2012 сон: аслиял хІужжаби ва тенденцияби

Шималияб Кавказалъул регионалда араб соналда букІараб ахІвал-хІал ва кІвар кІудиял хІужжаби регионалда сверун эксперт Лиз Фуллерида бихьухъе.
Гьелъул рагІабазда, 2012 соналда Шималияб Кавказалда загьирлъарал лъугьа-бахъиназда гъорлъан рихьулеб ругин абизе бегьула хадусел соназдаги асар букІине бегьулел цо-цо цІиял тенденцияби.

Лиз Фуллер, Шималияб Кавказалда сверун эксперт

Лиз Фуллер: «ТІоцебе босани, бихьулеб букІана регионалъул исламизация халат бахъунеб букІин. Гьелъие мисалал хІисабалда рехсезе бегьула Чачан республикаялъул бетІер Къадиров Рамзаница живго исламалъул хъаравул вукІин вихьизавиялъе гьарурал галаби: исламалъул хазинаби жидехъего роси, рехсезе бегьула гьединго маялда гІарабазул гІалимчагІи гІахьаллъарал Москваялдаги Грозныялдаги тІоритІарал диниял конфренцияби. Ноябралъул ахиралда гьединаб конференция тІобитІана МахІачхъалаялдаги.

ЛъикІаб эффект букІине бегьулаан апрелалда Дагъистаналъул рухІияб идараялдаги салафиязул жамгІияталдаги гьоркьоб байбихьун букІараб диалогалъул. Амма гьеб гьоркьоб къотІизабуна тІоцебе маялдаги августалъул ахиралдаги хвалде унез гьарурал терактаз. Хасго лъабго чиясул кумекалдалъун гІурус миллаталъул ислам босарай ясалъ гьабураб теракталъул хІассилалда шайих СагІид-Аппанди ЧІикІасав хун хадуб.»

КІиабилеб тенденциялъун Фуллерица риккунеб буго, рохьилалин абулездаги хІинкъигьечІолъиялъул идарабазул къуватаздаги гьоркьор унел тункагІусиязул зулму жакъа халкъалъ гІадатияб ишлъун, халкъалъул гІумруялъул рахъазул цо бутІа хІисабалда къабул гьабулеб букІин.

Лиз Фуллер: «2012 соналдаги Дагъистан лъабабилеб нухалда букІана гьединал тІадекІанциязул ва гьезул къурбаназул къадаралъул рахъалдаса лидерлъун. КІиабилеб бакІалда букІана Гъабардагун Балкария. Араб соналда официалияб къагІидаялда тасдикъ гьабичІеб информациялда рекъон, Дагъистаналде чачаналъа щвезабуна рагъулазул ва полициялъул къуватазул кІудияб къадар.

Араб соналъул 11 моцІида жаниб «рохьилаздаги, силовиказдаги гьоркьор регионалда ккарал тунка-гІусиязул хІассилалда хун вуго 659 чи, гьезда гъорлъан 393 - Дагъистаналда. Хваразул бащдабгІанаб къадар букІана боевиказул. Гьездаго гъорлъ тІагІинавун вуго дагъистаналъул яргъид гІуцІаразул лидерлъун риккунев вукІарав Даудов Ибраимхалилги, Гъабардагун Балкариялдаса «пиша цояв» Тутов Залимги.

Лъабабилеб тенденция хурхараб буго Москваялъ регионазе биччалеб гІарцида, ай, биччалеб гІарцил къадар дагьлъизабиялда. Гьеб загьирлъана 2025 соналде щвезегІан Шималияб Кавказалъул социалиябгун экономикияб рахъалдасан цебетІеялъе биччазе планалда букІараб 4 триллион гъурущ 2,55 триллионалде щвезегІан дагьлъизабиялъ. Хисизабураб планалда рекъон, гІарцил дефицит бецІизабизе кколеб рагІула хасал инвестораз. Амма цо-цо экспертаз гьединал хьулал рикІкІунел руго цІакъго оптимистияллъун. Бюджеталъул гІарцил дефициталъ инвестициял жидехъе цІцІаялъул рахъалда кІудияб конкуренция багъаризабизе бегьула Шималияб Кавказалъул республикабазда гьоркьоб. Хасго Дагъистаналдаги Чачан республикаялдаги. Къуразул рахъалда хутІизе бегьула гІисинал субъектал – Гъалгъазул республикаги, Гъарачайгун Черкесияги, мисалалъе.»

Жиб-жиб республика батІа босун Фуллерица хасаб кІвар буссинабурал хІужжабазда гъорлъ тІоцебе рехсолеб буго 2012 соналда чачаназул лидер Рамзан Къадировас ургъараб цІияб хъулухъ - президентасул ва хІукуматалъул администрациялъул бетІерасул.

Лиз Фуллер: «Гьелде тІамуна Шамиль Басаевасул пиша цоявлъун вукІарав Даудов МахІамад. Къадировас гьединго борхизабуна, формалияб къагІидаялда рагІалде бахъинабураблъун риккунеб букІараб, чачаназулгун гъалгъазул гІорхъабазул суал. Гьанже рахъазул бахІсал унел руго щуазаргогІанаб гектаралъул террииториялда сверун.

Гьел бахІсаз дагьалъги гІодобе ккезабизе бегьула Гъалгъазул республикаялъул бетІер Юнус-Бек Евкуровасул. Гьесул хъулухъалъул болжал рагІалде бахъулеб буго 2013 соналъул хаслихълъиялда. Альтернативияб парламентлъун жибго риккунеб «Мехк Кхел» абураб жамгІияб гІуцІиялъ Кремлалде ахІиял гьарулел руго, гьев хисеян абун.

Дагъистаналъул бетІер МахІамадсалам МахІамадовас гІемер бицунеб букІана миллияб маслигІат гьабиялъул амма гьелдаго цадахъ гьес чІван къотІун нахъ чІвалеб буго жидеда тІад кинабгІаги гІайибцин чІезабичІел гІадатиял гІадамазе зулму, репрессиял халат рахъинарулел «силовиказда» гІайиб букІин. Амма гьелдаго цадахъ гьел «силовиказул» хъулухъчагІаз, мисалалъе гьевго ЦІехх-реххалъул комитеталъул дагъистаналъул бутІаялъул нухмалъулев Александр Саврулиница балъголъи гьабулеб гьечІогури лъабго соналъ цебе МахІмадовас ярагъ гІодоб лъурал «рохьилал» ракълилаб гІумруялде рачиналъул хасаб хІукуматалъул комиссия гІуцІи ракІалъе гІун гьечІолъиялъул.»

Дагъистаналъул бицинеб бутІа лъугІинабулаго, Фуллерица кІвар буссинабулеб буго МахІамадовасул хъулухъалъул болжал 2015 лъугІунеб букІиналде ва лъица гьев хисизе кколев абураб суал гьанжеялдеги гьоркьоб лъолеб букІиналде.

Лиз Фуллер: «Ахирисеб анлъго моцІазда жаниб Гъабардагун Балкариялда аресталде гъоркье восана микьго пачалихъияв хъулухъчи. Гьезде коррупциялъул ва хъулухъалъул гІорхъаби рахун ресал хІалтІизариялъул гІайибал гІунтІизаруна. Гьединазда гъорлъ рукІана президентасул администрациялъул бетІер Владимир Джамборов, Нальчикалъул мэр Залимгери Хагасов, Пенсиялъул фондалъул бетІер ХІасанби Шеожев ва премьер-министр Иван Гертер.

Республикаялъул бетІер Арсен Каноковас хІукуматалда карал хиса-басиязде кІвар буссинабуна октябралда ва премьер-министрасул хъулухъалде тІамуна Ветеринариялъул ва фитосанитарияб хъулухъалъул бетІерлъун вукІарав ХІасанов Руслан. ЦІияб хІукуматалъе гьес буюр кьуна социалиябгун экономикияб рахъалдаса дагьалъ жигараб хІалтІи гьабиялъул.

Гъарачайгун Черкессиялъул бетІер Рашид Темрезовасги гьаруна жидерго хІукуматалда хиса-басиял. Карданов Мурад тІамуна хІукуматалъул бетІерлъун. Гьеб хъулухъалда гьес хисана Идрис Кябишев. Гьелде гьев тІамун вукІана 2011 соналъул марталда.

Шималияб Осетиялда октябралда рукІарал рищиязда гугариялъул олимпияв чемпионлъун вукІарав Пачалихъияб Думаялъул экс-депутат Арсен Фадзаевас нухмалъулеб «Патриоты России» партиялъул бакІалъулаб бутІаялъе щвана парламенталъул 70 бакІалъул 15 бакІ. Гьединаб къагІидаялда гьелъ биххизабуна «Единая Россия» партиялъул параламенталда букІараб лъабго бутІаялдаса кІиго бутІаялъул къадаралъул къуват.

Адыгеялъул нухмалъиялъ ва Гъабардагун Балкариялъул жамгІиял гІуцІияз Москваялда цебе лъуна Сириялда загьирлъулеб конфликталъул балагьалде ккун ругел черкессазул къисматалъул суал. Федерациялъул Мажлисалъ марталда Дамаскалде битІун букІана делегация. Маялда ЖамгІияб Палатаялъ гьоркьоб лъуна вахІшияб хІалалде ккун ругел чаркессазул суал. Амма россиялъул нухмалъиялъ Сириялдаса Кавказалде гочине бокьарал черкессазе кумек гьабиялъе гьабин абизе гали гьабичІо гьанжеги.»

«Щибха букІине бегьулеб регионалда 2013 соналда?» абураб суалалъе жаваб кьолаго эксперталъ загьир гьарулел руго ракІ боххиялъе хьулал кьоларел пикраби.

Лиз Фуллер: «2012 соналда чачаналъ букІараб парахатаблъун риккунеб ситуация, Сочиялъул Олимпиадаялъул заман гІагарлъулеб букІин ракІалде босун, хІалуцине бегьула. Политикияб сфераялдаги гьечІо чІван къотІараб баянлъи. Улкаялъул нухмалъиялъ миллияб политикаялъул вариант щвалде щвезабун гьечІо. Бищунго захІматал суалал раккизаризе бегьула Россиялъул чІахІиял территориалиялгун индустриялъул регионал гІуцІиялъул практика цебетІезабулеб букІиналъ. Гьенир хІалатІизарулел руго гьава-бакъалъулгун климаталъул, экономикаялъулгун этнокультуриял факторал. Баянлъи гьединго гьечІо гьанжеги, хІалтІизаризе ругищ Шималияб Кавказалъул республикабазда битІахъеб къагІидаялда субъектазул бутрІул рищиялъул принцип, абураб суалада сверунги.»