Лебедил Фонд Шималияб Кавказалда

Генерал Александр Лебедил Фондалъ байбихьулеб буго Шималияб Кавказалда хIалтIи гьабизе.

Хас гьабун гьелъ тIатинаризе руго араб бакI лъачIого тIагIарал гIадамал рукъарал бакIал, цинги хабалъа рахъун экспертизаялъ Москваялде ритIун чIезабизе буго щал гьелали. Аслияб куцалда гьединал бакIал Чачаналда ругин бицана ЭР-ялъе ХIасан Айгумовас. Гьев ккола туснахъазда тIамурал гIадамазул ихтиярал цIунулеб комиссиялъул нухмалъулев. Чачаналда рагъ лъугIун гIезегIан сонал аниги, букIине кколедухъ гьеб рахъалъ хIалтIи гьабун букIун гьечIо.

ХIасан Айгумов: "Чачаналъ анлъазарго чи рагIула гьедин кив вукъаравали лъаларев. Гьедин буго Мукомоловасул сияхIалда рекъон. Кир гьел ругел, кинан ралагьилел? Гьеб лъалеб чи дагьав вуго. Гьев анлъазарго чи рагIула Чачаналда букIараб тIоцебесебги кIиабилебги рагъулъ тIагIарал чагIи".

ЧIванкъотIун гIагарлъиялъ бихьизабулеб бугони жидер чагIи рукъун рукIине рсе бугеб бакI, гьеб мехалда хIалтIи бигьалъулаанин абулеб буго ХIасан Айгумовас.

ХIасан Айгумов: "Дагъистаналда гьединал гIаммал хабалал ругищали нижеда жеги лъаларо".

Амма дагьалъ "Дагъистаналъул улбул" абулеб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ гьезухъе хитIаб гьабун букIун буго гIаммал хабалалъ вукъарав ункъо дагъистаниясда тIасан. Гьел щалали чIезарилалда цебе цин хал гьабизе кколин гьезда хурхун низам цIунулез кинабгIаги хIалтIи гьабун букIун бугищали, террористаллъун рикIкIун рукIун ругищалиян абулеб буго Айгумовас.

ХIасан Айгумов: "Изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазда гъорлъ рукIарал чагIи хIисабалда рукъун ратизеги рес буго".

Лъалеб букIахъе, Россиялъул къануналда рекъон, террористаллъун рикIкIарал чагIи хасал номеразда гъоркь рукъула.

Чачаналда гIадин, Дагъистаналда рагъ букIинчIин ракIалде кканиги, къойилго гIадин араб бакI лъачIого тIагIунел ругин гьанир гIадамалин бицана ЭР-ялъе "Дагъистаналъул улбул" гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ. Кир рукIаниги рукъун рукIине кколелъулдила гьел чагIи. Масала, 2000 соналдаса нахъе тIагIанщинал чагIи кирдилила ругел, туснахъазда рукIине рес гьечIила, кваназаризе кколелъулдила гьел.

Светлана ГIисаевалъ нухмалъулеб гIуцIиялъ Лебедил фондалъулгун цадахъ рекъон хIалтIи гьабулеб буго 2011 соналдаса нахъе. Гьелъ гьенибе хъван бугоан 2004 соналда Чачаналъул Ножаюрт мухъалъул Замаюрт росулъ чIварал дагъистаниял рукъараб бакIги рагьун, жаназаби лъил кинабали чIезабеян. Гьелъул хIакъалъулъ гIемер хъвана, бицана. Замаюрталда хасаб операция букIанилан Россиялъул рагъулал хъулухъчагIаз чIван рехана анлъго дагъистанияв. Гьеб росдал мажгиталъул дибирас чурун, рукъунги руго гьел. Гьезда гIайиб букIинчIин инсанасул ихтиярал цIунулезе бицарав участкаялъул милициялъул хIалтIухъанги чIван ватана хадув.

Светлана ГIисаева: "Гьел ккола Баширов СагIид, ХIасанов Касим, Мамаев Мурад, Шурпаев Малик".

Чачаналда гIадин рагъул заманалда тIагIинчIониги, ракълилаб заманалда тIагIарал гIадамал гIезегIан руго Дагъистаналда. Масала, гьединазул цоясул бицунеб буго адвокат ГIумаров ГIадилгерейица.

ГIумаров ГIадилгерей: "Дакаев буго гьесул фамилия. Казбек мухъалъул Ленинаул росулъа чи ккола гьев. Хасавюрталде хIалтIуде унев вукIараб бакIалда тIагIун вуго. 2008 соналдаса нахъе кодове щвечIого щуго сон буго. Гьесул хIакъалъулъ дица хъвачIеб бакIги течIо".

Щибаб жаназа лъилали чIезабизе харж гьабизе кколеб буго 15-20 аза-азар гъурущ. Гьелъие квербакъи гьабизе буго Лебедил фондалъе гранаталъе щвараб гIарцуца.