Шималияб Кавказалъул курортал церетIезариялъе 3 млрд доллар кьезе ракIалда буго Китаяла. Гьединаб къотIиялда гъоркь гъулбас лъун буго дагьаб цебе Пекиналда китаялъул DaIian Wanda Groupалъ ва «Шималияб Кавказалъул курортал» абулеб акциячагIазул рагьараб гIуцIиялъ. Рехсараб гIуцIиялъул нухмалъулев Билалов АхIмадица «Коммерсант» газеталъе бицахъе гьеб гIарцул аслияб бутIа ине буго экономикаялъул рахъалъ эркенаб зона гьабизе ракIалда бугеб Дагъистаналъул Каспиялъул гIодоблъиялда ругел мухъаздеги, Сочигун Архыз шагьаразеги.
Жакъа Китай буго дунялалдаго цере тIурал улкабазул цояб. Гьелъ инвестициял гьарулел руго Африкаялде, Латиназул Америкалде, Гьоркьохъеб Азиялде. Гьединлъидал Шималияб Кавказалъул курортазеги гьелъ гIарац биччалеб букIиналда гIажаиблъи гьабизе кколаро.
Гьедин рикIкIунеб буго Сергей Санакоевас. Гьев ккола дармилгун-экономикияб рахъалъ рекъонхIалтIиялда сверун Россиялъулгун-китаялъул централъул нухмалъулев.
Китаялъ экономикияб экспансия гьабулеб бугин рикIкIунезда жинца абилин Шималияб Кавказалда бакIал ран лъугIарабго китаялъулал ватIаналде тIадруссине ругин ва гьезухъ щибго хутIизе гьечIин тIадеги жубан буго гьес Коммерсанталъе.
«Шималияб Кавказалъул курортал» абулеб акциячагIазул рагьараб гIуцIи гьеб ккола Шималияб Кавказалда туристикияб кластер цебетIезабиялъул оператор.
Рехсараб гIуцIиялъул хIалтIи бараб буго мугIрузда хъещтIеялъул, ралъадазул рагIалазда хIухьбахъиялъул ва даруял лъимазул курортал церетIезариялда. Гьебги Шималияб Кавказалъул федералияб мухъалда, Краснодар икълималда ва Адыгея республикаялда.
Дунялалдаго чIахIиязул цояблъун кколеб мугIрузда хъещтIеялъул кластералде гъорлъе уна
Краснодар икълимгун Адыгеялда бугеб Лагонакиги,
Гъарачайгун-Чергессиялда бугеб Архызги,
Гъабардагун-Балкарияда бугеб Эльбрус-Безенги,
Шималияб Гьириялда бугеб Мамисонги,
Дагъистаналда бугеб МакьастIаги.
Гьел трассазул гIаммаб халалъи бащалъулеб буго 900гIан километраялда.
Гьал къоязда Дагъистаналда тIобитIулеб букIараб экономикияб форумалда гIахьаллъулев вукIана бакI-бакIаздаса вачIарав I500гIан чи. Гьениб россиялдаса делегацияздаго цадахъ рукIана II батIияб паччалихъалдаса делегацияги.
Регионалъул бетIер МухIамадов МухIамадсаламил рагIабазда рекъон араб соналъ Дагъистаналъул экономикаялде гьабрун руго I35 млрд гъурущида бащадал инвестициял.
Республикаялде инвестициял аслияб къагIидаялда дагъистаналдаса бечедал гIадамаз гьарулел ругин, къватIисел улкабаздаса инвестициялги гьенире гьезул баракаталдаса рачIарал ругин бицана Эркенлъи Радиоялъе дагъистаналъул щибаб анкьилаб «Новое Дело» газетаялъул мухбир Меламедов Андрейица.
Меламедов Андрей: «Жакъа Дагъистаналда нилъеда бихьулеб бугелъ бицунеб буго гьанир кинаб букIаниги кIвар бугеб инвестициязул проектал дагъистаналъул кинав вукIаниги миллиардерасул яги тIалъиялда вугев чиясул цIаралда хурхарал рукIин.
Дида ккола гьеб кинабго байбихьанин миллиардер Керимов Сулейманидасанин. Гьесда хадурго рачIара республикаялде цоги гIарац бугел дагъистаниялги. КъватIисел улкабаздаса инвесторалги гьез рачIарал руго. Гьезул цIаралгун рачIунел руго гьел инвестициял. Гьел проектазда гьезул бутIаги буго.
Цо-цо проектал гIицIго гьезул гIарцуде гьарулел руго. Гьединлъидал проектазул цIикIкIунисеб бутIа, хасго чIахIиял проектал-гьел хурхарал руго дагъистаналъул кIудиял бизнесчагIазул цIаразда».
Балъголъи гуро Каспийск шагьаралда цIер гьабулеб завод Керимов Сулейманил проект букIин. Гьесго лъазабуна МахIачхъалаялъул аэропорт гIатIид гьабиялъеги инвестициял гьаризе ругин. Гьединго гьес инвестициял гьаризе руго "ЦIияб шагьар" абулеб проекталъеги, МакьастIа мугIрул курорталъеги.
Дагъистаналдасан Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат ГIумуханов ГIумаханица гIуцIараб "ДагАгроИталия" абулеб агрохолдингалъул проекталъул гIурхъабалъ ижаралъе росулел руго Ставрополь икълималъул ва Калмыкиялъул ракьал. Гьениб кIикъо-кIикъого соназ гIухьбилъун руго аслияб къагIидаялда дагъистаниял.
Ахирисел соназда гьенир раккун рукIана гIухьбузда ва бакIазул администрациязда гьоркьор рагIирекъонгутIиял. ГIухьбузе ва гьезул хъизамазе гьабулеб букIинчIо прописка ай регистрация. РукIана гьенир ракьазда хухун къецалги.
ТIадехун рехсараб проекталъул гIурхъабалъ абуни, гьанже кIиябго субъекталда базе буго гьанал нигIаматал гьарулеб кIиго комбинат. Гьедин дагъистаналдаса бизнесчи ва гьелдаго цадахъ Думаялъул депутатас инвестициял мадугьалихъ ругел республикабаздецин гьарулел ругин бицана Меламедовас.
Цебе бицунаан Дагъистаналде инвестициял гьаризе бокьаразеги гьеб рес кьолеб букIинчIин бакIалъул хъулухъчагIаз жидеего бутIа тIезабичIого. Гьел тIадехун рехсарал проектазда сверун рукIине рес бугищ гьединал тIалабал?
Меламедов Андрей: «Гьедин бицунеб букIун батила цоги кинал рукIаниги проектазда хурхун, амма дица бицен гьабулел проектазда нахъа руго бокьараб даражаялда жидерго мурадалги жидерго гъурущги цIунизе гIураб машгьурлъиги бажариги бугел гIадамал. Сундухъ букIаниги кьезе кколареб гIарац гьезда кьезабиги, дида ккола, гьеб бигьаяб масъала гурин».
МакьастIа базе бугеб курорталъе цо Керимовас гуребги россиялъул хIукуматалъги кьезе бугин 40 млрд гъурущ. Амма гьеб проект рагIалде бахъине букIиналда жиндир кIудияб щаклъи бугин, щайгурелъул гьенибе биччалеб гIарцул цо хважаин гьечIин ва гьенир гьаризе кколел хIалтIабиги жибго курорт баялда гуребги нухал гьариялдаги, петералгун кафе-ресторанал раялдаги, гьенибе лъимгун электроэнергия бачиналдаги, хIатта гьениб туристазе гьабизе бугеб сервисалдаги бараб ай батIи-батIиял рахъазде бикьараб букIунин бицана журналистас.