«Дунялалда жужахI батани, дун гьенив вугоха» (2 бутIа)

«Дица жужахIалдаса ахIулеб буго», - ян абуна сардикь дихъе телефоналдаса ахIарав чияс.

"ЖужахIалдаса" ахIи

47 сон барав Мовсар гIахьаллъана Чачаназул тIоцебесеб рагъада. Гьанже гьев вуго къвакIараб режималъул туснахъалда 24 сонги бихьизабун. Терророизмалъул, пачалихъалъул гIуцIиялъул кьучI ва Россиялъул Федерациялъул тIолголъи хвезабизе хIалбихьиялъул гIайибал гIунтIизаруна гьесде. Гьединалго гIайибал гIунтIизаруна Чачаназул кIиабилеб рагъул зачисткаби гьарулеб мехалда ккурал аза-азар чиясдеги.

Мовсарил ракI хун гьечIо, дандечIей гьабиялда. Гьес абулеб буго, жиндир ракI хун бугин Хасавюрталъул къотIи-къаялдаса хадуб республикаялъул политикияб гIумруялда гIахьаллъиялъул бакIалда, биххараб инсул рукъ цIидаса баялде вуссиналдассин. ТIоцебе рукъ баялъе бакI, территория буссинабизе кколеб букIанин хIинкъи гьечеб кIагIидаялде буссинабизейин, абулеб буго гьес.

27 сон барав гIолохъанчи Грозный цIунизе ана инсул басрияб автомобилалдаги рекIун I994 соналъул декабралда. Гьениве унеб мехалда нухда кафеялдаса тахшагьар цIунулезе гьес босана гIемер нисучед ва чаялъул чанго термос. Автомат ва ретIа-къай гьесие щун буго хадусеб къоялда.

Дудаевасул армиялъе бокьун букIун гьечIо гIадатиял чачаназул гIумру хIинкъиялде гъоркье бачине. Гьединлъидал гьезда тIад къалеб букIун буго гIицIго лъукъаразе кумек гьаби, квен-техх ва лъим чIезабиялъе кумек гьаби.

Бомбаби ран, артиллерия хIалтIизабун, Россиялъул рагъул къватазде дандечIарал чачаназул къокъаби тахшагьаралдаса нахъе ине ккараб мехалда, Мовсар гьел къокъабазде гъорлъе лъугьун вуго.

Мовсар: «Дица дирго ракь цIунулеб букIана оккупантаздаса. Россиялъул президент Борис Ельциница официалияб къагIидаялда абун букIана гури, нужедаго «къулчIизе» бажарулеб гIанаб суверенитет босейин. Гьелеха, гIемер гIасрабаз хIакъир гьарун рукIарал чачаназ хIукму гьабун букIана, Россиялдаса ратIалъизе.

Ниж цогIаги нухалда кьвагьдечIо Россиялъул территориялда. Нижехъе рачIана ярагъгун, нижецаги гьел дандчIвана ярагъгун. Гьел музыкагун нижехъе рачIун рукIарабани, нижецаги къватIире рахъилаан бакънал рачунел алатал. Дир гьабсагIатги ракI чIараб буго, ниж Россиялъул пачалихъияб терроризмалде данде рагъулел рукIараблъиялда».

Маскаби хурал рагъулал рачIун руго гьесда хадур 2000 соналъул 26 февралалъул квачараб радал. Берцинго макьуялдаса ворчIичев гьев, вехъерхъун, бигIунеб гIазугун хIарщул цIураб азбаралде реххун вуго гьев.

Хъалиян бухIулаго, Мовсарил бетIер чакмаялъ гIодоб цун чIезабун вукIарав рагъулас речIана хIапдолеб букIараб гьоялда. «Чачаназул хIайван! Дуцаги кIал рагьичIогойин бегьулареб?!» - янги абун, гьес сигарета ссинабун буго Мовсарил ботIрода. Гьеб бакIалда гьанже гьесул рас бижунеб рагIуларо.

Мовсар: «Добго заманалда, рагъулаз чIухь балеб букIана, ярагъ балагьулаянги абун. Щибниги батичIо. Лъидасаниги балъголъи гьабичIого, гьезул цояз бачIана бронетранспортералдаса жанисан яргъил цIураб таргьа. Гьеб гIодобеги чIехьо, гьез цIезаруна дида тIад жидерго документал».

АхIдун гIодулей эбелги, лъадиги, кIиго гьитIинаб лъимерги тун, Мовсар гьез реххун вуго машинаялда тIад рукIарал квералги хIатIалги рухьарал цIорорал, ретIел тIад букIинчIел, жаназабазде тIаде. Гьедин гьев вачун ун вуго. Цадахъго гьез ун буго рукъусан кIудияб халича, хъузмил хьагал ва рукъалъул гъоркьбакIалда рукIарал охцеразул банкаби.

Мовсар: «Нух халатаб букIана, гIемер заман бахъана нухда. Ахир-къадги щвана пуланаб рагъулазул базаялде. КIигояв вахана машинаялъул кузовалде тIаде ва брезент хьибилалдеги гьабун, гьез байбихьана «ромашка» хIазе, ай, хваралги чIагоялги ратIа гьариялъул «хIалтIи». ТIоцебе гьез бугебщинаб къуваталда мал бахинабулеб букIана щивасул чохьолъ. Угьдарав тун, чIаго вукIиналъе ишара гьечIел гьез реххулел рукIана машинаялдаса гъоркье. ТIаде балагьун бихьулеб букIана, гьединаб «хIалтIи» гьез тIоцебе гьабулеб букIинчIеблъи.

ЧIагояв дунги цогидав гIолохъанчиги тун, тIокIав щивниги ватичIо. Гьесул цояб бер чIегIерлъун букIана ва гьумералъул гъоркьияб рахъ гъуризабун букIана. Бидуца седон рукIарал кIутIбиги рагъаризарун, гьес хIалбихьулеб букIана цо жо абизе. Амма, гьеб заманалда цояс дида кьабуна автоматалъул гъундагъ ва дун лъавудаса ана. Гьев вас дида тIокIав вихьичIо. Гьев хун ватила. Дун лъавуде вачIана я эхетизе, я вегизе, я гIодов чIезе берцинго рес гьечIеб маххул клеткаялда жанив. Гьелда жанив дун гьез ккуна лъабго гIанаб анкьалъ».

«Дун гьеб клеткаялда жанив вукIунаан нилъуги каранда цузабун, накабиги гIундузул даражаялде щоледухъ сукIизеги гьарунин», халат бахъинабулеб буго жиндирго калам Мовсарица. Гьесулго рагIабазда, туалеталде гьел риччалел рукIун руго цо нухалда. ЦIакъ квачарабги букIун буго.

Мовсар: «Дие хвезе бокьун букIана. Жалго клеткабиги гьезда жанир гIадамалги цакъ гIемер рукIана. Щибаб бащдаб сагIтидаса, хъаравулзаби хьвадулел рукIана ва гьез бакIаб махх кьабулеб букIана гьел клеткабазул тIасияб рахъалда. Гьениб кьижизени щаб, цоги жоялда тIад ургъизецин рес букIинчIо. Клеткабаздаса жаниса рачун унел рукIана цо-цо ккун ва гьикъа-бакъи ток кьабизабун гIазаб кьун гьабулеб букIана.

ВачIунев вуго хъаравул. Рагьулеб буго гьеб клетка. Гьенисан чи хехаб къагиIдаялда къватIиве кIанцIизе кколев вуго ва веке-векерун ине кколев вуго. Узухъда, кIичIварав дида кIолищха хехго вахъине, векерун иналъулни, бицинего бицинаро. ЦIакъ вахIшиго рухунел рукIана. Мун гIодов речIани, дуде тIаде гьаби риччалел рукIана.

Сурав босулеб мехалда суал букIана цо: «кив вугев Масхадов?» Лъалеб букIаниги, абилароанха. Нижедаса тIалаб гьабулеб букIана рагъулезул яги рагъулел рукIаразул цIарал. Гьез гъецIаз тIом ва малъаби тIезарулел рукIана. Боххалги рухьун дализарулаан, ботIрода пластикалъул пакетги лъун, гьенибе жанибе сигареталъул ккуй биччалаан. Регъеялъул алаталъ угъдул рухIулаан.

Лъел цIезабураб пластикалъул шишаялъ ургьисал ругеб бакIалда кьаби кколеб букIана бищунго «бигьаяб» гIазаблъун. Гьез ниж ретIелги бахъизабун рачунаан къватIире ва шлангалдаса лъин тIолаан нижеде. Гьез ниж рачунел рукIана гIанкъизаризе. Лъавудаса араб мехалда, гьез нахъе рахъалаан рухьеналдаса. Гьедин чанго нухалда. Хадуб лъавуде рачIараб мехалда гьез киналали лъаларел иньекцияби гьарулаан».

Клеткабазда жанир холел рукIун руго чанго чи цадахъго. ЧIагояз хварал гьенисан къватIире рахъизе кколел рукIун руго. Хваразул рекизарурал кверал, боххал, къотIарал гIундул, рекизарурал нилъаби рукIунаанин. Гьезул черхал чIегIерал рукIунаанин, рухиялдаса ратилин, абулеб буго Мовсарица.

Мовсар: «Гьез ниж тIамулаан гьезул жаназаби тIатIала соккизе ва гьезда гьоркьор кьвагьулел алатал лъезе. Кьвагьизарурал жаназабаздаса хутIулел рукIана малъаби, цаби ва хIур. Гьез гьеб иш гьабулеб букIана «гьечIо жаназа - гьечIо такъсирияб иш» абураб принципалда рекъон».

Марталъул ахиралда киналго клеткабаздаса къватIире рахъун, щвезарун руго пуланаб бакIалде, майданалде.

Мовсар: «Рагъулал цIакъ цидахъун рукIана. Берцинго тIад ретIелцин букIинчIел ниж эхетизаруна мухъ гьабун. Кколеб букIана гьез мугъзалъ речIчIизе батилин. Нижеда лъазабун букIинчIо ниж минаби лъураб майданалъул рагIалда рукIиналъул хIакъалъулъ. Гьеб мехалда арестантазул цояв веке-векерун ана цевеххун, гьезда хадув рагъулал ине хIинкъана. Ниж киналго гьез къотIана гьесда хадур. Гьеб мехалда байбихьана кьвагьиял. Ниж бидуца цIуна гьебго заманалда. Кьвагьаразул черхазул бутIаби рортулел рукIана нижеде тIадеги аскIорги. ТIоцеве цеве арав чIечIого векерахъдулев вукIана. Дида кколеб букIана галюцинация гьеб кинабго бугин. Дун цеве унев вукIана аллагьасде гьардолаго. Цо заманлда кьвагьиялъул асар дидеги щвана. Кьвагьана аскIов унев вукIарав чи. Дун лъукIана».

Майданалда кьвагьиял гьоркьор къотIун хадуб, гьенибе биччан буго чачаназул кIиабилеб иргаги, гьенир минаби гьечIеблъи мухIканлъизабиялъулги жаназабазул хутIелал ракIариялъулги мурадалда.

Мовсар: «Дицани тIадегIанасдаса гьарулеб букIана хвел. Амма щаялиго дун чIаго хутIана. Клеткаялде жаниве дун тIокIав реххулев вукIинчIо. Ругъналги унтулел рукIана, дица гьел чурулел рукIана гьекъезе бачIунеб лъеца. РакIалдаги гьечIого анкьидаса дун витIана Чернокозовоялде. Гьенивги дун вухунев вукIана. Гьенисан витIана Пятигорскалде. БукIана диваналъул процесс. Дие кьуна туснахъалъул 24 сон».

Гьанжеялде Мовсарица туснахъалда бахъана I3-ялдаса цIикIкIун сон. «ГIазаб кьолеб букIараб бащдаб сон диваналъ рикIкIинчIин», махсаро гьабулев вугоан Мовсар.

ЭР. - Кин дуда хIехьезе кIвараб гIазабги, ракъиги, къечIейги, квачайгийн?

Мовсар: «ТIадегIанасда лъала. Дунни цевего хванаан, гьанже дун дов цеве вукIарав чи кколаро. Дунялалда жужахI батани, дун гьенив вугин абизе бегьула гьанже».

Мовсар ккола жив къуркьизавизе бажаричIев чачаназул цояв. Гьев разилъулев гьечIо туснахъалъул адмиинистраторазул чурукал тIадкъаял туразаризе. Гьес кинаб гIаши аппелиция хъван гьечIо ва кинал гIаги гьариял гьарун гьечIо, гьесул хьвада-чIвади релъараб рагIула, гьенисан чIаго къватIиве ворчIулареблъи лъалев чиясул.

Цебесеб соналъул августалда гьесухъе рачIун рукIун руго ФСБялъул хIалтIухъаби, гьез гьесда бицун буго Рамзан Къадировасул «гучам салам», цебелъей гьабун буго Украиналде Россиялъул рахъ ккун вагъизе иналъул. Гьелъухъ мун эркен гьавизе вугин рагIи кьолеб букIун буго гьесие. Амма гьес бищун буго туснахъ. Араб соналъул августалдаса Мовсарилгун бухьен тIубанго билана дир.

Гьез жалго рикIкIунел руго къисматазул бетIергьабилъун

Россиялъул туснахъазда хъулухъ гьабулезул кIудияб къадар рагIула контракталдалъун рагъулаб хъулухъ чачаналъ гьабулел рукIарал гIадамал. Гьеб хIужжаялъ хасаб лъалкI толеб рагIула гьезул хIалтIуда. ГIазаб кьеялъул, психологияб тIадецуй гьабиялъул къагIидаялда гьез гIамал гьабулеб буго жидерго къиматалъул даража борхизабизе ва карьераялъул болъоялдаса тIаде ине.

Дие битI ккана, дунгун кIалъазе разилъана гьоркьохъеб хъулухъалъул туснахъалъул хIалтIухъан. Гьев жиндирго коллегабазда релъарав гьечIо. Гьесул лъикIав инсанасул ихтиярал цIунулев лъугьине бегьулаан. Амма гьес рикIкIунеб буго жиндаса цIикIкIараб пайда букIине бугин зазхараб кварида нахъ ругел сахал гIадамазейин гьенив хIалтIулагойин.

Нижер гара-чIвари байбихьилелда цебе гьес кIвар буссинабуна, жинца жиндирго хIакъаб цIаралъул, хъулухъалъул ва туснахъ бугеб бакIалъул балъголъи гьабулеб букIиналде. Гьединлъидал гьесде дица Алексейин абулеб буго.

ЭР. – Чанго моцIалъ мун разилъулев вукIинчIо кIалъазе. Гьанже сунца яги лъица дуде асар гьабун бугеб?

Алексей: «Дир гIумруялда гIемер букIана ритIукълъи, гьеб ккола хьибилалдехун кIанцIун рорчIулареб гор-свери. Дида бичIчIана, дидасаго байбихьизе кколеб букIин. Дидаги гIайиб гьечIин, дица абиларо. Дие бокьун буго дирго гIайибазул квешлъиялъул бакIалда лъикIлъиги гьабизе.

ЭР. – Туснахъалде хIалтIизе кин мун вачIарав?

Алексей: «Кинин гьеб абилеб,... чачаналъанищ абилеб? Чанго нухалда дун гьениве витIун вукIана кIиго-лъабго моцIалъе. Дун милициялде лъугьана армиялдаса хадув – цоги хIалтIи нижер шагьаралда букIинчIо. Милициялъ контракталда рекъон, ниж ритIулел рукIана Чачан республикаялде.

Психологияб хIадурлъи букIана цIакъ мухIканаб. Дунни тоIцеве вукIана, кидал дун гьениве щолинги абун, бокьун букIана гьенир киналго гъуризе. ХIакъикъаталдаги гIемер заман гьелъие къваригIинчIо. ГIахьаллъана террористал ккоялъул операциялда.

Хвалде щоледухъ рухарал «террористаздаго» цадахъ гIолохъабаз баччулеб букIана гьезул буголъиги, цо-цо нухалда автомобилалцин. Нижер тIалъиялъ гьелде берал къалел рукIана. Гьенисан нахъе руссарал, нижгун хадур психологал хIалтIулел рукIана. Гьез ниж гIодоре риччазарулаан.

Дунни килисаялдеги ана, кашишгун данчIвана. Яги дун досда вичIчIинчIо, яги дида гьев вичIчIинчIо… Хадуб дица дидаго абуна, бичIинабизе кколин, щиб гьеб чачаналъ бугебали ва щай чачанал рагъулел ругелали. Библиотекалде ун тахьал росана, гIемер информация интернеталда батана. Чачаналъе иргадулаб нухалда нухаве вахъулеб мехалда, дун унев вукIана чIван къотIун батIиял пикрабигунги бербалагьигунги.

ЭР. – ГIемер ругищ дуцаго гIадин гьединал суалал жидеего кьурал контракталъулал?

Алексей: «ГьечIо цогIаги. Лъаларо, диде цогIаги данде ккечIо. Инсан хIакъикъаталдаса ватIалъулев вуго бокьа-бокьараб гьабизе рес бугеб ва жавабчилъи гьечIеб мехалда. Цадахъ хъулухъ гьабулезда ва нухмалъиялда цебе дица киданиги бихьизабичIо, тIалъиялъ рикIкIунелдаса батIияб интерес дир букIин.

ЭР. – Мун кидал кантIизе байбихьарав?

Алексей: «Сатропромысловский мухъалда ниж рахъана къватIире боевиказе кумек гьабулев абулев чи кквезеянги абун. Гьединасул хIакъалъулъ нижехъе информация кьуна цо чачанав-информаторас. Гьединазде нижеца «гважиян» абула. Щвана абураб бакIалде – щивниги ватичIо. Гьабуна гъоркьчIел. ГIураб заман бахъана – щивниги ваккичIо. Ракъун, квачан рукIарал гIолохъабаз хIукму ккана, мадугьалзабазда бецIизабизе. НуцIаги гъуризабун, ахIдилаго, чурукал рагIаби рикIкIунаго жанире лъугьана пуланаб квартираялде. Квартира букIана бацIадаб, тIокIлъи гьечIеб. Гьенир рукIана 50 гIанаб соналъул гIелалъул чIужугIадан ва гIолохъанав вас. Гьев вукIун вуго гьелъул вас, гьесул гьумерги букIана кьер араб. РукIана гьесул кIудиял бералги, берцинго хараб чIегIераб расги. Гьев хьибилалда вегарав гIадин вукIана диваналда. Эбелалъ гьесие кваназе кьолеб букIана бугьуналдаса. Нижеразда ккана гьев лъукъарав боевик вугин, гьей чIужуялъ гьесие кумек гьабулеб бугин.

«Вахъа тIаде! Вусса къедалде, гважи! Кверал лъе ботIрода нахъ! ХIатIал хъитIизаре, хех гьабе!», абун гьел ахIдолеб мехалда, чIужугIадан яхъана, ахIвал-хIал бичIунарел чагIазде гIадин, нижехъги балагьун, абуна, жиндир вас инвалид вугин ва гьеб тасдикъ гьабулеб документги бихьизабилин.

Гьеб мехалда гьев васасул эпилепсиялъул реакция загьирлъана. Амма дир коллегаби руссана гьесде, цIана гьев чIабаралде ва байбихьана малал разе. Эбел реччана гьезда тIаде. Амма кьабиялъ, гьей йоржун гIадин къадалъ речIчIизаюна. Гьелъул васасул гIундуздаса ва кIалдиса би чваххана, берал гIатIидго тамашалъараб къагIидаялдаго рагьун хутIана.

Гьезул жаназабазда тIасанги лъугьун гьел кванил рукъуре ана. Гьенисан босана кваназе бегьулебщинаб. Хадубги гьез чвадари халат бахъинабуна. Доб къоялда гьеб къокъаялъ гьеб бакIалда тана къогоялдасаги цIикIкIун жаназа, жидерго рукъоса цадахъ вачун ана 25 гIолохъанчи… Дун цIакъ нечон вукIана, дир ракI унтулеб букIана. Дица щивниги чIвачIо, амма дун гьезда цадахъ вукIана, дица гьезие квал-квал гьабичIо. Хадуб дун тIокIав инчIо гьединаб группаялда цадахъ кивениги.

ЭР. – Щай дуца дуего ракIалъе гIолареб хIалтIи толареб?

Алексей: «Гьедина галиялде лъица дун виччалев?! Гьеб мехалда дун хола «яги рокIол унтудаса» яги гьез балагьула компромат. Цогидаб рахъалда балагьани, инсанасул ихтиярал цIунулесда кIоларо, дица жанире ругезе гьабулеб гIадаб кумек гьабизе.