Экономия гьабийищ, газетал гъанкъийищ?

Russia/Daghestan -- "Millat" newspapers page, undated

Муниципалитетазул газетал республикаялъул аслияб «ХIакъикъат» газетагун цолъизабизе бокьун буго гьеб газеталъул бетIерав редактор Камалов ГIалие

Исана февралалда Россиялда хIалтIизе байбихьула къватIиса пачалихъазул гIахьаллъигун улкаялда газет-журналал рахъиялъе гIорхъи чIвалеб къанун. Гьелъ 20 проценталъ дагьлъизе бегьулин гьеб продукция абурал прогнозал руго экспертазул.

Гьединго хIинкъи буго улкаялда лъугьараб финансазул кризисалъги квалквал гьабилин газет-журналал рахъиялъе.

Гьебги багьанадуй бачун, пачалихъалъул бюджеталъул гIарац пасат гьабунгутIиялъул мурадалда муниципалитетазул газетал республикаялъул аслияб «ХIакъикъат» газетагун цолъизабизе бокьун буго гьеб газеталъул бетIерав редактор Камалов ГIалие. Гьелда бан муниципалитетазул бутIрузухъе кагътал ритIун руго МугIрузул мухъалда Дагъистаналъул бетIерас тарав официалияв вакил ЗайнулгIабидов МухIамадхIажил цIаралдасан.

Гьеб проекталда рекъон муниципалитетазул газетал рахъизе бегьула «ХIакъикъаталда» жанирги лъун. Щибаб муниципалитеталъе кьезе буго кIи-кIи гьумер. Гьеб мехалда 13-15 магIарул муниципалитеталъе бакI кьезе ккола гьениб жаниб. Гьелъулъ муниципалитетазул щибалъ кьезе ккола 1 млн 500 азарго гъурущ.

Амма гьеб проект рекIее гIолеб гьечIо жалго гьел мухъазул газетазул хIалтIухъабазе. Масала, ЭР-ялъе гьединаб пикру загьир гьабулеб буго Гумбет мухъалъул газеталъул бетIерав редактор ГIизудинов ХIамзатица.

ГIизудинов ХIамзат: «ГIали Камалов абурав, журналистикаялдаса рикIкIадав, рестораназул бизнесалда вугев чияс абулеб буго киналниги мухъазул газетазул бюджет жинца нухмалъи гьабулеб «ХIакъикъат» газеталде ккезабеян. Гьелдалъун жинца щибаб мухъалъе гьеб газеталда жаниб лъун кIи-кIи гьумер биччазе бугилан (гьел мухъазул харбазул бицараб). Амма гьеб кIи-кIи гьумер гIоларо нижее. Щайин абуни гIемер рукIуна рахъизе ккарал муниципалитеталъул хIалтIуда хурхарал документалги цогидабги. Камаловас абулеб буго жинца хIукумуталъул гIарцуе экономия гьабизе бугин. Амма хIукуматалъ журналистикаялъе биччараб гIарац цогидал пишабазе биччаралдаса дагьаб буго. Камалов абурав чиясул проект гIумруялде бахъинабуни, загIиплъизабизе, хьадарлъизабизе рес буго хIукуматалъул рахъалдасан халкъалдаса цебе бугеб хIисабкьейги хъулухъчагIазул бугеб рагьараб пикруги. Амма гьесул гьеб проект буго гIумруялде бахъинабизе санагIалъи гьечIеб ва релълъунареб. Цониги муниципалитеталъул нухмалъулев разилъизе гьчеIо 70-са соназул хIалбихьиги бугеб, гIемераб тарихги жанибе бачараб, жамгIияталда жаниб пуланаб мухъалъул брендлъун ва гIаламатлъун лъугьараб газета къазе. ХIакъикъаталдаги гьел газетал къаялде ахIараб проект ккола журналистазул цолъиялъул нухмалъулевин вугев Камаловас ургъараб жо. Гьелде щвезегIан литературияб журналги цолъизабизе боькну убкIана гьесие «ХIакъикъатгун». Амма релълъинчIо гьесул гьеб. Цогидабги релълъине гьечIо. Гьеб ккола цо фирмаялъ цогидал жиндирго кверщаликье рачун, гьел гъанкъизари гIадаб жо. Гьеб жо ккола Дагъистаналъул халкъалде данде гьабулеб хIалтIи».

Амма гьединал проектазул хал гьабизе кколин монопллиялда данде чIараб комитеталъгиян рикIкIунеб ГIизудинов ХIамзатица. Гьеб проектги бугила хIакъикъаталдаги республикаялъул хIукуматалъул ихтияралда бугеб проект. Камаловас цебе лъолеб гьеб проекталда рекъон хIалтIизе ккани, жив хъван гIарзаги кьун хъулухъалдаса нахъе инин лъазабулеб буго Гумбет газеталъул бетIерав редактор ГIизудинов ХIамзатица.

ГIизудинов ХIамзатилго гIадаб пикру буго Хунзахъ мухъалъул «Росдал захIматчи» Фатима МухIамадовалъги.

Фатима МухIамадова: «Нилъее киназего балъгояб жо гуро газетазул гIумру халатаб гьечIолъи. ЦIиял технологиялги, интернет-технологиялги раккаралдаса гIадамал гьелде руссунел руго. Газетал цIалулев чи дагьлъулев вуго къо бахъанагIан. Амма дирго районалъул рахъги хIисабалде босани, годекIанир хабар-кIалалъе данделъарал 70 соналдаса тIаде ригь арал гIадамал ралагьун чIун рукIуна газета бачIиналъухъ. Нагагь гьеб кватIани, гьелъие бугеб гIилла цIехолел рукIуна киналго цадахъ. Гьединлъидал дун божарай пикру буго мухIканго ва дурусаб куцалда районалъулги, гьелъул росабазулги хIакъалъулъ хъван бажаризе гьечIечIо республикаялъул газеталъ кьолеб цо кIиго гьумералда. Нижер гьединаб дагьаб баян букIунаро щибаб анкьида кьолеб. Цо-цо мехалда нижеца анцIила анлъго гьумер бугеб бугеб газетацин хIадурула.

Гьеб проекталда бицунеб буго газеталъе биччалеб бюджеталъул гIарац тIокI гьабизе бугилан. ГьедигIан кIудияб бюджет бугеб цониги районалъул газетазул редакцияги дида лъаларо. Нижер гIадалцин шартIал гьечIо цогидал редакциязул, росабалъ хIалтIизе бакIал гьечIо».

2016 соналда улкаялда гIарцуе экономия гьабиялъул мурадалда Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ гьукъизе бугин муниципалиял газетазе гIарац кьезейин абурал харбал руго. Щайин абуни анкьи-анкьие риччалел газетаздаса щибниги пайда гьечIин, гьез анкьидасан кьолел харбал некIого интернеталдасан рагIун рукIунилан.

Дагъистаналъул информациялъул министр хисулев Зубайру Зубайруевасул пикруялда рекъон, гьабсагIаталда ругел шартIазухъ балагьун, цониги информалаталъе бигьа букIине гьечIо медиахолдингалдаса батIа тIун хIалтIизе. Щайин абуни гIарац тIокI гьабизе рес букIунила гьеб алаталъул. Амма дол муниципалитетаз гьанжелъагIан биччалеб букIараб гIанасеб гIарацги харж гьабун риччазе ратани гьелго газетал, гьелъул магIна бихьуларин жиндаянги тIаде жубана информациялъул министр хисулев Зубайру Зубайруевас. ГIали Камаловасул варианталда рекъон, гьедигIанасебго гIарац унеб буго медиахолдингалда гъорлъе рачун хадурги гьелго газетал риччазе – 1 млн 500 азарго гъурущ.

Гьеда бан гьадин тIаде жубалеб буго Зубайру Зубайруевас.

Зубайру Зубайруев: «ГIарцуе экономияги гьабичIого гIумруялде бахъинабулеб идея гьеб батани, гьелъул кинабгIаги магIна гьечIо. Муниципалитеталъул бетIерас абиларищ дие батIалъи щибин, цо млн-гун хадуб гъурщиде дицагоги биччаларищин гьединабго газета? ТIадежоялъе жиндирго кверщаликьги букIина гьеб, жиндирго политика билълъинабулеб. ПалхIасил, дида бихьичIо гьеб холдингалъул проект. Гьединлъидал лъида тIад кинал ихтиярал, тIалабал рукIине ругелали бичIчIулеб гьечIо. Амма жибго гьединаб проект цебего гIумруялде бахъинабун буго. «Тат-медиа» абун киналго пачалихъиял газеталги гъорлъе рачун 15 сон буго гьел хIалтIулелдаса».

Гьединлъидал кида-къадги Дагъистанги гьебго пикруялде бачIине бугин тIаде жубана Зубайру Зубайруевас.

Живго проекталъул автор Камалов ГIалилгун бухьен гьабизе санагIалъи ккечIо.