Унеб анкьалъул лъугьа-бахъиназда гъорлъан Шималияб Кавказалда сверун эксперт Лиз Фуллерица кΙвар буссинабулеб буго Рамзан Къадировас цебесеб анкьалда гΙуцΙараб ТΙабигΙиял сурсатазул ва тΙабигΙияб гΙалам цΙуниялъул министерлъиялъул тΙоцебесеб данделъиялде, гъалгъаялъ рищиязул комиссия республикаялъул бетΙерасул рищиязде хΙадурлъизе байбихьулеб букΙиналде ва ХΙажи МахΙачев Гъизильюрт мухъалъул нухмалъуде тΙамулев вукΙиналде.
Талат къоялда Рамзан Къадировас бакΙарана Чачан республикаялъул тΙабигΙиял сурсатазул ва тΙабигΙияб гΙалам цΙуниялъул министерлъиялъул тΙоцебесеб данделъи. Гьеб идара гьес гΙуцΙана цебесеб анкьалда. Гьелъул нухмалъуде тΙамуна МахΙамадов Лема. Республикаялъул бетΙерасул пикруялда, гьеб идараялъул бакΙалда букΙараб комитеталъ проблемаби рагΙалде рахъинарулел рукΙинчΙо. Комитеталъе щвалде щун жиндирго хΙалтΙи гьабизе гΙарац гΙолеб гьечΙолъиялъул хΙужжа гьес загьир гьабичΙого тана.
2005 соналда Алу Алхановас тΙабигΙияб комитеталъул нухмалъуде тΙамун вукΙарав Шахтимиров ГΙиса рикΙкΙунев вукΙана жиндирго иш лъалев махшел кΙудияв специалистлъун.
Лиз Фуллер: «Мисалалъе босани, гьаб анкьалда жиндирго кΙвар Къадировас буссинабураб кΙиго проблемаялъул ай нарт бахъулел бакΙал чуруклъиялъул ва рукΙа-рахъиналъулгун индустриалиял хΙутΙелазул проблемабазул, суалал Шахтимировас рорхизарун рукΙана кΙиго соналъ церего. ЛъагΙалида жаниб Чачан республикаялда бакΙарула рищнидул 300 азаргогΙан кубометр. Гьелъул гьитΙинаб бутΙаялъулцин утилизация гьабуларо республикаялда. КинабгΙаги хΙаракат бахъулеб гьечΙо, гьелда гъорлъа экологияб рахъалъан хΙинкъи бугел хутΙелал ратΙа гьаризеги.»
Гьединал проблемаби загьирлъулел рукΙаниги, Къадировас жакъа аслияб кΙвар буссинабулеб буго рохьазде. ЦΙиял гъутΙби чΙезеянги абун, гьес ахΙулел руго рохьалъул 50 азарго гектар къотΙиялде.
Къадировас рехсолеб гьечΙо гьеб рохь къотΙизе кколел бакΙал. Амма гьеб цебелъеялъ ракΙалде щвезабулеб буго Ι9 гΙасруялда пачаясул рагъулаз терек гΙоралъул рагΙаллъабазда рухΙарал рохьал. Идараялъул цΙияв бетΙерасул рагΙабазда, гьеб план гΙумруялде бахъизабулеб бугони, соналда жаниб къотΙизе кколеб рагΙула цΙулалъул кΙиго миллион кубометр.
Къокъаб перспективаялда гьеб букΙине бегьула кΙудияб хайир кьолеб гали. Амма халатаб перспективаялда гьелдаса букΙине бегьула кΙудияб зарал, гьелъ багъаризабула ракьул эррозия ва щобазул ччукΙи. Гьединаб къагΙидаялда гьелъ бижинабула хасал хъулухъазда цеве хΙалтΙулев вукΙарав МахΙамадовас рагΙалде рахъинаризе кколел цΙиял экологиял проблемаби.
Гьаб анкьалда лъазабулеб букΙана, гъалгъазул Рищиязул комиссия байбихьанила республикаялъул бетΙер вищиялде хΙадурлъизеян. Гьел рущиял рукΙине ккола 8 сентябралда. Амма гьанжеги мухΙканго лъалеб гьечΙо, рукΙине ругищ республикаялда кинабго халкъ гΙахьаллъарал рищиял яги рукΙине гьечΙищ. Гьелдаго цадахъ ingushetiyaru.org сайталъ лъазабулеб буго, республикаялда тΙобитΙулеб бугин президентлъун вукΙарав Руслан Аушев гьел рищиязда гΙахьаллъиялде ахΙулеб петициялда гъоркь гъолбасал ракΙариялъул кампания тΙобитΙулеб бугин.
58 сон барав Аушевас гьединаб инициативаялда хурхун киналгΙаги комментариял гьанжеги гьарун гьечΙо. Гьанже нухмалъуда вугев Юнус-Бек Евкуровас инкар гьабун букΙана, кΙиабилеб нухалда кандидатура лъеялда хурхараб суалалъе жаваб кьезе. Амма Владимир Путиние гьев цойги нухалда хъулухъалда хутΙи ракΙалъе гΙезе бегьулин, риккунеб буго цо-цо экпертаз, Евкуров хасал хъулухъазул чи вукΙин ракΙалдеги босун.
Лиз Фулллер: «ТΙоцебесеб нухалда гуреб гΙодосан хΙалбихьулеб бугеб Аушев республикаялъул бетΙерасул хъулухъалде тΙад вуссинавизе. Зязиковасде данде пикру республикаялда завалалде щун букΙараб 2008 соналъул риидал, гьединаб хΙажа тΙоцебе ккун букΙана республикаялда. Амма гъалгъазул оппозициялъ цинтΙаго нахъе ахΙана Аушевасул рахъ кквеялъул жидерго гъулбасал, 2008 соналъул 3Ι августалда оппозициялъул лидер МахΙамад Евлоев чΙваялда хадуб Аушевас зигара бачΙого теялда хурхун.»
Шималияб Кавказалда гьаб анкьалда бищунго сенсациялъулаблъун ва ракΙалда букΙинчΙеблъун риккине бегьула МахΙачев ХΙажи Гъизильюрт мухъалъул бетΙерасул ишал тΙуразарулевлъун тΙами. Хасавюрт ва Гъизилюрт мухъал ккола исламистазул хΙаракатчилъи бищунго загьирлъулел мухъал. Логикаялда рекъон, МахΙачев гьениве нухмалъизе тΙами риккине бегьула икъбалал щолареб хΙалтΙиялде гьев тΙами ва чанго моцΙалдаса гьев хъулухъалдаса нахъе вахъизе бегьула, цо-цо экспертазул пикруялда.
Лиз Фуллер: «МахΙамадсалам МахΙамадовасул гьедигΙан ццим бахъине ккани, щиб гьабун букΙине кколеб МахΙачевас? Рес буго гьелъие гΙиллалъун республикаялъул бетΙерасул хъулухъалда гьев хисизе бегьулел гΙадамазул сияхΙалда МахΙачевасул цΙарги «Кавполит» сайталъ рехсей букΙиналъул. «Политикияб болъоялда гьев гъоркье гали гьабизе тΙамиялъе» кинабгΙаги баянаб, багьана бичΙчΙинабулеб цогΙаги комментарий гьечΙо гьанжеги интернеталда.»
Цебесеб моцΙалда РИА «Дагестан», сайталда бахъараб макъалаялда кΙвар буссинабун букΙана МахΙачевас гьабураб кΙиго лъазабиялде. ТΙоцебесеб хурхараб букΙана мухъазул бутΙрул кΙиго болжалалъ гурони хъулухъалда рачΙине рес кьунгутΙиялда хурхараб. Гьединаб къанун къабул гьабун хадуб, гьелъул тΙоцевесев къурбанлъун вахъине бегьулаан тахшагьаралъул мэр СагΙид ГΙамиров. КΙиабилеб цебелъей хурхараб букΙана Дагъистаналъул рухΙияб идраялда реформа гьабизе бугеб къварагΙелалда. Гьелъ баккизабизе бегьула республикаялъул муфтий ГΙабдулаев АхΙмад-ХΙажил компетенциялда, махшелалда хурхараб суал.

Лиз Фуллер,
Шималияб Кавказалда сверун эксперт
Шималияб Кавказалда сверун эксперт