Левада-центр: Шималияб Кавказалда кколеб бугелдехун россиялъулазул бербалагьи

Россия -- Лев Гудков - "Левада" централъул директор ва Эркенлъи Радиоялъул гlурус хъулухъалъул мухбир Анна Качкаева, Москва, 14Янв2008

Россиялъул халкъалъул 60 проценталъ рикIкIунеб буго Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал хIалуцараб бугин, гьезул 70 % хIинкъулеб буго жал ва жидер гIагарал россиялъул шагьаразда терактазул къурбаналлъун ккезе бегьиялдаса.
Шималияб Кавказалъул регионалда бугеб хIал гIагараб заманалда жаниб хисизе гьечIинги рикIкIунеб буго 60-гIан проценталъ. Гьединал руго Россиялъул 48 регионалъул 130 шагьаргун росабалъ «Левада» централъ гьабураб иградулаб цIех-рехалъул хIасилал.

Россиялъул «Левада» централъул ахирисеб цIех-рехалъ бихьизабулеб буго росссиялъул халкъалъул 60 проценталъ Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал хIалуцараблъун рикIкIунеб букIин. Гьеб ахIвал-хIалалда сверун «Левада» централъул суалалъе къолеб жаваб ахирисеб анкьго соналда жаниб хисун гьечIин абизе бегьула.

Масала гьедин рикIкIунезул къадар 2005 соналда 65% букIун батани, 2010 соналда 69% букIана. Исана риидал гьеб тарих рещтIун буго 60ялде.
Жидеца гIадамазе кьолел суалал аслияб къагIидаялда цого рукIунин, жидер хIалтIулъ кIвар бугин кинаб букIаниги суалалда сверун жамгIияталда бугеб бербалагьиялъул динамика бихьизабиян абуна Эркенлъи Радиоялъе бицен гьабулеб централъул директор Лев Гудковас.

Лев Гудков: «Нижер хIалтIулъ кIвар буго динамика бихьизабиялъул. Нижеца лъагIалидаса-лъагIалиде кьола цого суалал ва балагьула гьеб суалалда сверун халкъалъул пикру кинаб рахъалде хисун бугебали».

ГIагараб соналда жаниб Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал бугехъин хутIизе бугин рикIкIунезул къадарги хисун гьечIин абизе бегьула араб соналъул ноябралдаса ва бащалъулеб буго гьоркьохъеб хIисаб гьабун 55 проценталда. Гьеб квешлъизе бугин рикIкIунезулги лъикIлъизе бугин рикIкIунезул къадарги цоцазда бащадабгIадаб бугин абизе бегьула. Араб ноябралдаса нахъе гьеб тарих хисардулеб букIана 10-ялдаги 15-ялдаги гьоркьоб.

Жидеца хIисаб гьабулин жамгIияталда гьоркьоб бицен сундул гьабулеб бугебали, халкъалъул сунца рахIат хвезабун бугебали яги кIвар сунде буссун бугебали ва гьелде балагьун жидеца халкъалъе кьолел суалалги жидецаго гIуцIулин ва жидее лъил букIаниги тIадецуйги гьечIин бицана жеги Гудковас.

Лев Гудков: «Улкаялъул нухмалъигун нижер гьечIо кинал рукIуниги контактал. 2003 соналда нижер центр къазе бахъун букIараб хIаракаталда хадуб нухмалъиялъ ниж кIвар кьечIого тун руго. Нижерги гьечIо гьезулгун кинаб букIаниги гIаммаб хIалтIи. Гьез нижеда тIадкъалеб хIалтIиги гьечIо, тIадецуйги гьечIо».

Чачаналъ рагъ букIаралдаса Шималияб Кавказалда кколеб бугелда сверун россиялъул регионазда жидеца батIи-батIиял цIех-рехал гьоркьоса къотIичIого гьарулеб ругин ва гьеб тема жакъаги кIвар бугеблъун хутIулеб бугин абуна Гудковас.

Масала гьезул анкетаялда буго гьадинаб суал: «Россиялъул чIахIиял шагьаразда терактал жеги гьаризе яги гIадамал гъоркьлъалие росизе ругин кколищ нужеда?»-ян абураб.

Гьединб жо букIине рес бугин ракIчIун абун буго гьикъа-бакъиязда гIахьаллъаразул 13%. РакIчIун гьечIониги, амма букIине бугин ракIалде кколеб буго 47 проценталде. Россиялъул шагьаразда тIокIал терактал ккеларел ратилин рикIкIунеб буго халкъалъул 17%. 2005 соналъул маялдаса исана июналде щвезегIан гьел процентазулъ ккарал хиса-басиялги гIемерго кIудиял гьечIо.

Эркенлъи Радио: «ГIадамазе суалал кьезе унел «Левада» централъул хIалтIухъабазул гIамал-хасияталда рарал рукIине рес бугищ гьезул суалазе кьолел жавабал? Бугищ гьезул рес жаваб кьолезе кинаб букIаниги асар гьабизе?

Лев Гудков: «Узухъда буго. Интервью гьабулев чи профессианал вугонагIан дагь гьабула гьес жиндие кьолел жавабазе асар. Гьеб хIалтIуе бищунго лъикIай йикIуна гIага-шагарго 50 сон бугей ва гьоркьохъеб лъаялъул чIужугIадан. Жинца гьикъулеб бугелда сверун цо ккураб пикруги гьечIей, амма жинда тIадкъараб хIалтIи лъикI гьабизе гIураб махщелги бугей».

1999 соналдаса нахъе «Левада» централъ Россиялъул 48 регионалда кьолеб буго цогияздаго цадахъ гьадинаб суалги: «Мунго яги дурго гIагарал терактазул къурбаналлъун ккеялдаса кигIан мун хIинкъулев?»-абураб.

ХIинкъулин абуразул къадар 1999 соналда 89 процент букIун батани, гьанже гьеб рещтIун буго 70 ялде. ХIинкъуларин яги жинца гьелъул пикру гьабун букIинчIин абун буго гьикъа-бакъиялда гIахьаллъаразул 11-ялдаса 18ялде щун проценталъ.

Цо Шималияб Кавказалда яги цо хIинкъигьечIолъи цIуниялъул суалада хурхун гуребги гьабула «Левада» централъ цIех-рех:

Лев Гудков: «ЛъагIалида жаниб нижеца рагIалде бахъинабула 210-250 цIех-рехалъул проект. Гьединлъидал нижер хIалтIиги буго гIемеррахъазулаб. Нижер централда руго гIемер батIи-батIиял бутIабиги. РукIа-рахъиналъул яги культураялда сверун ай щиб цIалулеб, щиб бихьулеб абуралда сверунги рукIуна нижер гьикъа-бакъиял. РукIуна политикиял цIех-рехалги. Нижер хIалтIи цо бугони хурхараб буго гIемерал соназ тIатIалаго цого суалалги кьун динамика бихьизабиялда, кIиабизе бугони, гьеб хурхараб буго актуалиял лъугьа-бахъиназдехун реакция хIисабалде босиялда».

Гудковас гьединго бицана Шималияб Кавказалда бугеб гIаммаб ахIвал-хIалалда сверун жидеца гьабулеб бугеб кIудияб цIех-рехалъул проект исана риидал ахиралде щвезе бугинги.