«Кьибил-тухумалъего тамихI гьаби яргъидгIуцIаразде данде чIеялъул тадбирлъун бищун буго чачаналъ» – абураб бетIералда гъоркь тIобитIулеб прессконференциялда цо чанго чачан миллаталъул гIолохъанчияс релъинчIел ханал речIчIана, президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялда тIасан комитеталъул гIахьалчи, гIакъуба кьеялде данде чIеялда тIасан комитеталъул нухмалъулев Игорь Каляпинидаги, мемориал централъул гIахьалчи Александр Черкасовасдаги.
Конференция тIобитIулел рукIарал инсанасул ихтиярал цIунулез абуна конференцияги халат бахъинабизе бугин Рамзана Къадыровасул лъазабиязе кколеб къиматги кьезе бугин.
Цо чанго инсанасул ихтиярал цIунулел идараби: «Human Rights Watch», Мемориал», «ГIакъуба кьеялде данде чIолеб комитет» - цадахъ рекъон къимат кьолеб букIана гьеб конференциялда, араб анкьалда чачаназул президент Рамзан Къадыровас социалияб гьин Instagramда хъвараб лъазабиялъе: «Нагагь Чачаназул республикаялда полициялъул хIалтIухъан яги кинав вукIаниги цогидав чи чIвани, яргъид гIуцIарасул хъизамги республика тун къватIибе битIизе бугин, тIад русине ресги кьечIого, гьел жанир рукIараб минаги тIинда гъун бихизабизе бугин» - абураб.
Инсанасул ихтиярал цIунулез рикIкIунеб буго Рамзан Къадыровасул рахъалдасан гьадинал лъазабиял гьариги, гьел тIуразариги россиялъул къанунал хвезарилъун.
Инсанасул ихтиярал цIунулез гьеб лъазаби рикIкIунеб буго къуватал структурабазе лъазаби тIубазабизе буюрухъ кьей лъун.
Нижер радиоялъе хас гьабун Рамзан Къадыровасул лъазабиязда бан«Human Rights Watch» идараялъул программабазул директор Татьяна Локшинаца гьадин абуна.
Татьяна Локшина: «Чачаназул президент Рамзан Къадыровасе гьеб цIияб тадбир кколаро. Гьев нухмалъуиялда вугеб 10 соналда жаниб чачаназул республикаялда яргъидгIуцIаразде тIадецуй гьабизе гьеб тадбир тIаса бищулеб букIана.
Системияб къагIидаялъ гIагарлъиялде тIаде цуй гьабулеб букIана яргъид гIуцIарал кодоре щвезаризелъун. ГIакъуба кьолеб букIана, хадур чIолел рукIана, рукъзал рухIулел рукIана.
2008-2009 соназда гьеб проблемаялда тIасан нижеца доклад букIана къватIибе биччан. ЧIварай Наталья Эстемировалъ кIудияб кумек гьабун букIана гьеб доклад гIуцIиялъе.
Нижеца тIалаб гьабулеб букIана федералияб централдасан цIех-рех гьабеян чачаналъ бугеб ахIвал хIалалъул. ГIадамазе, гIагабожаразе эбел-инсуе гIакъуба кьолеб букIиналда бан. Федералияб централъ доб заманалда кIвар гьабичIого тун букIана гьеб проблема.
Яги федералияб централъ балъго Рамзан Къадыровасда лъазабиги гьабун букIун батаниги, яги журналистаз бахъинабураб ахIи-хIур букIун батаниги гьеб проблема дагьабго гIодоб цун ун букIана арал соназда.
Гьанже цIидасан Рамзан Къадыровас рагьун гьарулел руго чIахIиял лъазабиял яргъид гIуцIаразул ишал лъалареб гIагарлъи букIунарин абун».
Рагьунго жиндиего мукIурал къуватал структурабазе кьолеб буюрухъ хIисабалда гуреб батIияб къагIидаялъ гьеб бичIизеги бичIуларин рикIкIунеб буго Татьяна Локшинаца.
Гьелъулго рагIабазда рекъон ахирал къоязда жанир инсанасул ихтиярал цIунулез хIисабалде росун 9 гIанасеб мина бухIун буго Чачаналъ.
ГьабсагIаталда Федералияб централъ гьеб проблемаялде кIвар буссинабулеб гьечIони рухIулел минабазул къадар цIикIкIине бугин лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулелъ.
Рамзан Къадыровас гьарулел ишал, я россиялъул, яги халкъазда гьоркьосел къануназде данде кколаро. Федералияб централда тIадаб буго Рамзан Къадыровас гьарулел ишазда гьоркьобе лъугьине. Гьеб абизе данде ахIараб букIана жакъасеб конференцияги»- ян абуна Татьяна Локшинаца.Пресс-конференциялда гIахьаллъа рал
«Мемориал централъул» гIахьалчагIи Светлана Ганушкинаца, гьединго Александр Черкасовасги ахIулел руго россиялъул тIадтаралРамзан Къадыровасул лъазабиязде кIвар буссинаби.