Кинаб батIалъи бугеб «инсанияталде данде такъсир» ва «геноцид» абурал рагIабазда гьоркьоб? Гьеб кIиябго термин хIалтIизабула гIемерав чиясде данде такъсир гьабуразе тамихI гьабулаго.
Экренлъи Радиоялъул мухбир Роберт Колсоница гара-чIвари гьабуна гьел суалазда тIаса тIахьал хъвалев британиялдаса адвокат Филипп Сэндсгун.
Гьев гьединго вуго Лондоналда бугеб халкъаздагьоркьосел ихтияразда сверун Университеталъул профессор ва гьев гIемер хIалтIула халкъаздагьоркьосел диванханабазул процессазда.
Профессор Филипп Сэндсица хъвана «Къанун дагьаб дунял» абураб тIехь. Гьес гьелда бицен гьабулеб буго 2003 соналда ГIиракъалде кIанцIиялъул ва абулеб буго гьеб мехалда халкъаздагьоркьосел ихтиярал хвезарун рукIанин. Гьаб сагIатада Сэндс хIалтIулев вуго Халкъаздагьоркьосеб диваналда. Гьениб гьоркьоб лъун буго «Македония» абураб цIаралда сверун Грециялде данде Македониялъул гIарза. Профессор вуго Македоянилъул рахъалдаса вакил.
Кинабха бугеб батIалъи «инсанияталде данде такъсир» ва «геноцид» абурал рагIабазда гьоркьоб?
Филипп Сэндс: « Инсанияталде данде такъсир» ва «геноцид» абурал рагIабазда гьоркьоб буго кIудияб батIалъи. Халкъаздагьоркьосел ихтияразул бутIалъун гьел лъугьана 1940-билел соназул бакьулъ, Дунялалъул КIиабилеб рагъдаса хадуб ва Нюрнбергалда процессал тIортIулаго. Гьеб мехалда гьел рукIана цIиял бичIчIиял.
Кинабха бугеб гьезул цоцадаса батIалъи?
Инсанияталде данде такъсир гьабун букIуна гIемерав чи чIван вугони. Даимго цIакъго гIемерав чи чIвай-гьеб буго инсанияталде данде такъсир гьаби.
Геноцидалъул буго цоги батIияб хаслъи. Геноцид гьабула гIамм гьабун гIадамазул пуланаб къадаралде данде гуреб, гIадамазул пуланаб къукъаялде данде, ай пуланаб къукъаялъул вакилзабилъун кколел г1емерал гIадамал тIагIинари буго геноцид. Гьеб кIиябго бичIчIиялъул мурадал батIи-батIиял ругин абизе бегьула».
Кин дуда кколеб, щиб гьабун лъикI геноцид абураб рагIи юридикияб бичIчIи хIисабалда тIагIинабизе ва тарихчагIигун социологазе гьеб тезе ккани?
Филипп Сэндс: «Гьеб бигьаяб суал гьечIо ва дица хIаракат бахъулеб буго гьелда тIад хIалтIизе. Дида кколаро цо кинаб букIаниги къанунги къабул гьабун гIадамал балагьаздаса ва вахIщилъабаздаса цIунизе рес бугин. Къануналда кIола цебе букIаралъе къимат кьезе ва тамихI гьабизе. Гьел суалазул хал гьабулаго дихъе щвана 1940 соназул документал. Масала, гьеб заманалда Цолъарал Штатазда кIудияб оппозиция букIана «геноцид» абураб рагIиялъего, хасго жанубиял штатазул сенаторазда гьоркьоб.
Гьел хIинкъун рукIана гьеб хъахIаздаги чIегIераздаги гьоркьоб дискриминациялъул проблемаби рагIалде рахъинаризе хIалтIизабизе бегьиялдаса. ХIинкъи букIана неграз-цебе чIегIеразда гьедин абулаан гьениб- геноцид абураб бичIчIи Америкалда рукIарал дискриминациялъул къануназде данде хIалтIизабиялъул».
Роберт Колсон