Аслан Масхадов: «Эркенлъи гьечIони узденлъиги букIунаро»

Россия - Аслан Масхадов ва Борис Ельцин.

1999 соналда Шамиль Басаевасул бетIерлъуда гъоркь яргъид гIуцIарал къукъабаз Дагъистаналде гьабураб тIаде кIанцIиялъе чачаназул президент Аслан Масхадовас квешаб къимат кьун букIана. Досул доб баян бихьизабун букIана Россиялъул телевидениялъ. Амма додин букIаниги, Дагъистан республикаялъул тIадтараз Аслан Масхадовасде гIайибал гIунтIизарун абуна, гьес тIаса-лъугьин гьаричIин. Гьединлъидалин гьес гьел экстремистазе квербакъи гьабулеб батилин.
Аслан Масхадовасги доб мехалъ Дагъистан республикаялъул бетIерлъун вукIарав МухIаммадгIали МухIаммадовасги къасд гьабунин дандчIвазе, аммаила лъазабун букIана Дагъистан республикаялъул информациониял алатаз, гьелда разилъичIел гIадатиял дагъистанияз чIагояб сангар кинигин нух къан букIанин кIиябго республикаялъул бутIрузе. Данделъи тIобитIичIо.

2003 соналда Эркенлъи радиоялъул Шималияб Кавказалъул редакциялъе рес щун букIана Аслан Масхадовасе суалал ритIизе. Ва гьел суалазе Аслан Масхадовас мухIканал жавабалги ритIун рукIана. Авар редакциялъ битIараб суал гьадинаб букIана: 1999 соналда мун Хасавюрт шагьаралде унев вукIана Дагъистаналъул бетIергун дандчIвай мурадалда. МухIаммадгIали МухIаммадовгун доб данделъи букIарабани щиб дуца гьесде абилаан? Гьале Аслан Масхадовас доб нижер суалалъе кьураб жаваб:

Аслан Масхадов: «1999 соналда Дагъистаналда рагъулал ишал байбихьун хадусала дица хIакъикъаталдаги кватIичIого сапар бухьана Хасавюрталде МухIаммадгIали МухIаммадовгун дандчIвазе гIоло.Доб рагъ багъарун хадуб МухIаммадовас кIиго-лъабго нухалъ лъазабуна Масхадовас жиндихъе телефон кьуричIин ва кинабгIаги официалияб лъазаби гьабичIин.

Гьелдаса нахъе дица гьесухъе дирго гIакъулачагIи ритIана. КъотIи гьабуна ниж кIиявго Хасавюрталда данделъизехъин ругин абун. Герзелил кьотIе дун щвараб мехалда дандияб рахъалъан гьенире рачIарал МухIаммадгIали МухIаммадовасул кумекчагIаз диде абуна Хасавюрталда аскIоб халкъ бакIарулеб бугин ва гIадамазе бокьилаанин дие нух къазе.

Цойги гIилла бугищилан гьикъана дица, йохъилан жавабги кьуна гьез. ГьечIони гьебги бахине кIолареб сангар гурин дида ккола. Гьадинаб жаваб кьуна дица гъозие. Рихха-хочараб хIалалда эхетун чIарал МухIаммадгIалил гIакълучагIаз гьеб мехалъ тIаде жубана Гъизилюрталдаги аскIоб бакIарараб халкъалъул хиял бугIин МухIаммадовасеги нух къазе ян абун.

Дица гьезде абуна гьединал квал-квалал, гьединал буюриял Москваялъ кьолел ругин. ГIурусазул изну гьечIого цониги гали тIамизе кIоларев ва мадугьаллихъ бугеб республикаялъул бетIерасе урхъараб салам кьезе кIоларев чиясда гIурусазул лагъин абун гурони тIокIаб щибха абилеб? Гьединав чиясул цониги ихтияр гьечIо. ХIакъикъаталдаги эркенаб гуреб республикаялъул бетIерасул узденлъи кисан букIунеб, яхI кисан букIунеб?! Халкъалъ гьев Гъизилюрталде виччан толев гьечIони – гьеб гьесул проблема буго.

Щибха дие бокьилаан абизе МухIаммадовасде? Бокьилаан абизе гьадинаб жо: Дагъистаналда лъугьа-бахъараб хасго гIурусаз хIадур гьабунин, тIоцебесеб иргаялда – Путиница. Доб рагъ букIинчIебани Путин президентлъун вукIинароан киданиги».

Гьадинаб баян гьабун букIана нижер редакциялъе 2003 соналда Аслан Масхадовас.