Лъикlалъейищ квешалъейищ?

ТIоцебесеб ноябралда къуваталде лъугьуна лъимал заралияб информациялдаса цIуниялда хурхараб цIияб къанун. Гьеб хурхараб буго лъималазул порнография, живго чIвазе малъулел ва наркотикал гьарулеб къагIидаялъул бицунел интернет сайтал къаялда. Амма кинабго, бицунеб бугехъин, бигьаго букIине гьечIин рикIкIунеб буго экспертаз.
ТIоцебесеб ноябралдаса байбихьун дунялалъулго интернеталъул россиялъе кколеб бутIаялда хадуб хал кквезе буго пачалихъалъ. Гьанжеялдаса байбихьун «цIияв модераторас», гьоркьоб къотIи гьечIого хал гьабизе буго рагьулел сайтазул ва гьезда бугеб информациялъул. Кинал сайталха хIалтIизе тезе гьечIел? Гьеб суал информалатазе бичIчIизабуна бухьеназда, информациониял технологиязда ва коммуникациязда хадуб тохаллъи гьабулеб Федералияб хъулухъалъул нухмалъулев Александр Жаровас.

Александр Жаров: «Лъималазул порнография, наркотикал гьариялъул ва тIиритIизариялъул информация ва суицидалъул пропаганда гьабулел сайтал къазе руго».

Интернеталдасан тIибитIизабулеб хIажат гьечIеб информациялдаса лъимал цIунизе бажаризе гьечIин гьеб къануналдайин рикIкIунеб буго SUP абулеб компаниялъул медиа-директор ва блогер Антон Носикица. Гьесул пикруялда заралияб информация бугеб сайт къануналда рекъон къазе ккани бищунго дагь хIажалъизе буго ункъгогIаги къо, гьебги гьеб сайт тIатине хIажалъараб заман малъич1ого. Интернеталдаса бокьараб документалъул копия гьабизейин абуни секундалцин гIолел руго. Носикил пикруялда, къануналда бицен гьабулеб куцалда хIалтIи гьабизе ккани, гьеб документалъул кинабгIаги къуват гьечIо.

Цо-цо блогеразда гьеб документалъулъ бихьулеб буго политикияб цензура гьабиялъе лъолеб кьучI, цогиязул ракI чараб буго лъимал квешаб информациялдаса цIунизе гьелъул кумек букIине букIиналда.

Гьукъизе бицунел сайтал заралиял рукIиналда щаклъи лъилго гьечIо, амма лъималазул порнография хутIизегIан цоги контентазда хурхун пикру субъективияб ай щибав чиясе хасаб пикру букIине рес бугин рикIкIунеб буго Марина Зуничица. Гьей ккола Google Russia компаниялъул вакил.

Марина Зунич: «Нилъеда кIвезе гьечIо ракIчун чи жинцаго чIваялде цулеб инфомация кинаб букIунеб «Анна Каренина» щиб жояли батIа гьабизе».

Нижеца цIехана гьеб къануналда хурхун дагъистаназул улбузул пикраби.

-Дица рикIкIуна киналниги политикиял мурадал кIочене кколин лъимал квешаб информациялда цIуниялъул бицунеб мехалдайин. Кин къаниги гьел сайтал къазе ккола.

-Дир гьитIинав вас компютералда цеве вугев мехалда хIинкъуца холей йикIуна дун къваригIел гьечIел сайтазде гьев ваккизе гурин. АскIой яхъун чIун гьесие хъаравуллъи гьабунги бажаруларо. Гьел квешал сайтал хIукуматалъ къалел ратани, гьеб цIакъ лъикI буго.

-Абулеб буго гьел бицен гьабулел сайтал цинтIаго къан бажаруларин. ЦинтIаго бажаричIониги кватIунгIаги къазе ругелъул гьел. Гьелдаса хадуб рагьиларогури гьел. Амма гьел квешал сайтал къалел ругинги абун цоги тIалъиялъе дандекколарел сайтал къазе ратани, дун гьелде данде вуго. Гьедин гьабулеб батани интернетго щибизе цинги?

Бихьулеб буго гьеб къунуналда сверун дагъистаниязулги пикраби рикьулел рукIин.

Гьелде тIадеги уникалияб интернет адресалда ай IP-ялда гIемерал сайтал рукIине рес бугин, квешалда цIадахъго гIемерго лъикIаб ресурсги букIине бегьулин гьениб, гьединлъидал лъикIаб къазе къваригIараз яги жидерго конкурентал къезаризе къваригIараз пайда босизе бегьулин гьеб къануналдасайин абураб пикру загьир гьабуна улкаялъул информалатазе Ирина Левовалъ. Гьей ккола Электрониял коммуникациязда сверун Россиялъул ассоциациялъул аслияй эксперт.