ЦIадалищ зарал кIудияб кIвар гьечIолъиялъулищ?

Нарин-Хъала

Дербенталъул къватIазде талат къоялъул сардлъ лъим кIанцIиялъул хIужа трагедиялде сверун букIинчIебани, цересел соназдагогIадин я шагьаралъул я республикаялъул нухмалъиялъ кIвар кьечIого кIочене тезе букIанин ва лъим кIанцIиялъул хIасилалда зарал ккарал гIадамазги гьеб жидецаго бецIизе букIанин бицана Дербенталда щибаб анкьица кьватIибе бачIунеб «Эркенлъиялъул майдан» абулеб газетаялъул бетIерав редактор ХанмухIамадов МухIамадица.
Жарналистасул рагIабазда рекъон, бищунго зарал ккараб Мамедбековасул абулеб къватI унеб буго 6000- ялдаса цIикIкIун сон бугеб Нарин-Хъалаялъул цо кьедккун ва гьеб лъим кIанцIиялъул зарал гьеб къедалъеги ккезе рес буго.
Аза-азар сонал ругеб хъалаялъецин зарал гьабизе рес бугин ахирал соназда Дербенталъул нухмалъиялъ шагьаралъул хIажалъабазе кIвар кьечIого теялъин бицана гьес.

ХанмухIамадов МухIамад: «Гьаб сагIат Мамедбековасул къватI билараблъун рикIкIине бегьула. Гьенисан транспорт хьвадуларо, щалайдул гъаталги чороклъигун кьищни-къулалъул гохIалги руго гьенир. Гьелде тIадеги лъеца гъваридаб рахъги бухъун буго. Гьеб къотIносан гьулчун бачIараб лъеца йосун арай гIадан цо минаялъул гъоркьрокъое щвезаюн йиго, гьениса йорчIизе кIвачIого хвана гьей. Гьединаб гучаб лъар ана гьенисан».

Ахираб щуго-анцIго соналда жаниб лъагIалие цо-кIиго нухалдагIаги гьел къватIахъе лъим кIанцIичIеб мех букIинчIин ва цереги рукIанин зарал ккаралин бицана нахъеги журналистас.

ХанмухIамадов МухIамад: «Нарин-Хъалаялъул Щураялъулал абулел каваби ругеб мухъалда чанго сон цебеги рукъалъул тIох бортун букIана бусада бегараб лъимаде тIаде. Гьеб мехалдаги рачIун рукIана батIи-батIиял хъулухъчагIи, амма гьеб хъизамалъе материалияб кумекцин гьабун букIинчIо. Гьеб мехалда шагьаралъул вукIарав мэр Феликс ГъазиахIмадовас кверги бачун рагIи кьун букIана дие гьеб хъизамалъе кумек гьабизе. Амма щибниги гьабичIо. Ахирисеб 15 соналъ шагьаралъул нухмалъиялъ тIубанго кIвар кьечIого тун руго шагьаралъул хIажалъаби. Бокьараб гьабейин тун руго коммуникациязул суалал».

Советияб заманалда шагьарги букIанин гьитIинаб бокьа-бокьараб бакIалда хасго шагьаралъул коммуникациял унел бакIазда тIад рукъзал разеги толароанин, гьелъухъ тамихIалде цIазеги рес букIанин бицана ХанмухIамадовас. Ахирисел соназ абуни, магIардаса бачIунеб лъим чIваххизе букIараб рахъ сверунги ранин рукъзал жибго гьеб рахъги бацIцIунеб букIинчIин, гьединлъидал гьеб лъимги щибаб санайилго абухъе шагьаралде кIанцIулин ва гьеб проблемаялъул киназдагоги лъалин абуна журналистас.

ХанмухIамадовас бицунелда тIад рекъолев вуго Экологияб мониторинг ва контроль гьабулеб Централъул нухмалъулев Мунгиев АхIмад. Ракь чIукIиялъул, лъим кIанцIиялъул яги цоги хIинкъаби ругел бакIазда рукъзал разе толароаанин ва гьелда хадуб лъикIаб контрольги букIанин советияб заманалдайин бицана гьес.

Мунгиев АхIмад: «Советияб заманалдаги рукIунаан лъинал кIанцIиялги ракьал ччукIиялги. ЦIиял Хушет ва КяхулайгIадал росаби руго ракьал ччукIиналъул хIасилалда цере рукIарал росабиги риххун цIидасан рарал. Гьебги советияб заманалда. ГьанжегIадин информация цебе хехго тIибитIулароан, гьединлъидал гьитIинал лъугьа-бахъиназул лъазего лъачIого хутIулаанин абизе бегьула. Дида ккола гьанже ругел тIабигIиял балагьазул къурбанал цIикIкIунел ругин гIалимзабаз бицунелъухъ гIинги тIамичIого гIадамаз жидеего бокьа-бокьаралъул рукъзал ралел рукIиналъ. Масала Дагъистаналъул Геологияб институталъ цебегоялдаса лъазабулеб буго Таргъу мегIералъул хьонда рукъзал разе бегьуларин, амма ралел руго. Цинги кколел руго гIалимзабазухъ гIенеккун рукIаралани гIадамазда хъвачIого унел рукIарал балагьал».

Жидер институталъ гьарулел прогнозазухъ республикаялъул нухмалъиялъ кьолеб кIвар кIудияб гьечIин, амма Дербенталда ккараб трагедия жидеца бицунелдаса дагьаб батIияб бугин абуна Дагъистаналъул Геологияб институталъул гIелмияв секретарь Гъазалиев ГIисаца.

Гъазалиев ГIиса: «Дербенталда ккараб дагьабго батIияб буго. Гьенир рарал цIадаздасан лъугьарал гIисинал лъарал дагь-дагьккун ракIарулел рукIана мегIералъул ахада ругел къватIахъе. Гьел руго цIересел заманалъул, цIадал лъим чваххизе коммуникациялги гьечIел къваридал къватIал. Гьеб ракь ччукIиналъул хIасил гуро».

Кин батани, Дербенталда хварал гIадамал малъичIого лъеца гъанкъизабун буго 300ялдаса цIикIкIун рукъ ва зарал ккун буго 1100ялдаса цIикIкIун чиясе.