«Элитабазда» Хлопонин гΙицΙго финансазул лоббистлъун вихьулев вуго

Александр Хлопонин, Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул нухмалъулев

Россиялъул президентасул хъулухъалда вукΙаго 20Ι0 соналъул Ι9 январалда Дмитрий Медеведвас Жанубияб федералияб округалдасан бутΙа батΙа гьабун Шималияб Кавказалъул федералияб округ гΙуцΙиялъул хΙассилалда экономикиялгун политикиял бухьенал рихханила регионалдаян, риккунеб буго «Южный Федеральный» абураб газетаялъул редактор Максим Федоренкоца. Аслияб къагΙидаялда гьесул пикраби данде кколел руго россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, жамгΙияв хΙаракатчи ГΙабдулатΙипов Рамазанилгун.
Ахирисес жиндирго пикру нижер программаялъе загьир гьабун букΙана гьаб соналъул апрелалда информациялъул алатазда кΙиябго округ жубан цоялде буссинабизе бегьиялда хурхун бицине байбихьун хадуб. Гьесул пикруялда, цебе букΙараб Жанубияб федералияб округ кΙибикьиго букΙана кΙудияб гъалатΙ ва магΙна гьечΙеб гали.

ГΙабдулатΙипов Рамазан: "Дица абулебги букΙана, гьанже такрарги гьабила - Жанубияб федералияб округалдасан бутΙа босун Шималияб Кавказалъул федералияб округ гΙуцΙи букΙана гъалатΙ. Щайгурелъул кавказалъул жамгΙияталъул россиялъул жамгΙияталде гъорлъе интеграция букΙине ккола. Дицани гьеб гΙуциялдени Жанубияб федералияб округилан гуреб Шималияб Кавказалъул федералияб округилан абилаан. Щайгурелъул Ростовалдесан гъоркьехун бугебщинаб территория ккола Шималияб Кавказ. Гьеб букΙине ккола цо округлъун, гьеб гьедигΙанго къваригΙун батани.

Гьел округал гΙуцΙиги цого къагΙидаялда къабул гьабулеб гьечΙо политикиял экспертаз. Баянаб жо гьечΙо гьел гΙуцΙиялъ кумекищ яги квал-квалищ гьабулеб бугеб россиялъул жамгΙияталде интеграция гьабиялъул рахъалдасан, россиялъул пачалихъалъул интитут цебетеΙеялъе, экономикияб ва культурияб гΙуцΙияллъе ва цогидалъе. Гьединаб интеграция бугони, гьеб цΙакъ лъикΙ дида бихьула. Историялъул болжалалда Шималияб Кавказалъ гΙумру гьабун буго цо гΙатΙилъиялда, дица абулеб буго гΙаммаб кульутиряб, гΙадатазул, экономикаияб гΙатΙилъиялъул хΙакъалъулъ. Гьеб гуребги, Ι985 соналда Ленинградалда тасдикъ гьабураб дирго диссертациялдасанцин дида ракΙалда буго, Шималияб Каваказалъул къварагΙелазул мурадазул 70-гΙанаб процент гΙумруялде рахъинарулел рукΙана жанисеб интерграциялъул, жанисеб кооперациялъул ресал хΙалтΙизарун. Жакъайин абуни, гьеб дир пикруялда батила Ι2-Ι3 процент даражаялда.

Нилъ руго Жанубияб Федералияб, Шималияб Федералияб округила бицунел. Гьебго заманалда нилъер гΙемерисел кьучΙиял проблемаби рагΙалдени рахъинариялъулни биценцин гьабулеб гьечΙо, гьел цере рукΙараб къагΙидеялдегΙани руссинаризе буго кΙудияб къварагΙел."

Федоренкоца цере гьарун рукΙарал прогнозазда абулеб букΙана, Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул нухмалъуде Александр Хлопонин тΙамуни, регионалда ахΙвал-хΙал хΙалуцине бугин, гьелъие гΙиллаги финансал хΙалтΙизарулел сфераби рикьиялда хурхарал рукΙине ругин. Гьединаб пикруялде Федоренко вачΙун вуго Хлопонинил политикасул хΙалбихьи гьечΙолъи ракΙалде босун ва шималияб кавказалъул «элитабазда» гьев гΙицΙго финансазул лоббист хΙисабалда вихьулев вукΙиналда. 400 миллиард гъурщил «туристикияб алжан» гΙуцΙиялъул хΙакъалъулъ чΙечΙого бицунелъ федералияб бюджеталдасан давла щвеялда хурхарал иргадулал баталиязде рачунгурони, гΙолохъабазда гъорлъ гьабин абизе бегьулеб энтузиазм бижинабичΙин ва гьанже щибаб къойилгогΙадин загьирлъулел кьвагьиязул политикиял ва диниял хΙаракатчагΙи тагΙинариялъул фоналда Хлопонин кΙалги къан чΙун вукΙиналъги бихьизабулеб бугин гьесда регионалда загьирлъулел процессал берцинго бичΙчΙунел гьечолъиян хъвалеб буго авторас.

Экспертасул пикруялда, гΙагарисеб бащдаб соналда жаниб террористияб хΙаракатчилъиялъул даража тΙаде ин халат бахъинеб буго регионалда. Гьелде балагьун президент Владимир Путин кадрабазда хурхун ине бегьула стратегиял галабаздецин. Гурониян абулеб буго Федоренкоца регионалда бугеб политикияб дестабилизациялъ хΙинкъи баккизабизе бегьула Сочиялда 20Ι4 соналда тΙоритΙизе планалда ругел хасалил Олимпиял хΙаял.

Хлопониница Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул бетΙер хΙисабалда гьабураб хΙалтΙуе машгьурав жамгΙияв хΙаракатчи Набиев ГΙисалмахΙамадица кьолеб къиматалъухъ гΙенекке гьанир.

Your browser doesn’t support HTML5

Набиев ГΙисалмахΙамад