Бугьтан багьалъизе рес буго

Россия -- Пачалихъияб Думаялъул мина

Коммерциялъул гурел жамгIиял гIуцIабазе гIарац къватIипачалихъалдаса щолеб батани, гьел хасаб сияхIалдеги росизе кколин, гьезда цIарал къватIипачалихъазул агенталинги лъезе бегьулин абураб пикру кьуна Россиялъул Пачалихъияб Думаялъе тIадчагIазулин рикIкIунеб «Цогояб Россия» партиялъ.
Гьеб къануналда тIасан гIемер разилъи гьечIолъи загьир гьабулеб буго Россиялда ва Дагъистаналда. Нагагь гьеб къабул гьабуни, Дагъистаналда гьадингоги дагьал жамгIиял гIуцIаби риххизе рес бугилан рикIкIунеб буго жамгIиял хIаракатчагIаз. Щайгурелъул инсанасул ихтиярал цIуниялъе хIалтIизабизе къватIиса гIарац босизе гьукъани, жидехъа букIине кколедухъ хIалтIизе бажаруларила.

Гьелдаго релълъараб ахIвал-хIал лъугьун буго бугьтанал лъеялда хурхун бахъараб къануналъул проекталда сверухъги. Гьелъул цIияб къагIида ургъараб партияги ккола «Цогояб Россия».

Информациялъул алатаздасан яги цоги бакIалъан гьересиял баянал тIиритIизарурал, гьединго бугьтанал лъурал чагIазда тIад 300 азарго гъурщил гIакIа къотIеян чIун руго Единая Россиялъул вакилзаби. Бугьтаналъухъ ва ахIвал-хIалалъухъ балагьун, гьезго чIезабун буго гIакIадул цоги къадарги – 100 азарго гъурущ.

2011 соналда Россиялъул президент Медведевас хисизабуна бугьтанал лъеялда хурхараб къанун. Масала, бугьтанал лъунин чIезабуни, гьелъухъ гьабулеб тамихI букIана чанго соналъ туснахъалда тIами. Гьедин ахиралда диван гьабуна интернеталде баянал рехарав блогер Олег Лурье.

Президентлъун вукIаго Медведевас чи туснахъ гьавулеб бутIагIаги нахъе бахъизабунин гьеб къануналда гьоркьосайин абуна ШагIбанов Маркъоца Эркенлъи Радиоялъе. Амма тIадругезе яги кверщел кодосезе къабулав гурев чи дуца бугьтан лъолеб бугин гIайибги тIад чIезабун вачун жанив лъезе рес кьолеб къанун букIинилаха гьеб. ШагIбанов Маркъо ккола Дагъистаналда къватIибе биччалеб «Новое Дело» газеталъул бетIерав редактор.

ШагIбанов Маркъо: «ХIакимзабазе хIажат гьечIев чи жанив лъезе мунпагIаталъе бугеб къанун ккелаха гьеб».

Маркъолго гIадаб пикру буго Гъизилюрталда диванчилъун хIалтIулев Шагьрудинил МухIамадилги. Гьединго гьесда бичIчIулеб гьечIо кинаб къагIидаялда гьеб къанун гIумруялде бахъинабизе бугебалиги.

Шагьрудинил МухIамад: «Жинда бугьтан лъунин абун чи киве ине кколев, полициялдейищ? Гьелде регIунищ гьел рукIунел, рагьтIа гIодорги чIун квана-гьекъон ясазулгун рокьуда рукIунел чагIи. Шагьаразда ругел полициялъулазе къваригIун батаниги, росабалъ ругезе гьеб къануналъул ургъел букIунаро. ТIокIаб хIалтIийищин нужер гьечIебин гьикъизе рес буго доз.

Цо санагIалъи гьечIев чиясул кIал къазе ургъараб проект гIадин бихьулеб буго дида гьеб. Масала, дунгIадав чиясда тIасан гьединаб гIарза бачIани, гьез дун векерахъдизавизе вуго дове-нахъе. Амма жидер кверазда убачалги гьарулев, рекъа-рекъарабги бицунев чиясда тIасан бачIараб гIарза нахъе рехун тезе рес буго, гьеб хIакъикъияб батичIинги абун».

Совет заманалда гьеб бугьтан лъеялъул яги гьересиял баянал тIиритIизариялъул статья бищун гIемер тохтурзабаздаги бича-хисиялда, даран-базаралда гьоркьор ругел руччабаздаги хурхун хIалтIизабулаанин ракIалде щвезабуна Шагьрудинил МухIамадица.
Бугьтан лъурав чияс кьезе кколеб гIакIаги (гьеб щуго млн.гъурщиде бахине рес буго) цIакъго гIемерлъун бихьулеб буго гьесда.

Шагьрудинил МухIамад: «Кремлиялда сверун Москваялде буссун бугебщинаб халкъалда кколеб буго жидеего гIанасеб гIарацги хайиралгийин щолел ругел цогидазегиян. Гьединин гъоз гьададигIан кIудиял гIакIабиги чIезарулел ругел»

Дагь-дагьккун гьединал къануналги къабул гьарун улка ахирги Сталинил заманалде, нахъехун гирулеб бугин абуна Эркенлъи радиоялъе шагIир ГIадаллол. Гьелъ жалго улкаялъул нухмалъиялда ругезе зарал гурони, тIири пайда кьезе гьечIила.

ГIадалло: «Гьелъул хIакъалъулъ гIемер бицунеб буго. Амма дозие гьелъул ургъел гьечIо. Полицияги диванчагIиги дозул кодор руго. Ахирги жидерго бутIрул чIинтIизе рес бугоха».

Бугьтанал лъеялда яги гьересиял баянал тIиритIизариялда хурхун къанун гьабсагIаталда «Цогояб Россиялъ» цебе лъураб куцалда къабул гьабун букIарабани, масала, Дагъистаналда къватIибе биччалеб «Настоящее Время» газеталъе кутакалда зарал ккезе рес букIана. Щайгурелъул жидер тIалабалги тIад хъван хIинкъизавизелъун Дагъистаналъул нухмалъулесухъе гендерица флешка битIун рагIулин абун макъала букIана гьеб газеталда. «Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор Фатулаев Милрад бугьтанчилъунги гьавун, диванчияс гьесда тIад 10 азарго гъурщил гIакIа къотIана.