«Бизнесалъул балъголъи» абулеб даптаралъ гьабун буго Россиялда бищунго лъикlаб нусго шагьар чlезабизелъун хlалтlи. Гьеб къецалда гlахьаллъулеб букlун буго улкаялъул 164 шагьар, Москвагун Санкт-Петербург къецалда гlахьаллъулел рукlун гьечlо.
Бищун лъикlал тlаса рищулаго хал гьабулеб букlун буго шагьаразда хlалтlи гьечlезул къадаралъул, тохтурзабазул, лъималазул ахазул къадаразул, криминалияб ахlвал-хlалалъул, шагьаралъул транспорт хlалтlулеб куцалъул, буголъиялъул ва финансазул индексалъул.
Гьеб сияхlалъул лидераллъун рахъун руго Химки, Краснодар ва Калиниград шагьарал. Шималияб Кавказалъул шагьаразда гьоркьоб 10-билеб бакlалда буго Ставрополь, 38-билеб бакlалда Пятигорск, Черкесск 6lбилеб бакlалда ва Нальчик 9l бакlалда буго.
Регионалде инвестициял аслияб къагlидаялда рачlине рес буго туризм цlебетlезабиялъе. Шималияб Кавказалда гlуцlун буго анкьго туркластер. Гьезие нухмалъиялъе Шималияб Кавказалъул Курортал абулеб компанияги гlуцlун буго.
Шималияб Кавказалъул туркластер абулеб проект рагlалде бахъинабизе федералияб центаралдаса биччазе буго 60 млрд гъурущ, гьелде тlадеги федералияб централъ къануналдацин хиса-басиял гьарун руго гьеб проекталда бан. Масала гьенир хlалтlулел къватlисел улкабаздаса гражданазе кумекалъе чучлъи гьабун буго миграциялъул режималда.
Гьел шартlал чlезарун рукlаниги мигрантазул проблема гьениб хутlулеб буго аслияблъун. Шималияб Кавказалъул федералияб мухъалда россиялъул президентасул хасав вакил Александр Хлопониница абулеб буго жакъа жал инвесторалгун битlахъе, гьоркьор чагlи гьечlого хlалтlулел ругин. Гьез чlезабулин объектазда хlалтlизе ругел гlадамазул къадарги, гьезул лъаялъул даражаги, гьез гьениб базе бугеб замангиян.
Гьеб кинабго къануналда рекъон хlадурунги бугин, амма жинда гьеб проблема рагlалде бахъинабиялъулъ кинабгlаги цебетlей бихьулеб гьечlин.
Шималияб Кавказалъул Курортал компаниялъ гьанжеялде лъабго млрдгун 300 млн. долларалде контрактал хъван руго Франциялдаса, Кореялдаса ва Сингапуралдаса инвесторалгун. Гьениб россиялдаса инвесторазул гlахьаллъи бахунеб буго 77 млрд гъурщиде.
Шималияб Кавказалда ругел цоги проблемабаздаго гьоркьоб кlудияб бакl кколеб буго транспорталъул ва нухазул проблемаялъги. «Минеральные Воды» халкъаздагьоркьосеб аэропорталъе гьабун букlана ахирал соназда реконструкция. Гьелъ рес кьун буго Аэрофлот, S-7, UTair, ва Трансаэрогlадал чlахlиял авиакомпаиялгун хlалтlизеги, роржаралъухъ гlадамаз кьолеб мухь 50-60 проценталъ дагь гьабизеги ва гьенире роржунел гlадамазул къадар 20 проценталъ цlикlкlинабизеги.
Амма Шималияб Кавказалда бугеб бищунго кlудияб проблема ккола регионалда хlинкъигьечlолъи чlезабиялъул проблема. Гьеб гьечlони, гьенире къваригlаралгlан инвесторал рачlиналда щаклъи буго экспертазул.
Дагъистаналъул нухмалъулесул пресс-хъулухъчи Хlайбулаев Расулица ЭР абун букlана, цин хlинкъигьечlоъи чlезабун, цинги туристазе бакlал ралел рукlунарин. Гьеб кlиябго хlалтlи цадахъ гьабизе кколин.
Регионалда бизнес гlуцlизе тlалъиялъ бицухъе бигьаго гьечlин абуна ЭР Пятигорскалда 30ялдаса цlикlкlун соналъ гlумру гьабулев вугев чачанав Исрапилов Рамазаница.
Исрапилов Рамазаница: «Республикаялда щибаб бизнесалъе контроль гьабулел хасал гlадамал яги къукъаби руго. Гьединлъидал гьезде гьоркьове лъугьине ва дирго чадил кесек батизе захlмат буго. Гьаниб Пятигорскалда гlезенго бигьаго бугин абизе бегьула».
Шималияб Кавказалда экономикиялгун социалиял масъалабаздасаги цебе бугин инсанасул ихтиярал ва улкаялъул къанунал цlуниялъул суалин абуна ЭР инсанасул ихтиярал цlунулей Татьяна Локшинацаги.