К. Казенин: "Кавказ хьихьизе гуреб кколеб, гьелъие кумек гьабизе ккола."

Шималияб Кавказ цебетIеялъе ургъарал федералиял программаби церетIеялъе квалквал гьабулеб бугин интернеталда ва цогидалъусан гьарулел информациялъул гьужумазин рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз.
Масала, 11 марталда интернеталда баккана Марат Казаков абулев чиясул цIаралда гъоркь хъвараб макъала. Хас гьабун гьелда бицунеб буго «ЮГ России» абураб Федералияб программа рагIалде бахъинабизе кIвеялда щаклъи загьир гьабулеб букIиналъул. Абулеб бугила гьеб программа хIажат гьенчIин, гьелъие гIарацги биччазе кколарин, гьбе программа божун тарал чагIиги гIемер мехалъ хутIуларин жидерго хъулухъазда. Гьедин хъвалеб бугила ахираб заманалда батIи-батIиял информалатаздасан – улкаялда къадруялин рикIкIунел газетазги федералияб цо сайталъги.

Гьениб кьолеб буго Пачалихъияб Думаялъул депутат маркеловасул пикруги. Гьединал гьужумаздалъун пуланал къуватазе къваригIун бугила федералиялги регионалиялги нухмалъулел цоцаде гьусизе. Гьединго геополитикаги хIисабалде босизе кколила. Федералияб программаялде информациялъул гьужумал гьаризе лъугьанила Украинаялдаги ГIагараб Бакъбаккул рахъалдаги ахIвал-хIал хIалуциндал.

Гьеб программа рагIалде бахъиналъе квалквал машгьурав экономист ХIайдарил институталъул докладалъги гьабунин рикIкIунеб буго Марат Казаковасул макъалаялда. Гьеб доклад хIаурун буго гъоркьисала октябралда, информалатазде гьеб рехун буго исана январалда. Гьенир какун руго хIалтIи цебехун билълъинабизе тарал хъулухъчагIи. Гьездалъун демократия цебетIоларин гьедингоги нахъа хутIарал Шималаияб Кавказалъул регионаздаян хъвалеб буго гьениб. «Кавказ кваназабураб гIела» ян абураб ахIи буго Россиялда машгьурлъун. Гьединабго магIна халлъулеб бугин докладалдагиян хъвалеб буго Казаковасул макъалаялда.

Бицен гьабураб доклад хIадурана политолог Константин Казениница. Гьес ЭР-ялъе бицана жидер кимнабгIаги мурад букIинчIин «ЮГ России» яги гьеб тIадкъарал хIакимзаби какизе.

Константин Казенин: «Нижер докладалъул аслияб магIна буго ругел ресалги хIалтIизарун, Кавказалъул экономикаялъе легализация гьабизе кколин абураб. Масала, МахIачхъалаялда буго кIудияб къадаралда хьитал гьарулел чагIи, амма гьезул кибниги хъвай-хъвагIай гьабун гьечIо. Гьебго жо буго росдал магIишаталда хIалтIулел чагIазулги. Ришватаз гъанкъулеб буго гьезул бизнес. Гьединлъидал Кавказ кваназе гьабиялдасаги лъикIаб буго гьеб цебетIезабизе ресал гIуцIи».

Марат Казаковасул макъалаялъе къимат кьолеб буго инсанасул ихтиярал цIунулев Александр Бродицаги. Гьес абулеб буго жив зама-заманалдаса щолин Кавказалде ва гьелъул масъалаби жинда рагIун гурел, рихьун лъалилан. Гьел кколин терроризмги ришватчилъиги гьединго рукIа-рахъиналъул ругел гIунгутIабиги. Амма гьелдаго цадахъ жинда бихьулеб бугин гьел республикабазда цIи-цIиял бакIал ралел рукIинги, нухал рахъулел рукIин, цебетIей букIин. Россиялъул цогидал регионазда цере лъурал масъалаби лъезе бегьуларин Шималиб Кавказалдаян рикIкIунеб буго Александр Бродица. Щайгрелъул гьенир рукIанин рагъалаги ва гIемерал соназ тIатIалаго гьенир рукIанин ришватчилъиги гьединго диниял дандеккунгутIиялги, гьелъ киналъго квалквалал гьарулел ругила цебетIеялъе, гьединго жамагIатазул хIалтIиги бугила нахъе ккун гьединлъидал букIине кколеб куцалъ гIадкамазул рукI-рахъинги экономикаги цебетIезе ккани заманги къваригIунила, федералияб централъул квербакъиги къваригIунила.

Гьединго Александрил Бродил пикруялда рекъон, Шималияб Кавказалъул нухмалъулезулги, низам цIунулезулги, бизнесалъулги, инвесторазулги цадахъ рекъон гьабулеб хIалтIи къваригIун буго.

Марат Казаковасул макъалаялда тIасан хабар ккедал цо-цо дагъистанияз загьир гьабулеб буго гьадинаб пикруги. Гьез рикIкIунеб буго «Юг России» абураб федералияб программа цебетIеялъе кинабгIаги квалквал гьабизе рес гьечIо информациялъул гьужумаз, щайин абуни цебеккунго къабул гьабураб федералияб программаялда щибаб гъурущ кибе хIалтIизабизе бугебали цебеккунго хIисаб гьабун букIуна. Гьел информациялъул гьужумаз квалквал гьабизе бегьула жибго гьеб программа къабул гьаби-гьабунгутIиялъе. Гьедин квалквал букIине бегьула гьеб программа къабул гьабулел федералиял нухмалъулезул бажари гьечIолъиялъеги гьезул ракIбацIцIалъиялъеги.