Туснахъазда гIакъуба кьей къанунияблъун букIинадай?

Элла Памфиловалъ абулеб буго гьадинаб къануналъ улкаялъул къимат хвезабизе бугин.

Россиялъул Федерациялда инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъан Президентесда цее йигей вакил Элла Памфиловалъ какана туснахъазул ва цIех-рех гьабулел изоляторазул хъулухъчагIазе цIикIкIарал ихтиярал кьеялда хурхараб юстициялъул Министерлъиялъул жигар. Памфиловалъ хасаб кагъат битIана премьер-министр Дмитрий Медведевасухъе. Гьелда гьелъ гьарулеб буго цIияб къануналъул проект Пачалихъияб Думаялда цебе лъогеян абун.

Россиялъул юстициялъул министерлъиялъ хIадур гьабураб къануналъ туснахъазул хъулухъчагIазе гIатIидал ресал кьелин жанире тIамуразе зулму гьабизе, ян абулеб буго Элла Памфиловалъ. Гьединлъидал гьадинаб къанун Пачалихъияб Думаялда цебе лъезе кколарин.

Рехсараб къануналъул проект гьалкъояз къабул гьабуна хIукуматалъул комиссиялъги. ГьабсагIат хIалтIулеб къануналде гъорлъе журазехъин ругел хиса-басияз туснахъазул хъулухъчагIазе ихтияр кьолеб буго жанир ругезде данде къуват хIалтIизабизе къуватал гурел къагIидаби хIалтIулел гьечIони.

ПалхIасил гьаб букIине бугин къанунияб къагIидаялда гIадамазе гIазаб-гIакъуба кьей. Юстициялъул министерлъиялъ гьединго ахIи балеб буго цIех-рехалъул изоляторазул хIалтIухъаназул хIинкъи гьечIолъи щулалъизабизе.

Мисалалъе хъаравуласе изну кьезе кколин жанив тIамурав речIчIун чIвазе нагагьлъул дов аскIове вачIанани яги гьесухъа ярагъ бахъизе къасд гьабулебани.

Инсанасул ихтиярал цIунулез кутакаб куцалда какулеб буго гьеб проект. Россиялъул президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялъул Шураялъул вакилзабазул хIисабалда гьеб проекталъ хвезабулеб буго Россиялъул Конституциялъул 55-абилеб бутIа. Гьелда рекъон инсанасул ихтиярал хвезарулел ва эркенлъаби дагьлъизарулел къанунал къабул гьаризе гъукъун буго.

"ГУЛАГу.нет" абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб проекталъул бетIер Владимир Осечкиница абулеб буго гьабсагIат хIалтIулеб къануналда рекъон туснахъалъул хIалтIухъан жавабчилъиялде цIазе бегьулин нагагьлъун гьес цIикIкIараб къуват хIалтIизабуни. Амма, рехсараб къануналъул проект къабул гьабуни, жанире ругел гIадамазе гIазаб-гIакъуба кьолев туснахъалъул хъулухъчи жавабчилъиялде цIазе захIматго букIина, ян абулеб буго Александр Осечкиница.

Россиялъул премьер-министр Дмитирий Медведевасухъе битIараб жиндирго кагътида Элла Памфиловалъ гьарулеб буго рехсараб документалъул мухIканаб цIех-рех гьабеян абун ва пикру гьабулеб буго – гьадинаб къануналъ улкаялъул къимат хвезабизе бугин.

Премьер-министрасул пресс-хъулухъалъ журналистазе жегиги баян гьабичIо рехсараб суалалда тIаса. Амма юстициялъул министерлъиялъул вакилзабаз лъазабуна низам биххулел жанире тIамуразде данде къуват хIалтIизабизе изну кьолеб къанун некIо къабул гьабун бугин ва хиса-басияз гIицIго гьеб къанун щвалде щвараблъун гьабизе бегьулин.

Гьадинаб баян гьабулаго юстициялъул министерлъиялъ мисалалъе бачунеб буго Инсанасул ихтиярал ва аслиял эркенлъаби цIуниялъул Европаялъул Конвенция. Гьелда рекъон гьадинал шарIтазда чи чIвай такъсирлъун рикIкIине гьечIин, гьаб бугин тIокIаб чара гьечIого жиндирго гIумру цIуни мурадалда гьабураб ишилан.