Араб анкьидаса нахъе Россиялъул информалатазда ва блогосфераяда унеб буго Чачан республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировас ва гьесул сверухълъиялъ оппозициялда хурхун гьабураб лъазабиялда тIасан бахIсал.
Кинабго бугеб оппозициялде бербалагьи бугеб Дагъистаналда? БитIараб бугищ киса-кибего Шималияб Кавказалда билълъанхъараб политикияб культураялъе хасиятаб бугин оппозициялде кьварараб бербалагьи абураб пикру? Гьел суалазда тIасан цIех-рех гьабуна нижер мухбир Абакаров Рамазаница.
ТIоцебе ракIалде щвезабилин, щибха абураб Чачаназул нухмалъулев Рамзан Къадировас оппозициялда хурхун. 12 январалда журналистазулгун данделъиялда гьес абуна, системаялда жаниб гьечIеб оппозициялъул вакилзаби кколин халкъалъул тушбаби ва хиянатчагIи, гьезул ишазухъ гьел бищун кьварараб тамихIалде цIазе кколин гьелилан.
Гьесие жавабалъе Красноярскиялдаса депутат Константин Сенченкоца абуна живго Къадиров вугин Россиялъул багьадур гурев, Россиялъул рогьлъун. Амма хадубккун депутатас тIасалъугьаян гьарана. Гьелдаса нахъе информалатазда аслияб суал лъугьун буго Къадировасулгун оппозициялъул гьоркьорлъаби.
Цо-цо информалатазда рикIкIунеб буго, Шималияб Кавказалда оппозиция букIине бегьуларин, гьениб билълъанхъараб политикияб культураялъе чияраб жо бугин гьеб.
Кинабха бугеб Дагъистаналда гьелде бербалагьи, кинаб къимат кьолеб дагъистанияз Чачаназул нухмалъулесул рагIабазе абун цIехана нижеца чанго экспертасда. Гьезул гIемерисез рикIкIунеб буго, оппозиция абураб рагIи Шималияб Кавказалда дагьаб батIаго бичIчIулин.
ХутIараб Россиялда оппозиция альтернативияб политикияб къуват хIисабалда къабул гьабулеб батани, Кавказалда гьеб гIемерисеб мехалъ пачалихъалда данде чIараб, ялъуни цо хасав политикасда данде чIараб къуватлъун рикIкIунин.
Адвокат Расул Къадиевасул пикруялда рекъон, Дагъистаналда я оппозиция гьечIо, ялъуни батIи-батIиял политикиял къуватазда гьоркьоб политикияб диалог гьечIо.
Расул Къадиев: «Нилъер буго гIадатияб, Машрикъалъулаб жамгIият. Гьединаб жамгIияталда оппозиция букIунаро. Парламенталда ругел партиязул цонигияб кколаро оппозиция. Гьенир гьечIезциа абулеб буго жал оппозиция гурилан.
Гьедин лъазабулеб букIана сентябрь моцIалъ Буйнакскиялъул шагьаралъул мажлисалде рищиязда бергьараб «Россиялъул ветеранал» абураб партиялъги.
Гьезда «оппозиция» абураб рагIуда гъоркь цо щибалиго квешаб жо бичIчIулеб буго. ТIалъиялда данде щивниги чи вугони, гьес абулеб буго жив хасав чиясда данде вугин, гьесул бакI жинца кквезе кколин, амма гьес гьабулеб мекъи бугин, жинца гьадин гьабулеб бугин хасаб программа кьоларо.
Гьединлъидал, нилъер гьечIо я политикияб диалог, ялъуни оппозиция абураб бичIчIи». Къадиевасул пикруялда рекъон, гьединаб бичIчIи батизе ккола Рамзан Къадировасул ва гьесул сверухълъиялъул.
Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул вакил, Шамил Хадулаевасул пикруялда рекъон, Дагъистаналда оппоциялъул къадру гIодобегIанаб буго, гьаниб гьелъул рахъ кколаро.
Шамил Хадулаев: «Дагъистаналда ва Шималияб Кавказалда оппозициялъул рахъ кколел чагIи дагь руго, щайгурелъул гьез кьолеб щибниги лъикIаб жо гьечIо, гьадинго ахIвал-хIал хIалуцинаби гурони. Улкаялъул жанисеб политикаялдаса разигьечIолъи загьир гьабулел чагIи тIадеялдаса тIаде цIикIкIаниги, гьел оппозициялда хадур унел гьечIо.
Амма Къадировасухъего, оппозия тамихIалде цIазе ккола абурараб пикруялъул чагIи Чачаналда данде ккун Дагъистаналда цIакъго дагьал руго».
Оппозициялде бербалагьи Шималияб Кавказалда ва хасго Дагъистаналда батIи-батIияб бугоян рикIкIунеб буго политолог Ханжан Къурбановас. ГIемерисеб мехалъ гьездехун рокьукъаб бербалагьи бугилан абизе бегьула. ТIалъиялдаса разилъи гьечIолъи загьир гьабулел гIадамал цIикIкIунел руго, амма гьел оппозицияги тIаса бищулеб гьечIоян рикIкIунеб буго Къурбановас.
Щайгурелъул, гьез халкъалъухъе кьолеб гьечIо жидеца гьабги гьабги гьабизе бугилан абураб программа. Гьезул хIалтIи батIи-батIиял данделъабазда республикаялъул бетIер какиялдалъун лъугIулеб буго.
Дагъистаналда оппозиция бугониги, гьезда хадуб халкъ иналда жив божуларо, гIагараб заманалда гьабсагIаталда бугеб политикияб системаялъе альтернатива кьолеб политикияб къуват бакки щакаб жо бугилан абуна гьес.