Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул хIалтIухъабаз гьал къоязда Москваялда ккун буго исламиял террористазул къукъа. Гьеб гIуцIун букIун буго 14 чиясдасан ва гьел киналго ккун руго Москваялъул Новокосино абулеб мухъалда бугеб гIемертIалаязул рукъалъул цоялда. Гьезухъ бату буго «шагьидасул рачелги» ярагъги. Гьедин лъазабулеб буго улкаялъул информалатаз. Экспертазул пикруялда гьел руго Олимпиадаялде цере гьарулел хIалтIаби ва улка терроризмалъул хIинкъиялдаса хвасар гьабизе гьединал тадбираздалъун бажаризе гьечIо.
Ккуразда гьоркьор руго Туркменистаналдаса, Узбекистаналдаса, Дагестаналдаса, Чачаналъа, Гъалгъаялъа, Калмыкиялдаса гIадамал ва Москвагун Белгородалъул ракьалдаса ислам босарав кIигояги. Гьедин хъвалеб буго «Российская газетаялъ». Полициялъул баяназда рекъон, чIухь байдал гьез гIумру гьабулеб бакIалда ратун руго хириял тукабазда бичулеб ретIел бикьиларедухъ гьезда дализарулел макънатIинсалъул горал. Гьелдалъун низам цIунулез чIезабун буго ккураз тукабаздаса ретIел-тIех бикъулеб букIун батизе рес бугин.
Гьелде тIадеги гьезухъ детонаторалги, рокъосел шартIазда бомбаби гьаризе хIажатал алаталги, тунчулги, гранатабиги, экстремистияб литератураги батанин лъазабулеб буго.
http://zagolovki.ru/article/28Nov2013/moskva
«Шагьидазул рачел» Москваялъул территориялда кьвагьи гьабизе хIадурулеб букIун батиялда щаклъи бугониги низам цIунулез такъсир гьабиялъул иш рагьун буго гIицIго къануналде данде кколареб куцалда ярагъ хIалтIизаби абураб гIайиб гIунтIизабун. Гьедин лъазабулеб буго «Московский комсомолец» газетаялъ.
«Комсомольская правда» газеталъул баяназда рекъон, гьел ккурал чагIи унел рукIун руго «Ат-Такъфир Валь ХIиджра» абулеб экстремистияб къукъаялде гъорлъе. Гьеб рагIула 1970-соназда Мисралда баккараб къукъа ва гьелъул цIар буссинабулеб буго «капарат ва хIасил» абун.
Гьеб къукъаялъул гIемерал чагIи Суэцкий каналалдаса чанго сагIаталъ автомашиналда рекIун араб бакIалда чIобогояб авлахъалда шагьидазул хабалазда рукъун ругин хъвалеб буго газетаялъ.
Гьезулго баяназда рекъон, гьеб къукъа рикIкIунеб буго дунялалда ругел халкъаздагьоркьосел исламиял террористиял къукъабазул бищунго радикалиязул цояблъун. Гьелъул гIахьалчагIаз жалго хIадурулел рагIула гIемерав ракълилав чи цадахъго чIваялъул актазде. Пикру хисизабурал гьел хвезе хIадурал рукIунун ва гьезда кколин гьедин жал алжаналде ине ругин хъвалеб буго Заголовки. Ру сайталда.
http://zagolovki.ru/article/28Nov2013/otriad
Гьединал къукъабазул хIинкъи бугин «терроризмалъе гьез кьучI лъолеб букIиналъин» рикIкIинеб буго ГIагараб Машрикъалъул институталъул директор Евгений Сатановскияс. Гьесул пикруялда, ФСБ-ялъул икъбалалда гьарурал операцияз тIагIинабуларо Россиялъул гIемерал регионазда бугеб терроризмалъул хIинкъи. Гьанжесеб гьеб операцияги Олимпиадаялда цебе тIобитIараб тадбирлъун бихьулеб бугин ва улка хIинкъиялдаса тархъан гьабизе гьелдалъун кIоларин абулеб буго гьес.
Дагъистаналда къватIибе бачIунеб «Настоящее время» газетаялъул бетIерав редактор Фатулаев Милрадица рикIкIунеб буго Мисралда гIуцIараб ва хадуб Либиялде гочараб гьеб «Ат-Такъфир Валь ХIиджра» къукъаялъулгун Москваялда ккуразул гIаммаб жо букIин щакаб бугин.
Милрад Фатулаев: «Гьеб къукъаялъ рикIкIуна исламиял радикалиял цоги къукъаби ритIараб нухадасан унел гьечIин, гьеб гьездаса батI тIун чIола ва гьез рикIкIуна жидер мурадалде щвезе ккани рагъулаб къагIидаялда хIалтIизабизе кколин, масала, халифат гIуцIизе. БичIчIулеб буго жакъа къоялде щвелалде гьеб къукъаялъул букIараб цониги нухмалъиялъ россиялда хурхун гьединаб масъала жидеда цебе лъун букIинчIолъи. Гьединлъидал цIакъ щакаб жо буго гьеб Москваялда ккурабин абулеб гьитIинаб къакъаялъ жиндаго цебе гьединаб масъала лъун букIин».
Щай гьанжелъизегIан Россиялда рагIинчIеб хас гьабун гьеб «Ат-Такъфир Валь ХIиджра» къукъаялдаса ругин гьелин лъазабураб низам цIунулезин нижеца гьикъидал Милрадица абуна гьеб багъа-башариялъул бицине байбихьанин Шамалда рагъулал ишал халат рахъараб мехалда. Гьениб президент Башар Асадиде данде багъулеб оппозициялъул къукъабазул идеология «Ат-Такъфир Валь ХIиджраялъул» идеологиялда релъараб бугин ва гьенире рагъизе ун нахъе рачIарал крымалъул татарал «ХIизб-ут-Тахрир» къукъаялде гIагарлъулел ратани, кавказалъулазе «Ат-Такъфиралъул» идеология гIагараб батизе бугин рикIкIунеб буго Фатулаевас.