Рамазан моцΙ: ТΙадегΙанасул цΙобалде хьулгун

Дагъистаналъул рухΙияб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ГΙумаров МахΙамад-Расулица нижер программаялъе лъазабухъе республикаялда кΙалбиччанкъо кΙодо гьабизе рагΙуна Ι9 августалда. Гьединаб пикруялде рачΙун рагΙуна киналго диниял гΙалимзаби.
Дагъситаналда санайилго цо гΙадамаз кΙал биччала цоя къоялъ, цогидаз – цогидаб къоялда. БакΙалъул гΙалимзабазда цо пикруялде рачΙине кинниги кΙолеб букΙинчΙо. БукΙине бегьулищ гьедин исанаги?

ГΙумаров МахΙамад-Расул: "Исанаги цебегогΙадин камизе ратиларо сулал. Амма исана тΙоцебесеб сон бугин абизе бегьула, нилъ, исламия чагΙи, цоцада аскΙор гΙодорги чΙун, лъикΙаб-квешаб дандеги бан, исламалъул къануналги, цогидал хΙукмабиги дандеги ран, маслигΙаталде рачΙине бажарараб. Гьелъ дида ккола, гъоркьиса букΙаралдасаги гΙемерго сахаб, гΙемерго лъикΙаб атмосфера букΙинин исана кΙал биччаялъул суалалда сверун Дагъиситаналда. Исана гΙага-шагарго гьатΙан къо, 19 август букΙине буго кΙал биччаялъул къо. Гьеб буго гΙемерисез бихьизабураб къо. РукΙине ратила гьелдаса цебе яги нахъа кΙал биччалел чагΙиги. Амма гьелде гьедингΙанго кΙвар кьечΙониги бегьулеб батила, щайгурелъул кΙудияб миллат цолъулеб мехалда гьединал жал ккечΙого рукΙунаро. Нижер прогноз гьединаб бугоха, рекъон букΙинин, маслигΙат букΙинин абураб."

КΙалбиччанкъоялде кΙудияб кΙвар буссинабулеб буго гΙадатиял гΙадамазгуребги, пачалихъиял идарабазги. Гъалгъазул республикаялъул бетΙер Юнус-Бек Евкуровас гьеб байрам кΙодо гьабизе халкъалъе кьолеб буго лъабго къо. 19, 20, 21 август республикаялда лазарун руго гΙодоркъояллъун.

Чачан республикаялда гьаб анкьалда низам цΙунулел идараби хΙалтΙизе руго хасаб режималда. Жанисенл ишазул министерлъиялъул вакилас лъазабун буго информалатазда, 6 асгусталда Грозныялда гьабураб терракт ракΙалде босани, кΙалбиччанкъоялда гьединал гьужумал такрарлъунгутΙиялъе гарантия гьечΙила. Гьединлъидал низам цΙунулел идарабазда цебе масъала лъун бугила максималияб къагΙидаялда гражданазул хΙинкъигьечΙолъи цΙуниялъулила. Гьесулго рагΙабазда, полициялъ хасаб къвар буссинабизе буго мажгитазде ва цогидал диниял тадбирал тΙоритΙулел бакΙазде.

Дагъистаналда низам цΙунулел структурабазул хΙалтΙул режималъул хΙакъалъулъ гьанжеги лъазабулеб гьечΙо. Амма, цо-цо информациялъул алатаз кΙвар буссинабулеб букΙана Рамазан моцΙалда, гьеб бищунго хирияб моцΙлъун рикΙкΙунеб букΙаниги, кьвагьи-гΙанхъиял дагьлъун гьечΙолъиялдеги диниял гΙадамазда бан низам цΙунулезул бугеб хъачΙаб хьвада-чΙвади тамахлъун гьечΙеблъиялдеги. Талат къоялда интернеталда баккун букΙана информация МахΙарамкент мухъалда полициялъ кΙал биччазе мажгиталда ракΙарарал гΙадамал жидерго бутΙаялде щвезариялъул хΙакъалъулъ.

Дагъистаналъул рухΙияб идараялъул пресс-хъулухъалъул бетΙер ГΙумаров МахΙамад-Расул абуна, жинда лъаларила гьединаб хΙужжаялъул хΙакъалъулъила, амма, низам цΙунулезул вахΙшияб хьвада-чΙвадиялъ жамгΙияталъе кΙудиял проблемаби гьарулел ругила.

МахΙамад-Расул ГΙумаров, Дагъистаналъул рухΙияб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев

ГΙумаров МахΙамад-Расул: "Дида гьединаб жо гьениб полициялъ гьабун батиларин абизе кΙоларо. Щайгурелъул МахΙарамкент мухъалда Советское росулъ гьединал магΙна гьечΙел, гΙамал гурел жал полициялъги гьарун, доба ккана вахΙшияб иш цебеги. Нилъеда лъала, дова чΙван школаялъул директор. Хадув гьенив чΙвана полициялъул хΙалтΙухъанги. Гьеб низам цΙунулез бихьудае, жидеего рецалъе гьарулел жал. Щибниги исламалъе, щибниги умматалъе, яги миллаталъе, яги республикаялъе пайда бугеб жо гуро гьеб. ГΙагсалда гьелъ зарал гьабулеб буго. Гьез гьарулел къабихΙал ишаз гΙемерлъулел руго рохьоре унел гΙадамал. КъабихΙал ишазе гΙоло буго гьаниб чΙвай-хъвейги цΙиккунеб.

ГΙалимчагΙазда жакъа бажарагури цоцада аскΙор гΙодорги чΙун бихьиналгΙадин цоцаде бадиреги балагьун кΙалъазе. Бегьуларо жакъа погонал тΙад ранилан абун, гьединаб хьвади-чΙвади гьабизе. Россиялъул къануназдаги гьечΙо, ифтаралде рачΙарал гΙадамал, щал гьел ратаниги, полициялде рехъерхъизе рес кьолеб изну. Москваялда бакьулъги руго ифтарал гьарулел, Казаналда руго ифтарал гьарулел. Гьел щайха хъамулел гьечΙел?! Гьеб ккола жагьиллъи, полициял гьарулел жал."

ГΙумаровасул пикруялда, низам цΙунулезул аслияб проблема хурхараб буго, гьел диналдасан дорегΙан рукΙиналда.

ГΙумаров МахΙамад-Расул: «Жакъа нилъер полициялъул бищунго кΙудияб гъалатΙ буго, гьелъул хΙалтΙухъабазда жалго жанир ругеб ислам лъангутΙи. Гьеб ислам гьезие лъазе къваригΙунги гьечΙо. Гьеб ислам гьезда лъалебани, дида якъинго лъала, кигΙан кΙудияб мегеж бугев чи вукΙине те, вагьабиявин абулев вукΙине те, те форма ретΙарал полковникал яги капитанал, бокьарав бусурбаначагΙи вукΙине те, гьел рукΙунаан бихьинчагΙабигΙадин цоцал квералги рачун, цого бакΙалда гΙодорги чΙун. Гьезул бикьизе кколеб щиб бугебали бичΙунеб гьечΙо дида."