Коммерциялъулал гурел идарабазда хурхараб закон къабул гьабун букIана Россиялъул парламенталъ араб соналъул ноябралда. Гьелда рекъон, пачалихъалъул ихтияр буго къватIисеб пачалихъалдаса гIарац щолел ва политикиялда гъорлъ гIахьаллъулел идарабазул хал гьабизе. Жалго идарабаз ялъуни «къватIисел пачалихъазул агент» абураб цIар тIаде босизе кколаан, ялъуни къатIисеб пачалихъалдаса бачIунеб гIарцудаса инкар гьабизе кколаан. ГIемерисел цIар рагIарал инсанасул ихтиярал цIунулел идараби, информалатал ва цогидал коммерческиял гурел идарабаз лъазабуна жидеца гьеб къабихIаб цIар тIаде босизегIан къватIисел пачалихъаз кьолеб гIарцудаса инкар гьабулеб бугин.
ГIемераб заманаялъ Шималияб Кавказалда хIалтIулеб «Дагъистаналъул улбул» абураб идараялъул нухмалъулей Светлана Исаевалъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидеца хIукму гьабунин «агентал» абураб цIар тIаде босичIого чIезе. Цереккун къватIисел пачалихъаздаса жидерго хIалтIуе гIоло щвараб гIарац букIанин гьезие ва «Правозащита» абураб идаралъеян лъазабулеб букIана цо-цо информалатаз. Амма Светлана Исаевалъ бицана бачIунеб соналъ гьабулеб хIалтIулъ къватIисан гIарац хIалтIизабизе гьечIин.
Светлана ГIисаева: «Нижеца хIукму гьабуна «агенталин» регистарация гьабунгутIизе, щайгурелъул нижеца рикIкIуна гьеб рогьолъун. КинабгIаги гьукъараб хIалтIиги нижеца гьабулеб гьечIо, хIукуматалъги, прокуратураялъги
Коммерциялъулал гурел идарабазул къануналъул цIияб проекталъул авторазда лъикIаблъун бихьулеб буго бокьараб идараялъе бокьараб мехалда хал гьаби. Гьебги гIадамазул рахъалъан гIарзаби яги прессаялда гьеб идараялъул «экстремистияб» хIаракатчилъи бугин лъазабиял раккарабго. Гьанже бугеб къануналда рекъон, иргадулаб гуреб хал гьабизе ихтияр гьечIо «къватIисеб улкаялъул агент» абураб статусги бугеб къватIисел улкабаздасан финансазул кверчIвайги бугел идарабазе гурони.
Пачалихъияб думаялъул депутат Александр Левчинил пикруялда рекъон, Россиялда руго гIемерал коммерциялъул гурел идараби, социалиял, кIвар бугел хIалтIаби гьарулел. Гьезда гъорлъ руго унтарал лъималазе кумек гьабулел, батIи-батIиял культуриял тадбирал гьарулел ва гIелмиял цIех-рехал гьарулел идараби. ЦIияб къануналъ гьединал ишазе гIорхъичIвай гьабиялдаса цIунизе кколилан бицунеб буго депутатас.
«Мемориал» абураб инсанасул ихтияраб цIунулеб идарялъул сайталда лъураб информациялда рекъон, Россиялъул пачалихъалъ гьединал тадбираздалъун демократиялде тIадецуй гьабулеб буго.
Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ, ахирал соназде данде ккун, 20I2 сон Россиялда букIана бищунго квешаб. Гьедин абуна нижер радиоялъе Human Rights Watchалъул Россиялда бугеб бутIаялъул нухмалъулей Анна Севортьяница. Жибго Human Rights Watch абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун идараялъги лъазабулеб буго Россиялда инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъ квешлъун бугин.
Жиндирго щибаб лъагIалилаб докладалда халкъаздагьоркьо