Гьаб анкьил байбихьуда Дагъистаналда тIамуна цIияв кIиго министр – спорталъулгун физическияб культураялъулги информациялъулги.
Спорталъул министрлъи тIадкъана Хьаргаби районалъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадида. Цеве гьеб хъулухъалда вукIарав МуртазагIалиев АрслангIали рекIел унтиги бачIун исана маялда хвана. Гьелдаса анкь ун хадув чIвана министр хисулев ХIажиханов Насир.
Министрасул хъулухъ къваригIун байбихьарал хIаяллъун рихьулел рукIана гьел лъугьа-бахъинал цо-цоязда. Амма гьелдаго цадахъ гIемерисезда чанго моцIалъ цебего лъалеб букIана президентас спорталъул министрасул хъулухъ КIудияв МахIачида тIадкъазехъин букIин. Уябищ, гуребищали лъаларо, МахIачие жиндиего Дагъистаналъул хIукуматалъул председательлъи къваригIун рагIулин абурабги букIана хабар.
М.МухIамадовги цIияб хъулухъалде ун чIобого хутIараб бакIалде Хьаргаби районалда рищиял исана октябралда тIоритIизе руго.
Цо-цо баяназда рекъон, спорталъул министрлъиялде кандидатазда гьоркьов рехсолев вукIана Хасавюрт шагьаралъул мэр ГIумаханов Сайгидпашаги. Амма ГIумахановасе гьеб хъулухъ цIакъго дагьаблъун бихьулеб бугоан политикаялда хадуб халккуразда.
Информациялъул министрлъун ХIажиев Нариман тIамулев вукIинги, хасго журналистазда, хасалого лъалаан. ГьанжелъагIан нилъер букIана республикаялъул хIукуматалда цебе гIуцIараб печаталъулгун басмаханабазул жаваб кьолеб комитет.
Гьелъул нухмалъулевлъунги ХIажиев ГIумаргIусман вукIана.
Зама-заманалдасан журналистаз Facebook-алде информация рехулаан гьесул бакIалде «Дагъистан» РИАялъул директор ХIажиев Нариман вачIунев вугилан. Гьелъ рахIатхвезабурав ХIажиев ГIумаргIусманица газетазул редакторалги данде ракIарун лъазабуна жинца гьелъул хIакъикъат республикаялъул нухмалъулесда гьикъанин, гьес жиндие жаваб кьунин мун нахъе рехулев гьечIин, гьавугьинан хIалтIеян.
Гьев унголъунги нахъе рехичIо, амма Дагъистан гьабсагIаталда инфомациялъул прессалда гъоркье ккун бугинги абун, комитеталъул бакIалда гIуцIана цIияб министерство. (Президентлъун вукIаго МухIу ГIалиевас гьабун букIана гьелда релълъараб хиса-баси. Мал-мулкалъулгун ракьул суалазул министр нахъе вахъизе къваригIараб мехалда Пачалихъияб буголъиялъул Агентствоги гIуцIун гьелъул нухмалъиялда Раюдин Юсупов тун вукIана).
ЦIигIуцIараб информациялъул министерствоялъул нухмалъулевлъунги тIамуна дов журналистаз рехсолев вукIарав ХIажиев Нариман. Жив МухIамадов МухIамадсаламилгун лъикIаб лъай-хъваялда вукIинги балъго гьабуларо Нариманица.
«Дагъистан» РИАялъул директорлъун тIамизегIан Н.ХIажиев РГВКялда «Большие дела» абураб передача бачунев вукIана, гьединго хIалтIана «Эхо Москвы» радиоялдаги.
5 сентябралда хIукуматалъул газеталгун журналазул ва радио-телевидениялъул хIалтIухъабазулгун лъай-хъвай гьабизе вачIун вукIана цIияв министр.
Дунялалда Дагъистан лъикIаб рахъалъ бихьиялъе кумек гьабизе кколеб бакIалда квалквал гьабулеб бугин федералиял информалатаз, гьединлъидал гьезие букIине кколеб жаваб пачалихъиял газетазгун радио-телевидениялъ кьезе кколин абуна цIияв министр ХIажиев Нариманица.
ХIажиев Нариман: «Къуват бащадаб батичIого букIинеги рес буго, амма кин букIаниги, къадруяб жаваб кьезе ккола, халкъалда битIараб бицине ккола. ХIакъикъаталда, ритIухълъи нилъер рахъалда буго. Амма нужер рагIи гIадамазухъе гIурус мацIалда гуребги, миллиял мацIаздаги щвезе бокьун батани, нужеца нужерго хIалтIул къагIида хисизабизе ккола.
Инкар гьабизе ккола гьанжелъагIан хIисабалде босулеб букIараб, чIамучIлъараб, жакъасеб къоялда дунялалда лъицаниги хIалтIизабулареб схемаялдаса. Щайгурелъул гIолилазе гьелъ кинбагIаги асар гьечIо гьабулеб.
ГIолилал руго нилъехъа рорчIун унел. Гьеле гьелъие гIоло хIалтIи тIубан хисизабизе ккола нужеца. ЦIикIкIун интернеталде кьезе ккола кIвар. Гьединго битIараб бицине хIинкъизе бегьуларо нилъ.
Цензураялъукьа хIинкъизеги кколаро. Журналистикаялде вачIиндал, дида бичIчIана лъицаниги щибниги абизе гьукъулареблъи. Журналистаз жидецаго гьарула гьединал гьукъа-къаял».
Гьедин пачалихъияб политикаялдасаги этикаялдасаги рикIкIалъичIого битIараб бицине ахIана цIияв министрас пачалихъиял газетазулгун радио-телевидениялъул журналистал.
Информациялъулгун басмаханабазул суал тIаде кколев министрлъун ХIажиев Нариман тIамиялда кIудияб тIадкIалъай гьечIо республикаялда, масала, журналистазда гьоркьоб. Амма комитетги къан, тIубараб министерство гIуцIиялъулъ хIажалъи букIанадайин гьикъулеб буго гьез.
Гьедин Дагъистаналда гIемер ругин жалго пачалихъиял хъулухъчагIазеги гьезул кьибил-тухумалъеги гурони, гIадатияб халкъалъе пайда гьечIел чIахIи-чIахIиял хъулухъалин бицана Эркенлъи Радиоялъе МахIачхъалаялдаса юрист Сомоев Загъалас.
Гьев рази гьечIо Дагъистаналъул президентасул Администрациялда гъорлъе унел хъулухъаздаги. Масала, Загъалас дагIба балеб буго МахIмудова Такибатица бачунеб пачалихъияй секретаралъул хъулухъалда, гьединго Исрапилов Артурида тIад къараб хъулухъалда – гьев ккола территориялъулаб цебетIеялъулги бакIалъул нухмалъиялъулги рахъалъ республикаялъул нухмалъулесда цебе гIуцIараб Управлениялъул нухмалъулев.
Сомоев Загъалав: «Америкаялда гурони, Россиялдацин гьечIо МахIмудова Такибатида тIадкъараб хъулухъ. Гьеб гьаниб хIажат гьечIо, цо. Артур Исрапиловас гьабулеб хъулухъги къваригIараб жо гуро. ЖамгIияб хIалтIи хIисабалда МахIачхъалаялъул мэр Амиров СагIидица гьабулеб буго гьеб».
Юрист Сомоев Загъаласда ракIалда буго Дагъистаналда пачалихъияй секретаралъул хъулухъ хIажат гьечIолъиялда бан кватIичIого диваналде гIарза хъвазе (Америкаялда гурони, Россиялдацин гьечIила гьединаб хъулухъ). Амма гьев гьабсагIаталда диваналда Исрапилов Артурилгун дагIбаялда вуго.
Гьеб хъулухъ гIицIго Исрапиловасеги гьесул кьибил-тухум бечелъиялъеги гурони, бакIалъул нухмалъиялъе тIири пайда бугеб хъулухъ гурин «Настоящее время» газеталда макъала хъвайдал, гьелъул автор – юрист Сомоев Загъалас жинда бугьтан лъолеб бугилан судалде гIарза хъвана Исрапилов Артурица.
Жинда лъураб бугьтан бацIцIине гьес юристасдасаги газеталдасаги нусазарго гъурущ тIалаб гьабулеб буго.
Дагъистаналъул хIукуматалда кколел хиса-басиязул бициналде тIадруссани, хасалого раккарал харбал уял ратани, кватIичIого нилъеда вихьила цIияв премьер-министрги. Бищун цIикIкIун рес «Россельхозбанкалъул» председатель ХIажимухIамадов ГьитIинамухIамадил рагIула.