. Дида ккохъе, тIадтараз гIамал гьабулеб буго хехаб къагIидаялда проблемаби рагIалде рахъинаризе. Амма гьединаб гъваридаб унти, цинтIаго сах гьабизе кIолеб жо гуро.»

Дагъистаналъул нухмалъиялде ГIабдулатIипов тIамиги цо-цоязда бихьулеб буго, Сочиялъул олимпиадаялде хIадури хIисабалда. Гьединаз рикIкIунеб буго, кремлалъул вакиласда бажаризе бугин ахIвал-хIал Дагъистаналдаги, регионалдаги позитивияб рахъалдехун буссинабизеян. Гьелъин ресал кьезе ругин россиялъул нухмалъиялъ 2014 соналъул хасалил Олимпиял хIаял парахатаб фоналда тIоритIизе ругин кьураб рагIи кквезейин.