МахIачхъалаялъул аэропорт рагьизе буго 19 декабралда

Гьал къоязда рагьизе кколеб букIараб Дагъистаналъул аэропорт хIалтIизе биччаялъул болжал нахъойги халат гьаруна. Аэропорт цIигьабун къачIаялъул хIалтIаби халат рахъунел рукIиналда бан хутIанин гьеб ва 19 декабралда тIоцересел рорженал байбихьизе ругилан абулеб буго аэропорталъул нухмалъиялъ. Гьел ва цогидал суалазда тIасан пресс-конференция кьуна гьез арбагI къоялъ.

10 декабралда Дагъистаналъул аэропорталъул нухмалъиялъ республикаялъул журналисталги ракIарун кьураб пресс-конференциялда бицунеб букIана аэропорт цIигьабун къачIаялъул хIалтIаби кин унел рукIарал, реконструкциялъул тIоцебесеб бутIа рагIалде бахъунеб букIиналъул ва гьел гурел цогидалги суалазул.

Пресс-конференция байбихьилалде цебе журналистазда бихьизабуна аэровокзалалъул минаялда жанир гьарурал хIалтIабазул. Аэропаланалда рекIиналде цере гIадамал гIодор чIолел бакIал кIодо гьарун руго. Цебе гьениб букIун батани 120 чиясе бакI гьанже гьениве 300 чи гьине рес буго.

Аэропорталъул нухмалъиялъ гьединго исана соналда жаниб босун буго 11 батIияб техникаги. Гьелда гьоркьоб буго цIа свинабулеб, нухаздаса гIазу бацIцIад гьабулеб ва хехаб кумекалъул автомобилалги, жеги батIиябги техникаги. Кинабниги аэропорталъул къайимлъиялда рагIула 50 батIияб техника.

Журналистазул тIоцебесеб суал букIана кида аэоропорт хIалтIизе биччазе бугеб абун. Реконтсрукциялъул тIоцебесеб бутIа анкьидасан лъугIизе бугин ва 19 декабралдасан байбихьун рорженал байбихьизе ругилан бицана Тамерлан Бугановас.

Гьев ккола халкъазда гьоркьосеб МахIачхъалаялъул аэропорталъул генералияв диерктор. «Нафта Москва» компаниялъ босаралдаса гьединаб статус щун буго гьелъие. Аэропорт цIигьабун къачIазе байбихьаралдаса чанго нухалъ нахъе бахъанин гьеб хIалтIизе биччалеб къо. Гьелъие гIиллаби гIемер рукIанин, гIемерисел нижеда рачIел.

Гьел рарал ругин аэропрорт къачIалеб бугеб «Мостортяд» гIуцIиялда. Жидер гьезул хIалтIудехун кинабгIаги бухьен гьечIилан бичIчIизабулеб букIана Темирлан Бугановас. «Мостотряд» гIуцIиялъ гьабулеб хIалтIудаса тIасанкIалъаялги ругин хIалтIул хал гьабулеб комиссиялъул. 4 декабралда бачIун букIун буго гьеб коммиссия Москваялдасан. Гьел рихьизарурал гIунгутIабиги лъугIизарулел ругин «Мостотрядалъилан» бицана Бугановас.

Тамерлан Буганов: «МахIачхъалаялъул аэропорт хIадур буго пассажирал къабул гьаризе. ЛъугIун рагIалде рахъунел руго аэровокзалалда жанир гьарулел хIалтIабиги. Ниж ралагьун чIун руго реконструкциялъул киналго этапал рагIалде рахъиналда».

19 декабралда реконструкциялъул тIоцебесеб бутIа гурони лъугIун гьечIолъиялда бан МахIачхъалаялъул аэропорталъул рес букIине гьечIо цохIо къойида жанир гьарулел рейсал гурони къабул гьаризе.

ЦIигьабун къачIан хадуб Дагъистаналъул аэропорталъе рес щвезе буго Airbus 320, Boeing 757 и Ил-86 гIадал аэропланал къабул гьаризе.

Журналистаз гьединго гьикъана гьаваялдаса роржаралъухъ росулел багьабазулги. Церего гIадин гьел чIезаризе ругин авиакомпанияз, амма хьул бугин гьезул конкуркенция цIикIкIиналда бан белтил багьа гIодобе ккелилан баян гьабуна Бугановас.

Аэропорт цIигьабун къачIазе байбихьаралдаса дагъистаниял роржунел рукIана Грозныялъул аэропорталдасан. Амма гьелдаса рази гьечIого руго цо-цо пассажирал.

Гьединазул цояй ккола Каспийскалдаса ХIамзатова Лейлаги. Араб моцIалъ Москваялда сапаралъ унаго Чачаназул аэропорталда жинда дандчIварал квал-квалазул гьадин бицунеб буго гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе

ХIамзатова Лейла: «Гьезул аэропорталъул минаялъул бащадаб рахъ хIалтIулеб гьечIо, цIаги ккун бухIун хадуб. ХIатIулеб бугелзул бащалъиги буго къваридаб санагIатаб гьечIеб бакI.

Ашбазалъул рукъги буго гьединабго санагIат гьечIеб. Гьенир жанир аэропорталъул хIалтIухъабазги, цогидал гIадамазги кьабун цIун букIиналъ эркенго кваназецин щоларо. Гьел гурелги руго гьенир мукъсанал шартIал рукIиналъул мисалал.

Сапаралъ рахъиналде цебе анлъго сагIаталъ цере рачIине ккола гьенире, гьедин цееккун арай дун дун кIиго сагIfталъ хутIана гьений гIодой чIун. Москваялдасан нахъруссунелъулги кватIизабуна рейс.

Дида лъаларо тIокIабги кидалъагIан Дагъистаналъул аэропорт хIалтIизе биччай нахъе бахъулебали. Реконструкциялъул хIалтIаби халат рахъунел рукIиналъе гIиллалъун абулеб букIана гьава-бакъалъул шартIал лъикIал гьечIилан. Амма дир хIисабалда хIалтIизе бегьуларебгIан хIалалъ цIорон гьечIоха гьабсагIат.

Москваялде дун щведал гьенирцин гIажаиблъун рукIана аэропорт хIалтIизе биччаялъул болжал халат гьарулел рукIиналда. ТIокIаб жони щиб гурин аэоропортцин къачIан бажарулеб гьечIин Дагъистаналдаян абун».

10 декабралда букIараб пресс-конференциялда журналистазе бокьун букIана аэродромалъул маданаллда гьарулел хIалтIабиги кин унел ругелалиги рихьизе. Амма «Мостотрядалъул» нухмалъиялъул изну гьечIого жидер ихтияр гьечIин нуж гьенире риччазеян бичIчIизабуна Тамерлан Бугановас журналистазда.