Гьардухъаби рашуларо «Горзеленхозалъул» хIалтIуда

18 июналда МахIачхъалаялъул администрациялда гьоркьоб лъун букIана гьардухъабазул суал. Гьел ккола аслияб куцалда Гьоркьохъеб Азиялдасаги Азербайжаналдасаги рачIарал гьардухъаби.
Миграциялъул хъулухъалъул хIалтIухъан Магьдиев Жамалица бицана исана январалдаса маялде щвезегIан Дагъистаналдаса нахъе витIун вугин изну гьечIого гьенив гIумру гьабулев ватарав къватIиса пачалихъалдаса 569 чи. Аслияб куцалда гьел ратун руго Узбекистаналдаса, Тажикистаналдаса, Азербайжаналдаса рачIун, Дагъистаналда гьардухъ лъугьарал чагIи.

Гьардухъабазда ракIги гурхIун, «Горзеленхоз» абураб магIишаталъ хIалтIуде восун вукIун вуго гьардухъабазул 13 чи, моцIрое 13-14 азарго гъурущги кьун. Амма гьеб харж дагь бихьун, хIалтIизе инкар гьабун буго гьез, гьардухъ лъугьун жидее сордо-къоялда жаниб 1000-1500 гъурущ щолилан.

Гьедин гьардухъ лъугьарал гIадамал рихьизе бегьула МахIачхъалаялъул имам Шамилилги МухIамад Ярагъиясулги цIарал лъурал шагьранухал журалеб бакIалда, хьвадулел машинабазда гьоркьорги чIун гьардолел. Гьедин ккезарула авариял. Гьардухъаби рихьизе бегьула кIиабилеб базаралдаги, «цIумадисезул» базаралдаги.

Цо-цо баяназда рекъон, «цIумадисезул» базаралде гьардухъаби рада-радал автобусал цIун рачIунел руго.

Юсуп Юсупов, вичарухъан: «Автобусал цIун рачIунел дида рихьичIо, амма къокъаби ккун рукIунаха хьвадулел. Цо-цо мехалда цо-цо, кIи-кIи чиги вукIуна. Цоязе кьуни, цогидалги рачIуна гьардезе. Дица цо кванил нигIматал нахъе лъун тола, гьединал чагIи рачIани кьезейилан. Амма гьезие гьедигIан рокьуларо гьел, гIарац кьелин чIола. Гьадабги кьейин, доб цоябги кьейин чIола. Гьездаса нич бахъарал чагIи дида рихьичIо. БитIун регIел гьечIеб, щибниги гьабизе ракI гьечIеб мехалъ рачIуна гьардезе».

МахIачхъалаялъул администрациялъул рахIатхвезабун буго гьардухъабазул къадар къойидаса-къойиде цIикIкIунеб букIиналъ. Гьез квалквал гьабулеб буго транспорт шагьранухдасан хьвадизе, тIиритIизарулел руго батIи-батIиял инфекциял. Исламалда рекъон, гьел чагIи меъи ругин абуна Зайнула-хIажица 18 июналда МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда. Гьев ккола Жума-мажгиталъул имам хисулев.

Амма гьардечIого жиндир батIияб рес гьечIин абуна ЭР-ялъе МахIачхъалаялъул кIиабилеб базаралда гьардолей гIаданалъ. ГIажизав чиги коляскаялда лъун сверулей йикIана гьей. ЦIар бицине инкар гьабуна гьелъ, амма абуна жий йигин Азербайжаналъул Хачмасалдаса.

Гьардухъан: «Сакъатав кIиго вац вуго дир. Лъабго васги вуго, росги гьечIо. Щиб дица тIокIаб гьабизе кколеб? Ал вацазда хадув валагьизе чиги гьечIо, нижер эбелги хвана. Хачмасалдаса Дербенталде рахъана ниж дагьалъ церегIан. Дида гьав кIияго гIажизав вацасе хасаб пенсияги чIезабизеги кIолеб гьечIо. Ришват кьезе кколеб буго».

Шималияб Кавказалда гIицIго Дагъистаналда ругин гьелщинал гьардухъабийин бицана махIачхъалаялъулаз. Гьелъул магIна кколила гьардухъабазе гIарац дагъистанияз квер биччан кьолеб букIин. РакI рагьараб гара-чIвариялда гьардухъабаз жидецагоги бицунеб буго жал дора, ватIаналда, кирали цIалулел, хIалтIулел чагIи ругин. Дагъистаналде абуни гIарац гьабизе рачIунилан.

Гьардухъабазда нахъа цоги къуватал рукIинеги рес буго – гьардухъабиги хIалтIизе риччан жидеего гIарац гьабулел.

Киналго гьардухъабазда шагьар тезабизехъин буго кватIичIого МахIачхъалаялъул администрациялъ.