Бугищ кIудияб батIалъи империялъулаб бербалагьиялда ва миллияб бичIчIиялда гьоркьоб? Гьадинаб суалалъе жавабал кьолел руго адабият лъазабулез.
«ГIурус адабият ва империя! Пушкинидаса байбихьун Толстоясде швезегIан Кавказ бахъи». Гьадинаб цIаралда гъоркь къватIибе бахъараб гIалимчIужу Сьюзен Лейтонил тIехьалда авторалъ цIех-рех гьабулеб буго Россиялъулгун Кавказалъул гьоркьохъанлъиялъул халатаб ва захIматаб процессалъул.
Кин гIурус хъвадарухъабаз Кавказалъул хIакъалъулъ хъвадарулел рукIарал, кинаб асар гIурус адабияталъ гьабураб ГIурус империя баялъе, ва кинаб асар гьабураб Кавказ бахъиялъ гIурус адабияталда Кавказалъул тема цебетIезабиялъе? Гьадинал ва гIемерал цогидал суалал Сьюзен Лейтоние кьуна Эркенлъи радиоялъул мухбир Саломе Асатианица.
Сюзен Лейтон: « Петр ТIоцевесевасул заманалда Магърибалъул Европаялъул хъвадарухъабазги, гIалимзабазги байбихьана Россиялъул хIакъикъат бихьизабизе. Магърибалъул дол авторазда кколаан Россия – Европа гурин, гьеб унгоги нахъе ккараб Азия бугин. Гьебго мехалъ ГIурус империялъул азиялъулаб рагIаллъабазда жалго гIурусазул гIалимзабазги, хъвадарухъабазги байбихьана гIурусазул империялъулаб бербалагьи ургъизе. XVIII гIасруялда чанги этнографиялъулал экспедициял ритIун рукIана Кавказалде, Крымалде ва Сибиралде.
Гьезул хIасилалда къватIире риччан рукIана гIемерал мажмугIал. Ва гьел цIалулел гIадамазул къадар дагьа-макъаб букIун батаниги – гьел тIахьаз кIудияб асар гьабуна цебетIолеб букIараб гIурусазул миллияб бербалагьиялъе. Россиялда хасго доб мехалъ баккана миллатчилъиялъул империялъулаб чIухIи. Ахир-къад Россиялъул менталияб картаялда батун букIана жидерго нахъе ккараб Азия ай – Кавказ! Кинха гьедин ккараб?
Дида ккола гьеб хурхараб бугин 1818 соналда гIурус генерал Ермоловасул бетIерлъуда гъоркь байбихьараб Кавказ бахъиялда. Хасго доб мехалъ баккана гIурусазул романтизм абулеб маданияб феномен. ГIурусазул хъвадарухъабаз байбихьана бусурбабазул Машрикъалъул хIакъалъулъ хъвадарулел Джордж Гордон Байрон гIадал Европаялъул автораз гьабуралда релълъун гьабизе жидерго асаралги.
Гьалеха доб заманалда Кавказалде гIемераб къадаралда рачIулаан гIурусал. Аслияб къагIидаялда гьел рукIун руго Россиялъул империя балел рагъулал ва пачалихъиял хъулухъчагIи, рукIун руго гьезда гъорлъ гьенире хIалица гочинаруралги. Гьезда киназдаго лъалаан Магърибалъул ориентализм, ай машрикъ лъазабулеб гIелмуги, европаялъул улкабазул колониалияб политикаги, ва гьеб жидерго лъай хIисабалдеги босун гьезда Кавказ бихьана жидерго Машрикъ хIисабалда ва гьелъул кьучIалда бижизе байбихьана гъозул миллияб бичIчIи».
Доб ХIХ гIасруялда Кавказалде рачIана гIурусазул гIемерал хъвадарухъаби. Рехсела гьезул цIарал – Бестужев-Марлинский, Полежаев, Лермонтов ва гIемерал цогидал. Амма гьел киназго гIурус пачаясул колониалияб политика бецулел гIадамал рукIанин абуни мекъи ккелаян абулеб буго Москваялда бугеб Дунялалъул адабият лъазабулеб институталъул профессор, Дагъистан республикаялъул ЖамгIияб палатаяъул мушаварачи СултIанов Казбекица:
СултIанов Казбек: «Россиялъул киналго хъвадарухъаби хIакъикъаталда пачалихъиял хъулухъчагIилъун рукIун руго. ХIатта рагъулаб хъулухъ тIубазабулев вукIарав довго Лермонтовцин. Цогидалги рукIун руго доб ГIурус-Кавказалъул рагъул гIахьалчагIилъун. Доб заманалъул гIурусазул адабият пачалихъалъул колониалияб политикаялде данде кколароан, щай гурелъул доб адабият политикаялдаса инсаниятлъиялъул жеги тIадегIанаб даражаялда букIиндал.
Масала довго Толстой рагъулав хъулухъчилъун хутIулев вугониги хъвадарухъан хIисабалда гьев вукIун вуго батIияб бербалагьи бугев инсанлъун. Гьесул хIисабалда рохьоса цIул къотIи, ялъуни росу бухIизаби буго вахIшилъи ва гьеб нухда халкъал цивилизациялде рачунаро. Гьединлъидал, дида ккола гьеб бугин жалго жидецаго ритIухъ гьариялъул къагIида.
Амма аслияб къагIидаялда литература пачалихъиял мурадазе гIоло хIалтIизабулаан доб мехалъ. Босе мисалалъе Кавказалъул хIакъалъулъ "хъачагъазул къавмазул бусенилан" абурав довго Пушкин! Гьел ккола Пушкин-шагIирасул гурел, Пушкин-пачалихъияв хъулухъчиясул рагIаби. Польшаялъул эркенлъиялъе гIоло багъарараб къеркьей къабул гьабичIев, "Россия какулел мацIихъанасейилан» абураб кечI хъварав Пушкинил рагIаби».
Цо тарихчи шакдарулев вукIана Британия букIанин империялъун амма, букIанищ империялъун Россияилан абураб суалалда тIад ургъулаго. ХIакъикъаталдаги, дунялалъул некIсиял картабазухъ хал-щал гьабуни бигьаго бихьизе бегьула гьадинаб тарихияб хIужжа, ян абулеб буго цогидаз: дунялалъул чIахIиял империязде данде ккун, аскIор ругел гIисинал миллатазул ракьал рахъараб Россиялда кIвечIин рикIкIад бугеб цониги чIинкIиллъи, цониги кIудияб улка бахъизе. Гьелда бан Сюзен Лэйтоница гьадинаб пикру загьир гьабулеб буго:
Сюзен Лэйтон: «ХIакъикъаталда, Россия ккола гIемермиллаталъулаб континенталияб статус ва кIудияб асар бугеб империя. Россия ккола бащдаб-азиялъулаб хасияталъул гибрид. Ва гьеб баянлъана Шималияб Кавказалъул халкъазул хIакъалъулъ романтикияб къагIидаялда Александр Пушкиница, Александр Бестужев-Марлинскияс, Михаил Лермонтовас хъварал асаразда.
Амма гьезда лъалаан жидерго маданият магърибалъул цивилизациялда хурхун гьечIолъи. Гьеб буго цIакъ захIматаб суал. Ва гьелъие кIудияб кIвар кьолеб буго гIалимзабаз. Дагьалъ цебе къватIибе биччан буго «ГIурус ориентализм (ай, Машрикъ лъазабиялъул гIелму) Петр ТIоцевесевасдаса байбихьун эмиграциялде швезегIан» абулеб тарихчи Дэвид Щиммел-Пеннинк Ван дер Ойеца хъвараб тIехь. Гьеб буго цIакъ лъикIаб тIехь».
Европаялда нилъ хьвадулаан хадучагIи ва лагъзал хIисабалда, амма Азиялда нилъ рахъила бетIергьабилъун. Ф.Достоевский
Сюзен Лэйтоница рехсолел руго гIурусазул цIар арав хъвадарухъан Федор Достоевскиясул гьадинал рагIаби: «Европаялда нилъ хьвадулаан хадучагIи ва лагъзал хIисабалда, амма Азиялда нилъ рахъила бетIергьабилъун, Европаялда нилъ рихьулаан татарал хIисабалда, Азиялда нилъги ккола европалъулал. Нилъеда тIадаб буго Азиялде нилъер маданият швезабизе, гьеб буго нилъер тарихияб борч»
Гьелдалъун бихьулеб бугин Россиялъул аслияб мурад – европалъулаллъун рукIине гIоло Азиялда жидерго империя бай. Гьелда бан батIияб пикру букIана европаялъул гIалимзабазул ва хъвадарухъабазул. «Машрикъалда азаралда цо сордо» ян абулеб жиндирго тIехьалда немцазул алманазул ва шагIир Фридрих Боденштедтица гьадинаб къимат кьун букIана: «Россиялъул инжитлъиялъ, жагьиллъиялъ, вахIшилъиялъ, зулмуялъ гьелъие ихтияр кьолеб гьечIо Кавказалде цивилизация швезабулеб пачалихъалъул роль хIазе».
Жиндирго тIехьалда Сюзен Лэйтоница цIех-рех гьабулеб буго гIурусазул ункъго хъвадарухъанасул асаразул. Александр Пушкинил «Кавказалда асирлъарав» абулеб поэмаялдаса байбихьун Лев Толстоясул «ХIажи-Мурад» абулеб къисаялде швезегIан. Гьезда гьоркьор – Александр Бестужев-Марлинскийги, Михаил Лермонтовги.
Лъицаха бищун кIудияб хIаракат бахъараб империялъул колониалияб политика ритIухъ гьариялда бан? Гьадинаб букIана Эркенлъи радиоялъул мухбир Саломе Ассатианица адабият лъазабулей Сюзен Лэйтоние кьураб иргадулаб суал.
Сюзен Лэйтон: «Дида ккола гьеб суалалъе жаваб батизе захIматго бугин. Жаваб гьечIингицин абизе бегьула. Щай гурелъул жив-жив цIалдохъанасда жиндирго къагIидаялда гьеб проблема бичIулеб букIиналъул. Гьел нужецаго рехсарал авторазе ва гьезул асаразе баща-бакъадаб къимат кьезе кколарелъул. Цо тIехалда кавказиялъулал рихьизарун руго жидерго эркенлъиялъе гIоло рагъулел бахIарзал хIисабалда, цогидаб тIехьалда, мисалалъе Лермонтовасул «Измаил-бей» абулеб поэмалда шагIирас ГIурус аскаралъул гурхIел гьечIолъиялъулги гьелъ бачунеб рагъул вахIшилъиялъулги бицен гьабулаго гьелда «ГIалхулаб жанаварилан» абула.
ГIурусал гьенир рихьизарун руго росаби рухIулел ва лъимал чIвалел чагIи хIисабалда. Гьединлъидал нужеда кIвела хасго Лермонтовасул асаразда доб рагъул хIакъалъулъ кIирахъалъулаб пикру батизе. Амма кин бугониги 1990 соназда Кавказалда цIидахъан рагъ багъарун хадуб, чачаназ кьвагьизабуна Грозный шагьаралда букIараб Лермонтовасул статуя гьесул цо кочIол гьадинаб мухъ букIиналухъ:
«Ццидалав чачанав рагIалде хъурщун,
БегIерулеб буго жиндирго ханжар»
Гьезул хIисабалда Лермонтов ккола империя беццулев хъвадарухъан. Амма гьеб мекъаб пикру буго».
Амма дов чачанав ццидалавлъун вихьизавурав живго Лермонтов жегиги ццидалавлъун ва гурхIел гьечIевлъун вихьизавуна гIурусазул тарихчи Семен Эсадзеца «Гъуниб бахъи ва Шамил асир гьави» ян абулеб I909 соналда Тифлисалда къватIибе биччараб жиндир тIехьалда: «Росабазде тIаде кIанцIулаго, бищун кIудияб бахIарчилъи бихьизабуна хвалчаца я харабазда, я руччабазда, я лъималазда гурхIел гьабуларого Тенгинский абулеб полкалъул поручик Лермонтовас». Гьедин хъван буго гьаб нилъер заманалда гIемерисезда кIочон тараб тIехалда.
Сюзен Лэйтонил пикру дурус гьабун, профессор СултIанов Казбекицаги тIадеги жубалеб буго гIурусазул хъвадарухъабазда кIванилан империялъулаб колониалияб бербалагьиялъукьа рорчIизе ва инсаниятлъиялъул рахъ кквезе:
СултIанов Казбек: «РачIинин Лермонтовасул "Измаил-бей" абулеб поэма цIидахъан цIализе. Цо бакIалда гьес абулеб буго "МутIигIлъе, черкессилан", ва гьеб буго жив цивилизациялъул канлъилъун рикIкIунев пачалихъияв хъулухъчиясул калам, цогидаб бакIалда гьадин хъван буго "Росаби рухIулел руго, гьел цIунизе чиги гьечIин"... Гьалеха гьеб буго кавказиялъуласул цIаралдасан хъвараб мухъ! Босе Грибоедовасул Чегемалда жанаваралилан абураб кечI:
«Россия, щайзе мун багъулеб бугеб?
ГIасрудул даимал борхалъабазда
Бахинадай? Гьале накIкIазда гъорлъан
КIибетIераб Эльбрус баккун бачIуна
Дурго гьел рагъулал аскаразда тIад».
Гьале нужее жибго Кавказалъул гьаракь! Гьелеха пачалихъияб колониалияб бербалагьиялъукьа борчIун, Кавказ халкъалъулгун гьоркьобакI лъикIлъизабизе рес батараб ва нух бихьараб гIурус адабияталъул унго-унгояб чIухIи!»
ГIурус-Кавказалъул рагъул хIакъалъулъ хъвадарулел рукIарал гIурусазда гъорлъ хасаб бакI кколеб буго жиндир заманалда Кавказалда генерал-губернаторлъун вукIарав Евгений Головинил вац Иван Головиница. «Россия НикIалай ТIоцевесевасул заманалда» ян абураб 1845 соналда Парижалда къватIибе бахъараб жиндирго тIехьалда гьес кIудияб хIурмат гьабулеб буго кавказалъул бахIарзазул ва цого мехалъ абулеб буго гьениб Россиялъ бачунеб рагъ кколила киналго балагьазул магIданилан. Гьеб бугила гIурус аскариязе рагьараб хобилан.
Россиялъ Кавказ жахIабго танани, жалго кавказалъул магIарулаз гIамал гьабилаан Россиягун бухьенал гьаризе.
И.Головин
«Россиялъ Кавказ жахIабго танани, гьай-гьай жалго кавказалъул магIарулаз гIамал гьабилаан Россиягун бухьенал гьаризеги, – ва тIаде жубалеб буго, – хIатта Россиялъ рагъулаб къагIидаялда Кавказ бахъанани, гьеб букIинаан гьелъул машрикъалъул гIурхъода бухIараб ругъунлъун».
Гьадин абулеб букIана ХIХ гIасруялда гIурусазул хъвадарухъан Иван Головиница. Гьесул гьеб тIехьалъ кIудияб асар гьабуна европалъул хъвадарухъабазул бербалагьиялъе. Мисалалъе гьеб тIехь цIалун хадуб алманазул хъвадарухъан Фредерик Вагнерица хъвана Шамил имамасул гIумрудул мухIканаб тарих. Кавказалъул хIакъалъулъ гIезегIанго тIахьал хъвана гьединго Франциялъул, Алманиялъул, Британиялъул, Польшаялъул гIемерал цогидал хъвадарухъабазги гIалимзабазги.