ЦIорол рагъдаса квешаб дандечIей

Михаил Горбачевас абулеб буго кватIичIого цо жо букIине рес бугин. Генри Киссинджерица абулеб буго – жинда лъалин киндай гьелъукьа рорчIизе бегьулеб. Владимир Путиницайин къасд гьабулеб буго гьаб пуланаб жо баккизабизе, ян абулеб буго Магърибалъул политиказ ва журналистаз.

ЦIияб цIорол рагъул гьури бахъунеб буго. Ахирисеб 8 моцалда жаниб Россиялъулгун Магърибалъул рагIирекъонгутIи бищун тIадегIанаб даражаялде бахана, ян лъазабулеб буго Европаялъул прессалъ.

ДагIба багъаризабун буго батIи-батIиял хIужабазда бан. Гьавадул гьурхъи бахиналда, рагъулаб цIех-рех гьабулел аэропланазда хадуб хал кквей гьабиялда, ралъдалъ рагъул хIай гьабулел гумида ва гьезда релъарал цогидал хIужабазда сверухъ.

Амма гьадинаб конфликталъул хIинкъи щолеб бугониги, гьелда абизе кколаро гьеб цIияб цIорол рагъ бугин. Щай, щай гурелъул цIияб цIорол рагъ багъаризелъун Россия супер пачалихъ гурин.

Политолог Владимир Фроловас "The Moscow Times" газетаялда бахъараб жиндирго макъалаялда абулеб буго Россия гьоркьохъеб даражаялъул пачалихъ бугин ва гьелъие щварал ва хутIарал ресал гIун гьечIин жиндирго халкъаздагьоркьосеб коалиция гIуцIизелъун.

ЦохIого цо хутIараб къуват – атомияб ярагъ. Хасго гьелдаса чIухIараб бугин Кремль. Аммалила гьебги пайда гьечIеб ищ бугин.

Советияб заман ракIалде щвезабуни, доб мехалъ Совет Союз букIана хIакъикъаталда алтернативияб система гIуцIараб гучаб пачалихъ. Щибха кколеб жакъасеб Россия? Ксенофобиялъул ва демократиялде данде чIолеб тIалъи бугеб улка, Россиялъул империялъул чIухIи хIалтIизабизе къасд гьабулеб.

ПалхIасил, Кремлалда кIоларин Магърибалде данде альтернативияб нух бихьизабизе. Совет Союзалда хIалтIизабулеб букIараб пропагандаялде данде ккун Путинил Россиялъ гIамал гьабулеб буго батIи-батIиял маргьаби рицун, политикиял ишал тIоритIизе. Гьеб чIобогояб ищ бугин.

Совет Союзалъул букIана чIван къотIараб мурад, анищ – социализм базе тIолго дунялалда. Жакъасеб Россиялда тIадтаразул мурад – халкъ божизаби гуро, Магърибалъ бицунеб хIакъикъат мекъса бихьизаби.

Гьеб цIорол рагъ гурин, гьелдаса квещаб жо гьеб буго, ян абулеб буго журналистаз ва политологаз.

Щай, щай гурелъул доб советияб заманалда букIараб цIорол рагъул заманалда Кремлалъе пайдаяблъун букIана халкъаздагьоркьосеб система цIунизе, гьеб хисизабичIого тезе. Хасго Сталин хун хадуб.

Ахирисеб 25 соналда жаниб Россиялъе бокьилаан доб жиндирго камураб асар тIад буссинабизе. Ва гьеб мурадалда гьелъ кIванагIан кIудияб хIаракат бахъулеб буго дунялалда тIадчезабураб низам биххизабизе. Магърибалъул политолоказул цимм бахъинабун буго Россиялъ Украиналда бан хIалтIизабулеб къуватаб политикаялъ.

Гьез абулеб буго Россиялъул хьвада-чIвадиялъ цолгидал улкабазул суверенитет инжит гьабулеб бугин. Доб цIорол рагъда кинабго ишалъул хIасил цебеккунго бихьизе рес букIанин, жакъайин абуни захIмат буго букIинесеб бихьизе.

RFE/RL-лъул мухбир Брайан Витморица хъвараб блог.