Рищиял, чIунтиял, ришватал росиял…

dagestan / Municipal election

14 октябралда Дагъистаналъул лъабго мухъалда, гьединго росабазул чанго нухмалъулел рищиязда хурхун тIоритIарал тадбиразда шибниги къанун хвезабураб хIужа ккечIин лъазабуна итни къоялъ республикаялъул рищизул комиссиялъ.
Гьаркьал кьезе бищун цIикIкIун гIадамал гьеб къоялъ рачIун руго Хьаргаби мухъалде. Гьезул цеве вукIарав нухмалъулев МухIамад МухIамадов моцIалъ цеве гIадин тIамун вукIана Дагъистаналъул Спорталъул рахъалъ министрлъун. Гьесул бакIалде вачIине бищунго рес бугин Хьаргаби мухъалъул нухмалъулев хисулевлъун вукIарав Малачилов Рамазинилилан рикIкIунеб бугоан гIемерисез.

КIвар буссинабизе ккараб хIужалъун кканин абизе бегьула ГIахьвахъ мухъалъул нухмалъулев вищиялъул суалги. ГьатIан къоялъ гьенир бищунго цIикIкIун гьаркьал щун руго гъоркьги вукIарав гьезул нухмалъулев МухIамадшарипов ИсмагIилие. Гьенибе кандидатура лъун букIун буго кинавниги 11 чияс, амма батIи-батIиял гIиллабазда бан гьезул лъабгояс хутIизегIан кандидатура нахъе босун буго, гьездаго цадахъ Аминов МахIачицаги.

ГIахьвахъ мухъалъул цеве вукIарав нухмалъулев ккола гьев. 2007 соналъ хъулухъалъул ресаздаса заралияб куцалъ пайда боси абураб гIайибалдалъун гьесда тIасан уголовияб ишги букIана хIадурун, амма гIайиб чIезабизе кIвечIого гьеб нахъе бахъун букIана, гьелде тIадеги моралияб заралалъуъ рецIел хIисабалда 3 млн. гъурушги щун букIана гьесие.

Исана тIоритIарал рищиязда бергьарав МухIамадшарипов ИсмагIилиде данде вугев аслияв конкурент вукIанин гьеван хъвалеб буго гIемерисел информ алатаз. МахIачица кандидатура нахъе босиялдаса жалго рази гьечIолъи загьир гьабулеб буго гIемерисез.

ГIахьвахъ мухъалъул рищиязул коммисиялъул нухмалъулев Дибиров МухIамадица абуна Эркенлъи Радиоялъе МахIачица кандидатура нахъе босанин жиндиего бокьун, гьеб загьир гьабураб гIарзаги хъван живго вачIинеги вачIанин гьев, гьелда рази гьечIел чагIаз бицунел хабаралъул жиндие ургъелги гьечIин:

Дибиров МухIамад: «Аминов МахIачица жинцаго гIарзаги хъван, дир кабинеталдеги вачIун абуна жиндица кандидатура нахъе босулеб бугилан. БакIалъул рищиязул коммисиялъ гьеб гIарзаги къабул гьабуна. Гьанже къватIир ругел гIадамаз бицунеб хабаралъул магIна дида лъаларо. Жакъа къоялде я участковияб, я бакIалъулаб рищиязул коммиссиялде бачIараб гIарзаги гьечIо, гьелъул магIна ккола лъицаниги рищиязда тIасан жидерго разилъи гьечIолъи загьир гьабичIин абураб. Гьедин букIинчIебани гIадамал рачIинароанишха?».

Амма МухIамадшарипов ИсмагIил вищиялда живго рази гьечIолъи загьир гьабуна нижер программаялъе АхIмаднабиев МухIамадица. «КIаралал» абураб жамгIияб гIуцIиялъул хIаракатчи ккола гьев. АхIмаднабиевасул аслияб дагIба буго цевеги нухмалъевлъун вукIаго МухIамадшарипов ИмагIилица жидер къайимлъиялда рукIарал ракьал нахъе росиялда. ГIахьвалаздаса батIа бугеб жамагIат кколин жидер халкъилан абулеб буго гьес.

КIаралал киданиги гIахьвалазда гъорлъ рукIинчIин цере, гьанжеги бокьун гьечIин жидее гьелгун рукIине. Жалго жидедаго чIараб мухъ хIисабалда тасдикъ гьареян гIарзагун чанго бакIалдеги щун руго гьел республикаялда, амма кисанго нахъ чIван руго. Гьанже жидеда ракIалда бугин гIарзагун Цолъарал Миллатазул гIуцIиялде инеян абулеб буго АхIмаднабиевас.

Аминовги жидер рахъалдаса вихьизавурав кандидат вукIанин, амма чанго батIияб хIинкъиги кьун гьелдаса инкар гьабизе тIамун вугин, жидер халкъ бакIарараб бакIалдеги вачIун МахIач живго мукIурлъанин гьелъие:

АхIмаднабиев МухIамад: «Дагъистаналъ, гьединго Россиялъги ниж халкълъун рикIкIунел гьечIони нижеца гьелги рикIкIине кколаро. Нижги Аллагьас рижарал чагIи ккола, Аллагьас кьураб ракьги буго, гьенир хIалтIи гьабулелги руго, гьединлъидал чияр зулму нижее хIажат гьечIо. ГIахьвахъ мухъалъ жидеего нухмалъулев вищун ватани, жидерго доба рагьеян абе администрация, гьезие гьаркьал кьурал кIаралазул 107 чиги дозда аскIове аян абе. Нижеца нижерго жамагIат гIуцIила».

ГьатIан къоялъУнсоколо мухъазда тIоритIарал рищиязда бергьенлъи щвана Халкъияб Мажлисалъул депутат МухIамадов Шамилие. Гьев бергьине вукIиналдаги лъилниги щаклъи букIинчIо. Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламицаги гьесул рахъкколеб букIиналъул бицун букIана рищиязда цебесеб къоялъ Эркенлъи Радиоялъе кьураб баяналда «Новое Дело» газеталъул бетIерав редактор ШагIбанов Маркъоцаги.

«Цогояб Россия» партиялъул вакил хIисабалда гьесие гьаркьал цIикIкIун щвезе рукIиналда щаклъи жиндирги букIинчIилан абуна нижер программаялъе гьедингоУнсоколо мухъалъул рищиязул коммиссиялъул нухмалъулев Расулов АхIмадицаги.

14 октябралда тIоритIарал рищиял рукIанин хадурккун тIоритIизе ругел республикаялъул нухмалъулесул рищиязде гьабулеб хIадурлъиян загьир гьабулеб буго жиндирго пикру «Черновик» газеталдаса Агаев Маирбекица.

ГьатIан къоялъ рукIарал рищиязда хадуб халкквеялъул хIасилал гьарулаго абизе бегьулин гьенире рачIунел гIадамазул къадар цIикIкIун букIинчIилан. Жидерго рукъалъул тIалабазул кIвар цIикIкIун букIанин гьезие рищиязда кьолел гьаркьаздасаги.