Гъалгъазул республикаялъул бетΙер Юнус-Бек Евкуровас хасаб данделъиялда лъазабуна, республикаялда хъазахълъи цебетΙезабиялъул бегеб къварагΙелалъул. Гьесул пикруялда, гьелъ кумек гьабизе буго республикаялда низам цΙуниялъул проблемаби рукΙалиде рачине.
«Хъазахъаздаги дружинниказдаги бажаризе букΙана щаклъи бугел гΙадамал тΙатинаризе ва букΙине бегьулел хΙинкъиязул хΙакъалъулъ низам цΙунулел идарабазда лъазабизе. Бугелде тΙадеги къуваталъул пайда буго, такъсирчагΙи ралагьиялъул шансал чанго нухалъ цΙикΙкΙуна.» - ян лъазабун буго Евкуровас Пятигорскалда букΙараб хасаб данделъиялда.
Гьединаб лъазабиялъ бахΙсал раккизарулел руго информалатазда, хасго блогосфераялда. Аслияб къагΙидаялда бусурбабаз гΙумру гьабулеб, гьебго заманалда хъазахъазул цΙакъ гьитΙинаб къадар хутΙараб республикаялда цебетΙезабизе бегьулищ хъазахълъи, абун суал лъолеб буго гьез.
Гъалгъазул республикалъул бетΙерас жамгΙияталда цебе лъураб масъалаялда бан цо-цо блогераз ракΙалде щвезабулеб буго гьаб соналъул апрелалда Аршты росулъ чачаназулги гъалгъазулги низам цΙунулезда гьоркьоб ккараб инцидент. Гьеб хурхинабулеб букΙана чачаназул нухмалъиялъул гъалгъазул территориязда бан ругел претензиязда. Блогеразул цояз рикΙкΙунеб буго, гъалгъалги журан хъазахъазул жамигΙият республикаялда кΙодолъизабизе Евкуровасе бокьун бугин, мадугьалзабазул хьулал дагьлъизаризелъунин. Цогидазин абуни, рикΙкΙунеб буго, гъалгъазул республикаялъул бетΙерас Кремлалъе берцин бихьиялъе гьабулеб гали гьеб кколин.
«Регнум» сайталъул автораз хъвалеб буго, гъалгъал журан хъазахъазул жамгΙият кΙодолъизабизе ккани, къваргΙунин, минимум Терекалъул хъазахълъиялъ Гъалгъазул хъазахъал гьединаллъун къабул гьариян. Гьез тΙоцебеселъулгун гъулбасизе кколеб рагΙула гьоркьорлъаби гΙуцΙиялъул къотΙи къай. Терекалъул хъазахълъиялъе гьеб идея ракΙалъе гΙолеб рагΙуларо республикаялдаса гΙемер хъазахъал нахъе иналде ккезарун ругин абун.
Амма бищунго кΙудиял бахΙсал интернеталда гьанже унел руго гъалгъал кин хъазахъал рукΙунелин, гьел бусурбаби гурищан, суал лъун. Цо босани, хъазахъазул уставалда хъазахъ вихьизавун вуго православияв хритиянин хΙисабалда. Цингигиян абулеб буго критиказ хъазахъал кколин цере кавказалъул халкъазул ракьал рахъизе пачабаз ритΙаразул ирсилалин.
Евкуровасул пикруялъул рахъ кколез абулеб буго, хъазахъазул аскаралда гъорлъ ругин осетиялги, ругин цо-цо гъалгъалгиян. Живго Евкуровас кΙвар буссинабулеб буго гьединго, Дунялалъул тΙоцебесеб рагъул заманалда букΙараб «Дикая дивизия» кавказалъулаздаса гΙуцΙун букΙараблъиялде. Гьесул рагΙабазда, гъалгъазул хъазахъазул жамгΙияталде гъорлъе росизе ккола тΙоцерего, гьеб дивизиялда рагъулел рукΙаразул ирсилал.
Евкуров хъазахъаздехун вуссиналъул гΙилла балагьулез ракΙалде щвезабулеб буго моцΙаз цебе гъалгъазул республикаялъул бетΙерас загьир гьабун букΙараб, чΙван къотΙун батΙияб пикру. Гьеб хурхарабги букΙана Шималияб Кавказалъул республикабаздаса гΙолилаз гΙемер такъсирал гьарулел рунги абун, Краснодаралъул губернатор Александр Ткачевас жидерго территориялда низам цΙуниялъул ишалде хъазахъал гΙахьал гьарулел ругин лъазабиялда. «Черновик газеталъе интервью кьолаго, гьес лъазабун букΙана гьадин:
Юнус-бек Евкуров: «Шималияб кавказалъул республикабаздаса рачΙарал гΙолохъабазул цо-цояз низам хвезабулеб букΙиналде балагьун, Ткачев ккун вуго хъазахъазул къокъаби гΙуцΙиялде. Дица гьелъул рахъ кколаро. Гьелъул бакΙалда пайда букΙинаан полициялъулазул къадар цΙикΙкΙинабуни ва гьел букΙине кколеб къагΙидаялда хΙалтΙизе тΙамуни. Дружинникалин абуни, гьел, божа нуж, контроалалда гъоркь хΙалтΙула кΙиго анкьалъ. Хадуб гьез жидецаго такъсирал гьаризе руго. Гьелде балагьун бегьулеб бугоха батани, метер рагъул къватазул бакΙалда альтернативияб армия гΙуцΙизе. Дида гьеб гъалатΙ бугин ккола. Нагагьлъун Краснодар краялда полициялъулаз документал тΙалаб гьаруни, рагΙи гьечΙого бихьизабила дица. Амма хъазахъал гьедин рачΙани, дие гьеб ракΙалъе гΙезе гьечΙо, дида гьеб квеш бихьизе буго, щайгурелъул гьеб къануналде данде кколаро».