8 июлалда Россиялъул Центробанкалъ лъазабуна Липецкалдаги МахIачхъалаялдаг
МахIачхъала шагьаралъул муниципалияб банкалъухъа лицензия нахъе босиялъе гIилла рехсолаго, Центробанкалъ кIвар буссинабулеб буго «Такъсирияб къагIидаялда щвараб хайир балъго гьабиялдаги, терроризмалъе гIарац биччаялдаги дандечIезелъун» бахъараб федералияб къануналдаса цо-цо пунктазде. Гьединго Центробанкалъул щаклъи буго улка тун къватIибе гIарацги битIун, МахIачхъалаялъул банкалъ цо ричIчIуларел операциял гьарулел рукIиналда. Гьединго банкалъ гIарац кьолеб букIун буго къарзалъе, нагагьлъун гьеб тIадбуссинчIони, банкалда гIарацги течIого.
Гьениб гIарац лъурал гIадамазе 22 июлалдаса байбихьун гьеб бецIиялъул иш тIаде босулеб буго страхованиялъул Агентлъиялъ. Амма гьебги 700 азарго гъурщидаса тIаде кьезе гьечIо. Гьедин батани, банкалъе налъукь ккарал гIадамаз щибдай гьабулебан суал лъолеб буго цо-цояз. Гьеб тIаса ккелародайин абун хьулги буго гьезул.
Бицен гьабулеб банк МахIачхъалаялда гIуцIун букIана 1994 соналда.
МахIачхъала шагьаралъул банкалда хурхун ахIи-хIур бахъун букIана исана ихдалги. Москваялъул «Внуково» аэропорталда ккун рукIана 100 млрд – са цIикIкIун гъурущги босун МахIачхъалаялдас
ПалхIасил, 8 июлалда Россиялъул Центробанкалъ гьабураб хIукмуялда бан жинцаго гьабураб лъазаби гьечIо МахIачхъала шагьаралъул муниципалияб банкалъ. Интернеталда гьелъул адресги рагьулеб гьечIо. Гьединго ЭР-ялъе жидерго пикру бицине разилъичIо банкалъул цо-цо вакилзаби.
Дагъистаналъул банказул рейтингалда МахIачхъала шагьаралъул муниципалияб банк букIана 14 абилеб бакIалда. Гьезул гIаммаб къадар ккола 25. Амма республикаялъул банказда гьоркьоб бищун цебе бугеб Дагэнергобанк Россиялъул банказул рейтингалда ункънусиде гIагарараб бакIалда буго.
Къокъаб заманалда жанир Дагъистаналда къана цогидал банкалги – Витас, Трансэнерго, Экспресс. Гьелъие гIилла гьереси-документ
ЦIакъго дагьаб заманалдаги хIалтIун гьединал банказдаса нахъе унел гIадамал гIезегIан дандчIвала МахIачхъалаялда. Масала, ЭР-сан жиндирго цIар абизе разилъичIей цо бухгалтералъ бицана туснахъалде ккелин хIинкъун, щиб банкали бичIчIараб мехалда жинца хъата-масан гьениса нух босанилан. Гьединабго мисал бачунеб буго ЭР-ялъе МахIачхъалаялдас
Марям Абакарова, экономист: «Цо банкалда хIалтIулей йикIарай ясалъ бицана гьадинаб жо. МахIачхъалаяда бугеб гьеб банкалъул хIалтIухъабаз гIадамал махсароде квезе жалго диниял чагIилъун рихьизарулаанила
Дагъистаналдаса журналист Муса Мусаевас рикIкIунеб буго ахираб заманалда жаниб республикаялда чанго батIияб банк къаялъе гIилла бугин банказул хIалтIулъ гIадлу-низам гьабизе къваригIин. Гьелдалъун нух къалеб бугила аслияб куцалда хъачагъазе, рохьилазе ине рес бугеб гIарцуе. Щайин абуни чIвалин хIинкъизеги гьарун рохьилаз тIад магъало лъурал хъулухъчагIи гIезегIан руго Дагъистаналда. Гьез хIинкъизаричIони
Муса Мусаев: «Республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас
Ункъил бутIаялда гьоркьоса лъабил бутIаялъ федералияб бюджеталдаса дотацияз хьихьараб Дагъистан буго Россиялда банкал гIемераб лъабго регионалда гьоркьоб.