Сириялда халат бахъунеб рагъда гIахьаллъулел кавказиязул къадар цIикIкIунеб бугин моцIалдаса моцIалде. Раккулел руго гъозул цIаралги. Гьез рагьараб къагIидаялъ лъазабулеб буго жидеца жигьад бачунеб бугин.
Сириялъул президент Башар Асадил низамалде данде рагъ бачине унел руго гIемерал сунитал. ГIицIго бусурбан улкабаздаса гурелги – хIатта Магърибалъул улкабаздасаги.
Гьале ахирсел хIужаби. Даниялъул гIага шагарго 80 чияс Сириялда унеб гражданияб рагъда гIахьаллъи гьабулеб буго оппозициялъул рахъ ккун.
Гьадин лъазабуна гьатIан къоялъ Associated Press агентлъиялъ Даниялъул хасал хъулухъазул баяназда мугъ чIвай гьабун.
Гьезул анкьгояв чIванги вугин ва 40 чи Даниялде тIад вуссанин, абулеб буго рехсараб лъазабиялда.
Даниялъул хасаб хъулухъалъул бетIер Якоб Шарфица абулеб буго гьел гIадамаз «Аль-КъагIидаялъул» рахъ кколеб бугин. Ва тIаде жубалеб буго – гъозул гIемерисезул бухьенал ругин таксирчилъиялъул къукъабазда.
Гьадинабго баян кьолеб буго Норвегиялъул хасал хъулухъчагIазги. Гьеб улкаялдаса Сириялде 40 бусурбанчи анин.
Башар Асадил низамалде данде чIаразе гьадинаб къимат кьей гIажаибаблъун бихьула, щай? Щай гурелъул Цолъарал Штатазги Магърибалъул улкабазги чIван къотIун какула президент Башар Асадил рахъ ккурал аскарияз гьарулел ишал. Мисалалъе – химикияб ярагъ хIалтIизаби.
Аммаила, абулеб буго Сириялдаса Прагаялде вачIарав жиндир цIар абизе бокьичIев цо студентас, гIажаиблъизе бакI гьечIин, щай гурелъул, жал гьенире мужагьидал хIисабалда рачIун, хадур жидерго ишал гьарулел ругин.
Кин бугониги, яргъид гIуцIарал суннитазул къадар Сириялда цIикIкIунеб буго. Руго гьеб улкаялда кавказиялги. Аслияб къагIидаялда чачаналги дагъистаниялги.
Гьалкъояз загьирабун буго Гуржиязул вукIарав аскарияв чачанав Тархан Батирашвилил хIакъалъулъ информация.
ЛъикIаб рагъулаб хIальбихьи бугев вьев Батирашвили кколин жигьад бачунел бусурбабазул къукъаялъул нусибетIерлъун ва гьесул рагъулаб тIокIцIар бугин ГIумар Шишани, ян хъвалеб буго The Wall Street Journal-алъ.
http://online.wsj.com/news/articles/SB10001424052702303309504579181962177007316
Сириялда ругел гIемерал гIадатиял гIадамал разиял гьечIо гьединал къеркьохъаназ гъозухъа цIикIкIараб магъало бахъиялдаса. Гьарулел ругин гьез вахIшиял ишалги. The Wall Street Journal-алъ мисалалъе бачунеб буго гьадинаб лъугьа-бахъин.
Дагьалъ цебе Сириялда вагъулев вукIарав цо дагъистанияз лъабго бакIалъулав чиясул бетIер къотIанин ва гьеб чIвай-хъвей интернеталда бихьизабунги букIанин.
Хадув гьев дагъистанияв Сириялдаса нахъе гъуна, ва араб анкьида Батирашвилил къукъаялъ тIаса лъугьин гьарана рехсараб такъсир гьабиялъухъ.
Сириялда халат бахъунеб гражданияб рагъалъ Цолъарал Штатазулгун Россиялъул геополитикияб къецги багъаризабун бугоан.
Россиялъ Магърибалде гIунтIизабулеб буго радикалиял бусурбабазе квер бакъи гьабулеб гIайиб, Сириялда гуребги – Шималияб Кавказалдаги, ян хъван буго Wall Street Journal-алда бахъараб макъалаялда.
Амма масала рехсарав Тархан Батирашвилица лъазабуна жинца ва жидер рахъ ккураз американиялги рикIкIунел ругин Аллагьасул ва Ислам-диналъул тушбабилъун.
Тархан Батирашвилигун Гуржистаналъул армиялда аскарияб хъулухъ гьабулев вукIарав Малхаз Топурияца абулеб буго гъов гьедегIан диналде вуссарав чилъун вукIинчIин, аммаила гIемерал чачаназго гIадин гьесие цIакъ бокьулеб гьечIин Россиялъул тIалъи ва гьес Сириялда унеб рагъ Кремлалде данде гьабулеб ишлъун рикIкIунеб батилин.
Wall Street Journal-алъул макъалаялъ рачунел руго Кремлалъул тIадегIанаб хзъулухъчиясул рагIаби (гьесул цIар рехсон гьечIо) – «Сириялда бугеб террористазул интернационалалъ ахир-къад Россиялде тIад буссун, цIияб рагъ багъаризабизе бегьулин» абурал.
Гьел къеркъохъаназул къадар, Америкалъул хасал хъулухъчагIазул баяналда рекъон 17 000-ялде бахунеб буго. Гьезул аза-азаргояв кколин Шималияб Кавказалъул гIадамал, цоял – ватIаналдаса, цогидал Европаялдасан гьенире рачIарал.
Тархан Батирашвилица ва яргъид гIуцIарал бусурбабазул цогидал нусибутIруз тIолго дунялалда ругел гIолохъанал бусурбабазде ахIи балеб бугин халифат гIуцIи мурадалда Сириялде рачIиналде.
Гьадинал ахIиял батIи-батIиял сайтазда гIатIидго загьирарун руго ва гIемерал гIолохъанал бусурбаби цин Туркиялде, цинги дорасан Сириялде рачIунел ругин рагъда гIахьаллъи гьаби мурадалда.
Гьадин хъван буго Америкалъул Wall Street Journal-алда