Хъизаналъул гьуинлъи – рукъалъул хазина

Хъизаналъул гьуинлъи

20I0 соналъ Дагъистаналда хъвай-хъвагIай гьабун буго 23 436 ригьин-цIаялъул. Гьебго соналъ ратIалъун руго 4456 рос-лъади, ай ратIалъаразул къадар бащалъулеб буго 20 проценталда.
Гъоркьисала МахIачхъалаялда хъвай-хъвагIай гьабун буго 4I46 ригьнал. РатIалъунин абуни руго 925 рос-лъади, ай 28 %. Гьадинал баянал рехсана Дагъистаналъул ригьназул хъвай-хъвагIай гьабулеб идараялда, ай къокъго абуни, республикаялъулаб ЗАГСалда.

Гьениб бицухъе, тIолабго Россиялде дандеккун, ратIалъулел рос-лъадул къадар Дагъистаналда дагьаб бугониги, соналдаса-соналде хъизамал риххиялъул хIужаби республикаялда тIадеялдаса-тIаде цIикIкIунел рагIула.

«Масала, тIолабго Россиялда дандекъан босани, щибаб санайил биххулеб буго щибаб кIиабилеб хъизан», - ян бицана республикаялъул ЗАГСалъул хIалтIухъан МухIамадова Галинаца.

«Гьединаб хIал букIинги хIисабалде босун, улкаялда ругел диназул церехъабазулгун букIараб дандчIваялда Путин Владимирица лъикIаблъун бихьизабун букIана хъизаналъул гьоркьорлъаби щула гьаризе малъулел диниял централ гIуцIизе ккелилан. Амма жакъа къоялдеги гьеб рахъалъан гьабулеб хIалтIи гьечIо ва цояб рокъоса цогидаб рокъоре лъугьунел гIадин, бигьаго ратIалъулел руго рос-лъади», - ян бицана гьеб масъалаялда бан гара-чIвари гьабурав аваразул щагIир ПатахIил МухIамадица.

ПатахIил МухIамад: «Дун гьитIинаб мехалда цо лъилалиго ригьин биххун бугилан рагIидал, гьеб къабул гьабулаан букIинего бегьулареб жо гIадинан. Гьениб букIинчIо я диналъул ялъуни коммунистияб асар. Амма жалго гIадамазул рухIияб бичIчIи буголъи букIана. Гьанже гIумру хисараб мехалда, гIадамазул гIакълу-пикруги хисана. Масала, руччабаз тIалъи босулеб гIадинаб замана бачIана гьанже. Доб мехалда абулаан бихьиналги руччабиги бащалъун ругилан. Ращалъи гьечIолъи гьечIогоги букIун батиларо, гьанжейин абуни руччабаз тIокIлъи босулеб буго ва гьезул тIалабалги цIикIкIунел руго.
КIиабилеб рахъ босани, цебегIадин бихьиналги гьанже хъизамалъул тIалаб бугел гьечIо. ГIумру захIмалъиги хIисабалде босун, чIужугун лъималги рехун тун рос унев вуго цо мухъалде валагьун, ай захIмалъи баччизе бокьулеб гьечIо».

Аваразул щагIир ПатахIил МухIамадица бицухъе, Дагъистаналда ратIалъулел рагIула щибаб ункъабилеб хъизан.

Россиялда хъизанал риххиялъе кколел сабабаллъун, психолог Веденеева Ольгада бихьулеб буго буго ункъо гIилла: тIоцебесеб, рос-лъадуца цоцазул адаб-хIурмат гьабунгутIи. КIиабилеб, материалияб рахъ лъикI гьечIолъи, ай гIумру гьабизе щартIал гьечIолъи. Лъабабилеб, рос-лъадул цоялниги унти яги лъимер гьабунгутIи. Ункъабилеб, гьекъолди, экономикияб кризис, хIалтIи гьечIолъи, метерисеб къоялде божилъи букIунгутIи.

«Хасго гIемерлъун буго рос-лъади цоцазе хилиплъи. Хъизаналда цоцаздехун рокьи гьечIони, кида-къадги гьеб хъизан биххичIого хутIуларо. Ва гIадада абулеб жо гуро, «рокьи кколин щибаб къоялъ бежизе кколеб чедилан». «Щибаб къойил чед бежулеб гьечIони» рос-лъади цоцаздаса рикIкIалъула», - ян рикIкIунеб буго психолог Веденеева Ольгаца.

Умумузул аби буго рос реххулеб кIкIалги – лъади, рос вахунеб щобги – лъади абураб. Гьелдасан бихьулеб буго хъизаналда гьуинлъи букIин, гIемерисеб лъадуда бараб букIин. Гьединлъидал, гIемерисел ригьнал риххиялъе гIайибияллъун руччабийищха кколел?

«Гьайгьай, хъизаналда парахатаб хIал букIинабиялъул цIикIкIарасеб бутIа руччабазде тIаде кколин абуни мекъи букIинаро. Амма тIилилги кIиго рахъ букIунин абухъе, кинабго гIайибги руччабазде рехизе бегьиларо. Лъадудаги лъималаздаги мугъчIвалев рос, эмен вугони, хъизаналда гьава-бакъги рекъараб букIуна», - ян бицана хъвадарухъан ГIалиева ГIайшатица.

ГIалиева ГIайшат: «Дицаги абула чIужугIаданалда бараб гIемер бугин, дунгоги чIужугIадан йигониги. Амма бихьинчиги вукIине ккола чIужугIаданалъе къадруявлъун. Цояб рахъалда живгоги чIун кинабго иш чIужугIаданалъ гьабейилан абиги мекъаб буго. Щибго тIаде бачIаниги жийгоги лъималги цIунизе кIолев бихьинчи чIужугIаданалда нахъа вугони, гьелъ I50 проценталъ цIунизе ккола хъизаналъул къадру росасда бачIого. ЧIужугIаданалъул тохлъиги цогидабги бихьинчиясда барабги букIуна. Щулияв, кьучIав рос вугони, чIужуялъулги хасиятал гьединалго рукIуна, гьелъ хъизанги цIунула».

Хъвадарухъан ГIалиева ГIайшатица бицухъе, щулияб хъизан гьеб кколеб рагIула щулияб ва сахаб улка. Гьединлъидал, щулияб ва сахаб жамгIият букIине кканани хIукуматалъги кIвар кьезе кколила хъизаназде, хасго гьанжего гьанже данделъаразе, кинаб къагIидаялъ батунги, кумек-квербакъи гьабиялде.