Шималияб Кавказ анкьида жаниб

Лиз Фуллер, Шималияб Кавказалда сверун эксперт

Кинал рукΙарал араб анкьалда жанир ратΙа рахъун жидер хΙакъалъулъ бицине бегьулел хΙужаби? Шималияб Кавказалда сверун эксперт Лиз Фуллерица кΙвар буссинабун буго Дагъистаналъул бетΙерасул ишал тΙуразарулев ГΙабдулатΙипов Рамазанил ираналъул делегациялъулгун гара-чΙвариялде ва ракьазда сверун чачаназул ва гъалгъазул республикабазда гьеркьор унел бахΙсазде.
АрбагΙ къоялда дагъистаналъул бетΙерасул ишал тΙуразарулев ГΙабдулатΙипов Рамазан дандчΙвана ираналъул кΙудиял хъулухъазул официалиял вакильзабигун, гьездаго гъорлъ Россиялда ираналъул вакил Сайед МахΙмуд Реза Саджадигун. Гьоркьор лъуна МахΙачхъалаялъул порталдасахун Россиялде Ираналъул экспорт цΙикΙкΙинабиялъул ва гьеб экспорталъе квербакъи гьабизе рес кьолеб эркенаб экономикияб зона Дагъистаналда гΙуцΙиялъул суалал.

ТΙоцебе балагьараб мехалда, гьел планал руго рационалиял ва кΙиябго рахъалъе пайда кьолел. Амма гьел гΙумруялде рахъинаруни, гьелъул негативияб асар букΙине бегьула Дагъистаналъул къилбаялъул рахъалъул мадугьал Азербайджаналъулгун гьоркьорлъабазде.

Азербайджаналъулгун россиялъул гьоркьорлъаби квешлъана цебесеб соналда Азербайджаналъул централияб регионалда бугеб Габалаялъул Радиолокациялъул станция ижараялъе босиялъул къотΙи-къаялъул болжал халат бахъинабизе инкар гьабиялда хадуб. Гьел гьоркьорлъаби хΙалуциналъул къурбаназул цоявлъун вахъана Бакуялъул аэропорталда рештΙарав, амма хадув нахъе вуссине ккарав дагъистаналъул журналист Милрад Фатулаев.

Цингиги азербайджаналъулгун ираналъул гьоркьорлъабаз проблемаби дагьалъги гъварилъазурулел руго. Тегеран щаклъигун балагьун буго гьелъул бищунго кΙудияб тушман Израилалъулгун Бакуялъ улка цΙуниялъул суалазда сверун гьоркьорлъаби гΙуцΙулел куцалде. Гьелъ Азербайджаналде гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго, гьелъ Израилалъе ираналъул ядериялб программалда тΙад хΙалтΙулел гΙалимчагΙи чΙваялъе ва исламияб республикаялъул ядериял объектазде израилалъулгун америкаялъул рахъалдаса рукΙине бегьулел кьабиязе квербакъи гьабиялъул.

Лиз Фуллер: «Азербайджаналъул хΙукуматалъ чΙван къотΙун нахъ чΙвалел руго гьел гΙайибал. Гьелдаго цадахъ гьелъ чанго нухалда лъазабуна, Ираналъул ядерияб программаялдаса хΙинкъи букΙаниги, жидер рахъалъ киданиги лъиениги рес кьезе гьечΙин жидерго территориялдаса Ираналде тΙаде кΙанциязеян. Гьелдаго цадахъ Азербайджаналда ккун вуго ва диваналда цеве чΙезавун вуго Тегераналъул буюралда рекъон, Азербайджаналда терактал гьаризе хΙадурлъулел рукΙанин абун ккураб чанго къокъаялъул гΙадамал.»

Жибго бугеб бакΙ ракΙалде босун, жахΙдаялда бугеб кΙиябго рахъалъ цоцае квал-квал гьабизе байбихьани, гьелъул тΙоцебесеб къурбанлъун бахъине бегьула Дагъистан. Мисалалъе, Азербайджаналда бажаризе букΙана 20ΙΙ соналъул ноябралда ва 2012 соналъул апрелалда дагъистаналъул нухмалъиялъулгун гьоркьор лъун рукΙарал росдал магΙишаталъул, индустриялъул ва таранспорталъул цΙадахъал проектал гΙумруялде рахъинари чΙезаризе. Гьелъ захмалъизабизе бегьула азербайджаналъул рахъалда ругел аваразул ва лезгиязул гΙумру.

Къокъго абуни, хадусел галаби гьарилелда цебе ГΙабдулатΙиповас цΙадирабазда лъезе ккезе руго жиндирго приоритетал.

* * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * * *

Сунжа мухъ чачаназул территория букΙин бихьизабулеб къануназда хиса-баси гьабун кΙиго моцΙ аниги, Москваялъ рагьун кинабгΙаги реакция загьир гьабичΙо. Гьелъ Къадиров ва гьесул гΙагарисеб сверухълъи гьесизарулел руго Сунжа гъалгъазул цебегосеб ракь бугин лъазабулел гъалгъал какиялъул риторика халат бахъинабиялде. Гьелъ гьанже цΙиккинарулел руго гьеб полемикаялда гΙахьаллъулел политикал ва жамгΙиял хΙаракатчагΙи.

Чачан республикаялъул парламенталъул спикер Дукваха ГΙабдурахΙмановас ракьазда сверун конфликталда хурхараб гъалгъазул оппозиционер Хазбиев МахΙамадил видеохитΙабалъе жаваб кьолаго, интернет сайталда жидерго комментариял толел гΙадамал ахΙана «вайнахазул ва тΙолабго инсанияталъул хазинабазде» данде кколарел лъазабиял гьаричΙого теялде. Гурони, жидеца гьединал чагΙи ралагьун, гьезие тамихΙ гьабизе бугин абун, лъазабун буго гьес. Амма гьединаб цогΙаги комментарий мисалалъе бачинчΙо ГΙабдурахΙмановас. Хаслихълъиялда жинцаго гъалгъал ва гьезул республикаялъул бетΙер Юнус-бек Евкуров какун гьабураб лъазаби гьес гьединаблъун риккΙинеб гьечΙо.

Гьаб анкьалда тΙобитΙараб Чачан халкъалъул ассамблеялъ чачаназул рахъалъ гъалгъазул жамгΙият ахΙана гΙорхъабазул суал борхизабулеб мехалда объективияллъун рукΙиналде ва лъазабуна, гьеб кколарила Къадировасул гΙайибин ва чачаназул бокьарав лидерас гьединабго гали гьабизе букΙанин.

Лиз Фуллер: «Амма Гъалгъазул республикаялъул бетΙер Юнус-Бек Евкуровас жиндирго пикру хисизабулеб гьечΙо. Жиндаго тΙадаблъун рикΙкΙана гьес Сунжа мухъалда ралел объектазул хал гьаби. Гьеб гуребги Екуровас 20 апрелалда бакΙарулеб буго гъалгъазул халкъалъул съездги. Гьелда гьоркьоб лъезе ракΙалда буго гΙорхъабазул суалги. Гьеб тΙобитΙизе ракΙалда буго Сунжа мухъалъул Нестеровское абураб росулъ.»