Талат къоялъ Халкъияб Мажлисалъ тIобитIараб данделъиялда гьелъул гIахьалчагIаз къабул гьабуна Ракьазул хIакъалъулъ къануналда жаниб хиса-басиял гьариялъул хIукму.
Гьеб хиса-басиял гьариялъул магIна бугин лъабгоялдаса цIикIкIун лъимер бугеб хъизамалъе хIалтIизабизе ракьалъул пуланаб бутIа кьезе букIин абун бичIчIизабуна данделъаразда аграрияб политикиялъул рахъалъ Халкъияб Мажлисалда бугеб комитеталъул нухмалъулев Шамхалов Джапарбегица.
Лъимал гIемерал хъизамазе ракьул къотIелал щвей кIудияб кумек ккола.
Амма жакъа киналго росабазул муниципалиял гIуцIабазул гьечIин гьединал ракьал гьединлъидал федералиябгун республикаялъул къайимлъиялда ругел ракьал гьел муниципалиял гIуцIабазухъе кьезе ругилан абулеб буго Шамхаловас. Гьединал ракьал хIажатал 70 азаргониги хъизам рагIула жакъа Дагъистаналда.
Данделъиялда рукIарал депутатаз рахъккуна гьеб къануналъул ва гьал къоязда тIобитIизе бугеб иргадулаб 19-б ссесиялда гьелъул хал гьабизе буго гьез.
Жакъа олигархацаги бизнесчагIазги жидерго мурадазда рекъон хIалтIизарулел ругин республикаялда ругел ракьал, амма хIакъикъаталда гьел ракьазул бетIергьабилъун кколин тIолабго жамагIатилан рикIкIунеб буго ГIахьвахъ мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи АхIмаднабиев МухIамадица. Мислалъе гьес бачана «Шималияб Кавказлъул курортал» ва «РусГидро» абурабги гIуцIиялъ жидерго хIалтIаби гьаризелъун ричун росарал чанго аза-азар гектар ракьазул.
АхIмаднабиев МухIамад: « Совет хIукумат бугеб мехалда жамагIаталъул къайимлъиялда букIараб ракь буго росабазул муниципалитеталъ ккун. ХIакъикъаталда ракьул бетIергьаби ккола халкъ, жамагIат. ЖамагIаталъухъ букIине ккола гьелда хадуб халкквейги, къайимлъиги. Россиялъул гражданал хIисабалда нилъехъ ругел ихтияралги хвезарун жидеего дандекколедухъ хIалтIизарулел руго тIалъиялъ нилъ. Аза-азар соназ умумуз хIалтIизабулеб букIараб куцалъ ракьазул бетIергьабилъун нилъ течIони ахиралда щибго гьечIого хутIизе руго нилъ».
МагIарухъ цохIо ракьги хIалтIизабун рукIине бокьичIого шагьаразде, гьединго Дагъистан бахун къватIирехунги гочунел гIадамазул къадарги щибаб соналъ цIикIкIунеб буго республикаялда. Мисалалъе цохIо Шамил мухъалъул ТIелекьа гIага-шагарго росдал бащадалниги гIадамал гьедин къватIире анилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъа ГIамирханил МухIамадица. Амма Гъуниб мухъалда жаниб цохIо жидер росу бугин гьединан гIолохъанал хъизамал къватIире инчIого чIараб росу. Гьедин росулъ чIарал гIадамазецин гьечIеб ракь лъимал гIемераб хъизамалъе кьезе кисайин букIунебилан абураб суал лъолеб буго гьес цебе. Росулъ чIарал гIадамазе хIукуматалъул рахъалдаса гьабизе бугеб кумекалъул бицунеб букIонин тIокIаб чIечIого, амма гьабураб жого бихьулеб гьечIин:
ГIамирханил МухIамад:
«Жакъа росулъ чIарав чиясе захIмат буго гIумру гьабизе, гьесие кумек гьечIо кисаниги. Пенсионеразениги сакъатал гIадамазениги бачIунеб гIарац буго. Амма гIадатияб халкъалъе шиб щолеб бугеб? Бицунеб жо батIияб гьабулеб батIияб буго. Гьел лъабго лъимал ругел чагIазе кьезе ккананигицин ракьал нижер росулъ гьечIо гьабсагIат. БатIияб иш буго хъутаналдаса гIебеде ругел ракьал кьунани. Гьадинги къватIире кирениги чиги унаро гьаниса, хъизан гьабу-гьабурал ридал Россиялде гIебеде бетIербахъиялъе ани гурони росулъго чIун руго гIемерисел гIумру гьабун. Жиндирго квераз магIишат гьабун вугев чиясе бигьаго гьечIо гьабсагIат магIарухъ».
Нижергун гIара-чIвари гьабураз аслияб дагIба балеб букIана нухмалъиялъ халкъалъул гьабулеб тIалаб къойидаса къойиде нахъе кколеб букIиналде. Дагъистаналъул цIивищарав нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазанги гьитIинго векьарухъанасул захIмат кинаб букIонебалиги бихьарав, магIарухъ ругел чагIазе ракьалъул кинаб къимат букIонебали бицунеб рагIичIого жиндаго бихьун лъалев чи вугин, хьул бугинха гьесниги росабалъ ругел гIадамазул гIумру-яшав лъикIлъизабиялде кIвар кьелилан мукIурлъана гьел ахиралда.