Шималияб Кавказалъул рагъулаб диванханаялъ талат къоялда Имарат Кавказалъул нухмалъулезул цоявлъун рикIкIунев Тазиев ГIалие ай «Магасие» хIукму къотIана гьев гIумрялъго жаниве тIамизе. Амма абизе ккола, «Имарат Кавказин» абулеб идара гIуцIулеб букIиналъул гьелъул нухмалъиялъ лъазабун букIинчIин. Абун букIана гьединаб территория лъазабулеб букIиналъул ва гьелъул гIурхъабицин мухIканги гьарун рукIинчIо. Амма Россиялъулги, Америкалъулги, цоги улкабазулги хасал хъулухъаз «Имарат Кавказ» рикIкIуна террористияб идаралъул.
Диванханаялъул гьеб данделъи байбихьилалде цебе чIезарун рукIана хIинкъигьечIолъиялъул кидаго рукIинчIел гIадал шартIал. Гьедин лъазабун буго «Интерфаксалъе» диванханаялъул хIултIухъанас.
«Магасил ишалда» сверун тIасан кIалъаял унел рукIана, гьесул ва гьесул адвокатазул рагьиялда рекъон, къараб низамалда. Пачалихъияв гIайиб гIунтIизабулес тIалаб гьабулеб букIана «Магас» гIумруялъго жанив тIамизе.
Низам цIунулезул баяназда рекъон, Тазиев кколаан чачаназул сепаратистазул лидер Дока ГIумаровасул гIагардисев кумекчилъун.
Гьезулго баяназда рекъон, Тазиевас гIуцIулаан терактал ва гьев живгоги гIахьаллъулаан гьезда. Гьединал терактазда чIван вукIана 26 ва лъукъун вукIана 344 чи. Гьедин 2009 соналъул 22 июналда гьев гIахьаллъулев вукIун вуго Гъалгъай республикаялъул президент Юнус-бек Евкуров чIвазе къасд гьабураб гьужумалдаги. Гьелъул хIасилалда Евкуровги гьев цIунулезул цоявги лъукъун рукIана, жеги кIиго гьев цIунулев хун рукIана.
Тазиевасда гIунтIизарулел руго къануналде данде кколареб яргъидгIуцIараб къукъа данде гьаби (ст.208, 1 б.), ярагъгун кодов пачалихъалде данде вахъин (ст.279), ярагъ ва гьелъие хIажалъулел алатал цIуни ва гьезие даран гьаби (ст.222, 3 б.), гъачагълъи (ст.209, 1 б.), террористияб акт гьаби (ст.223, 3 б.) гIуцIараб къукъаялъ ярагъ гьаби (п."б" ,3 б, ст.205), хIукуматалъул ва жамгIияв хъулухъчи чIвазе къасд гьаби (ст.277), низам цIунулел идарабазул хIалтIухъан чIвазе къасд гьаби (ст.317) абурал Россиялъул Такъсиралъухъ тамихI гьабиялъул кодексалъул статьябазда рекъон гIайибал.
ЦIех-рехчагIазул баяназде балагьун, 1999 соналъул хасалихъе Тазиев вукIун вуго Грозныялда ва жиндиего бокьун гьев лъугьун вуго Иорданиялдаса чияс гIуцIараб рагъулаб къукъаялде гъорлъе.
Россиялъул Генералияб прокуратураялъул баяназда абулеб буго 2007 соналъул октябралда ГIумаров Докаца лъазабунин «Имарат Кавказ» абулеб къануналде данде кколареб идара ва гьелъул «стратегияб мурад бугин Россиялдаса тIолабго Шималияб кавказ батIа тIезаби ва гьеб территориялда лъидаго бачIеб шаргIияб пачалихъ гIуцIи. Гьелъул магIна ккола конституциония низам хIал гьабун нахъе реххи, гьениб Россиялъул къанунал нахъе рахъи ва Шималияб Кавказ бикьун ругел территориалиял принципал нахъе рахъи».
ГIумаровасул амруялда рекъон, «Имарат Кавказалъул» нухмалъулезул цоявлъун ва рагъулал къуватазул рагъулав амирлъун тун вукIана Тазиев. Гьесда тIадал масъалабазде гъорлъе унеб букIун буго терактал гIуцIи ва гьел гьариялъул контроль, гьел гьаризе чагIи тIаса рищи ва теракталгун гьезие гьабулеб хIадурлъи финансазул рахъулъ хьезаби.
Гьедин Тазиевасул нухмалъиялда гъоркь 2007 соналъул декабралда кьвагьизабун буго Ставрополалъул Невинномысск шагьаралъул автовокзалалда «Икарус-256» автобус. Гьенив хун вукIана лъабго ва лъукъун вукIана 17 чи. 2009 соналъул августалда Гъалгъай республикаялда Назран мухъалда кьвагьизабун букIана милициялъул жанисел ишазул бутIа. Гьеб мехалда хун вукIана 21 ва лъукъун вукIана 289 полициялъул хIалтIухъанги гIадатияв чиги.
Низам цIунулезул баяналда рекъон, Тазиевасул такъсирияб хIаракатчилъи халат бахъунеб букIана 2010 соналде щвезегIан. Гьеб мехалда гьев ккун вукIана Гъалгъай республикаялда. Гьесда сверун такъсир гьабиялъул ишалъул цIех-рех гьабулеб букIана Россиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун Федералияб хъулухъалъ ай ФСБялъ.
Исана 13 маялда диванханаялъул процесс бийбихьилалде цебе Тазиевас абун букIана гIадамал чIваялъулъ жинда гIунтIизарулел ругел гIайибазе жив мукIурлъуларин.