Божулищ дагъистаниял жиндирго республикаялъул бетIерасда?

Россия -- М.МухIаммадовасулгун В.Путинил данделъи. Ново-Огарево.

«Справедливая Россия» партиялъул Дагъистаналда бугеб вакиллъиялъ тIатинабизехъин буго республикаялъул нухмалъулесдехун халкъалъул бугеб божилъи.
Нагагь гьеб божилъи дагьаб батани, суал лъезехъин буго гьев хъулухъалдаса гIодов чIайилан. Гьединго Краснодаралъул губернатор Ткачев нахъе витIеянги тIалаб гьабулеб буго Дагъистаналъул справедливороссаз Россиялъул президентасдасаги.


Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламил хIалтIуда ракI рекъолищ нужер абураб суал лъезехъин буго кватIичIого Справедливая Россиялъул Дагъистаналда бугеб вакиллъиялъ. Гьеб рахъалъ халкъалъул пикру лъазабизелъун, гIадамазда гьоркьор цIех-рехал гьаризе батIи-батIиял жамгIиял гIуцIабазда, газетазда, радио-телевидениялда тIадкъазе буго партиялъ.

Амма республикаялъул бетIерасулгун кьалда бугеб партиялъул тIадкъаялдалъун тIобитIулеб гьеб гьикъа-бакъи щвалде щвараб букIине бугищ-гьечIищин абураб суал лъуна журналистаз справедливороссазда цебе. Гьезулгун гара-чIвари ккана 15 августалда МахIачхъалаялда.

Расулов Руслан: «Щивав чиясул ихтияр буго республикаялъул бетIерасул хIалтIуда тIасан пикру загьир гьабизе. Гьедин нижеца цоцада дандги бан хIукму гьабуна халкъалъ гьесда божилъи гьабулеб бугищ-гьечIищали лъазабизе. Щиб лъалеб, гьедин гьабун хадуб президентас хIалтIи лъикIлъизабизеги бегьула».

Халкъалъул божилъи дагьаб батани, республикаялъул бетIер хъулухъалдаса гIодов чIезеги тIалаб гьабизехъин буго гьез. Гьединабго хIукму буго гьезул республикаялъул прокурорасда хурхунги.

Цо заманалда Дагъистаналъул нухмалъиялда вукIаго жиндирго эмен МухIамадов МухIамадгIалил гIакъиллъи хIалтIизабуни лъикI букIинаанин гьанжесев президент МухIамадов МухIамадсаламицаян абуна гьениб жамгIияв хIаракатчи, гьединго справедливороссазул вакил Шамилов МухIамадица. Гурони жидер партиялда сверухъ иш цIакъго хIалуцунеб бугила.

Юстициялъул министерлъиялъ хадуббехъерхъулеб буго Справедливая Россиялъул нухмалъулев хIисабалда ГIумаров ХIажимурадилги цогидалъулги хъвай-хъвагIай гьаби.
Дагъистаналда гьеб партиялъе нухмалъи гьабизе Москваялъ тIадкъана ГIумаровасда. Гьелда дандечIун бугин республикаялъул нухмалъиялъиян рикIкIуна справедливороссаз.

Москваялъе ГIумаров къваригIун, Дагъистаналъул нухмалъиялъе Справедливая Россиялъул цевесев нухмалъулев МуртазагIалиев къваригIун букIана иш. Гьеб партиялда гъорлъги рукIун Справедливая Россиялъулаз президентасул рищиязда гьаркьал Единая Россиялъегун Владимир Путиние кьунилан нахъе рехана Справедливая Россиялъул цеве вукIарав нухмалъулев МуртазагIалиев МуртазагIалиги, Давдиев Камилги, ХIажиев Мурадги.

Справедливая Россиялъул цIияв нухмалъулев вищулеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна 23 мухъалдаса вакилас. Гьес тасдикъ гьавуна ГIумаров ХIажимурад гьеб хъулухъалда. Амма гьанже гьел чагIазда хадуб халкквей чIезабулеб бугин бицана журналистазе 15 августалда Справедливая Россиялъул вакилзабаз.

Цин МахIачхъалаялде ГIумаров вищизе иналде росабалъ гьарурал данделъабазда гIахьаллъарал чагIазде бугила тIадецуй гьабулеб. БакIалъул нухмалъулезухъе кагътал ритIун ругила Дагъистаналъул президентасул администрациялдасан, щиб кинали цIех-рех гьабеян. Экономикиял такъсиразда данде къеркьолеб полиция тIамун тIаде, яги ревизия гьабизе хIалтIухъаби ритIун, щиб-щибниги компроматал ургъун, хIинкъизарулел ругила гьел гIадамал.

Гьедин мисалалъе рехсолел руго Гъизляр, Унсоколо, Тарумовка мухъал. Масала, Унсоколо мухъалда гьединаб данделъиги гьабун, справедливороссазул вакил хIисабалда МахIачхъалаялде вачIун вукIана АхIулгохI абураб гIуцIиялъул нухмалъулев ГIабдуллаев Гъаирбег.

ГIабдуллаев Гъаирбег: «Нижер мухъалъул администрациялдасаги диваналъул хIукмаби тIуразарулеб хъулухъалдасаги вакилзаби рукIанин ккола гьел. МахIачхъалаялде рачIиналде нижеца Шамилхъалаялда гьабураб данделъиялда гIахьаллъарав 11 чиясда тIасан рукIана гьез суалал кьолел».

15 августалда Справедливая Россиялъул вакилзабаз квешаб къимат кьуна Краснодаралъул губернатор Ткачевас гьабураб лъазабиялъе. Кавказиял Кубаналдаса нахъе гъезелъун гьениб хъазахъазул полиция гIуцIулеб буго. Пачалихъияб хъулухъалда вугев чияс гьединал лъазабиял гьаризе бегьулароанин, гьединлъидал тамихIги гьабун, Ткачев нахъе вахъеян хитIаб гьабуна гьез РФялъул президент Путин Владимириде.