Дагъистан: цΙияб къануналъул захΙматаб диллема

КΙиабилеб апрелалда Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасана Пачалихъияб Думаялъ хехаб къагΙидаялда къабул гьабураб губернаторал кинабго халкъ гΙахьаллъичΙого рищизе рес кьолеб къанун.
Федерациялъул щибаб субъекталъул ихтияр буго гьанже жинцаго хΙукму гьабизе яги ритΙахъел рищияздалъун, яги парламенталъ гьаркьал кьун регионалъул бетΙер вищизе.

Политикияв эксперт ва журналист Алексей Макаркинил щаклъи буго гьеб къанун Дагъистаналъе гΙоло бахъараб букΙиналда. Гьеб гьедин батани, кинаб букΙараб гьелъул къварагΙел ва кинаб нухалдаса ине бегьулеб Дагъистан?

ХΙакъикъаталдаги, кинаб букΙараб къварагΙел гьединаб къанун бахъиялъе?
Алексей Макаркинил пикруялда, гьелъул аслияб мурад ккола хасаб къагΙидаялда Шималияб Кавказалъул республикабазда халкъалъ гьаракь кьун бутΙрул рищичΙого, тΙаса бихьизабун, Кремлалъул божилъи бугел гΙадамал гьенир тезе бугеб рес тΙадеги щулалъизаби.

Алексей Макаркин, политолог

Алексей Макаркин: "Гьеб къануналъул бищунго баянаб масъала ккола Шималияб Кавказалъул республикабазул бутΙрул рищичΙого хутΙизари. Регионалда киналго республикаби гурел гΙемермиллатазул. Амма тΙадтаразул вакилзабаз абулеб буго, гьенир рищиязда сверун конфликтал рукΙине бегьулин. Цо миллаталъе ракΙалъе гΙечΙого рукΙине бегьулин цоги миллаталъул кандидаталин. Мисалалъе, тΙолабго халкъ гΙахьаллъун дагъистаналъул бетΙер вищулев вугони, официалиял кандидатазул цΙарал гьорокьор лъолеб даражаялдаго жахΙда багъаризе бегьулин аваразулги даргиязулги жамгΙиятазда гьоркьобин. Дир бербалагьиялдаса, гьел кΙодо-кΙодо гьарун загьир гьарулел аргументал рукΙаниги, гьезда гъоркь кьучΙ бугин ккола дида.

Хехаб къагΙидаялда гьединаб къанун къабул гьабиялда нахъ буго дурусго Дагъистаналъул республикаялда бетΙер вищиялъе бугеб къварагΙел. Гьеб къанун гьоркьоб лъолеб мехалда хисана нухмалъулев. Гьанже бетΙерасул ишал тΙуразарулев аварав ГΙабдулатΙипов Рамазан вищизе вуго гьеб цΙияб къануналда рекъон республикаялъул бетΙерлъун. Дида бихьухъе, гьеб къанун хасаб къагΙидаялда Дагъистаналда рищиял тΙоритΙиялъе... гуро – гуро, хΙакъикъаталдаги, ритΙахъел, кинабго халкъ гΙахьаллъараб рищиял тΙоритΙизе риччангутΙиялъе къабул гьабураб буго.

ЭР. Щай, дур пикруялда, къануналда бихьизабичΙого тараб, кинал республикабазда бутΙрул рищизе кколел халкъалъ, кинал республикабазда - парламенталъул гьаркьаздалъун?

Алексей Макаркин: «Бегьулеб букΙинчΙо битΙахъего бихьизабизе, къанун мухΙканал республикабазда хурхараб букΙин. Гьеб мехалда гьеб хΙукму халкъалъул бутΙаялъ къабул гьабизе букΙана Конституциялде данде кколареблъун, пуланал республикабазул дискриминация гьабулеб къанун хΙисабалда. Цингиги гьеб букΙунаан федерациялъул батΙи-батΙия субъектазде Централъул батΙи-батΙияб бербалагьи букΙиналъе нухмалъи мукΙурлъулеб бугеб гΙадаб жо. ГΙицΙго гьелъие гΙоло гьеб къануналда битΙахъего бихьизабун гьечΙо тΙолабго халкъ гΙахьаллъарал рищиял тΙоритΙичΙого хутΙизе бокьарал мухΙканал республикаби.

Дир пикруялда, гьедин битΙахъего гьединал субъектал рихьизаричΙого теялда нахъ буго гьединго цогидаб мурадги. Мисалалъе, доб яги гьаб республикаялда, областалда букΙа федералияб централъе данде кколеб, гьелъие къваригΙараб фигура лъезе бокьун бугони, яги регионалияб элитаялъе къваригΙарав, Кремлалъулгун дандбан гьез вищарав чи нухмалъиялде ккезавизе бокьун бугони, гьеб къанун гьелъие ккола цΙакъ санагΙатаб инструмент.

Гьеб санагΙатаб буго гΙагсаб ситуациялдаги. Мисалалъе, федерациялъул пуланаб субъекталда губернаторасул хъулухъалде кандидатура лъеялъул амбицияби загьир гьаризе бегьула Кремалъе ракΙалъе гΙолареб, амма халкъалда гъорлъ машгьураб, лъиданиги бачΙеб хасият бугеб фигураялъ. Гьелде данде чΙезе бегьула цогидал къагΙидабаздаги. Ругогури муниципалиял фильтралги. Биччанте гьев гьеб фильтралдасанги ворчΙизе. Гьединаб вариант загьирлъулеб бугони, бигьаго гьесде данде хΙалтΙизабизе бегьула гьанже къабул гьабураб цΙияб къануналъул ресал.

Къанунал рахъиялъул, гьелдаго цадахъ губернаторазул корпус гΙуцΙиялъул хΙалбихьиялъул хал гьабуни, нилъеда бихьула Кремлалъ кидаго максималияб даражаялъул ресал жиндиего хутΙизаризе гΙамал гьабулеб букΙин.»

ЭР. Муниципиалияб фильтразул Кремлалъе ракΙалъе гΙоларел претендентазе нух къазе рес батани, сундуе къваригΙун букΙараб гьаб къанунги?

Алексей Макаркин: «У, нилъер жакъасеб хΙакъикъаталда, муниципалиял фильтазда бигьаго кΙолаан данде кколарел оппозициялъул кандидатазе нух къазе. Гьеб къануналдалъун гьез жидеего ракΙ чΙараб, нахъеги батизе бегьулаб, цΙияб вариантги хΙадур гьабуна.»

Жибго Дагъситаналда жакъа гьеб къануналъ сверун унел руго жигарал бахΙсал. Ахирисел дискуссияби тΙоритΙана «Черновик» газетаялъул редакциялда. Гьезда хадуб хал ккурав нижер мухбир Ражабов Рамазанил рагΙабазда, «Единая Россия» партиялъул вакильзабаз лъазабуна жидер партиялъе ракΙалъе гΙолеб бугин республикаялъул бетΙер парламенталъ вищулеб къагΙидаян. Партиялъул вакил Мамаев ГΙабутΙалипица гьелъие аргумент хΙисабалда кΙвар буссинабуна Дагъситаналда тΙолабго халкъ гΙахьаллъун республикаялъул бетΙер вищиялъул хΙалбихьи гьечΙолъилде ва рищиязде хадурлъиялъе заман гΙезе гьечΙолъиялде. Цингигиян, лъазабуна Мамаевас, республикаялда бугеб хΙалуцараб ахΙвал-хΙалалъ квешаб асар гьабизе бегьулин гьеб рищиязул тадбиралдеян.

«Патриоты России» партиялъ рахъ кколеб буго тΙолабго халкъ гΙахьаллъарал рищиязул.

«Патриоты России» фракциялъул вакил Мадер Канберов: «Нижеца кидаго рахъ кколеб букΙана тΙолабго халкъ гΙахьаллъарал рищиязул, гьебги щиб муниципалиял рищияздаса байбихьун бетΙер вищиялъул даражаялде щун. Парламенталъ лъабго нухалъ тасдикъ гьавуна республикаялъул бетΙер ва гьелъ кьуна негативиял хΙассилал. Халкъалъ парламенталъе республикаялъул бетΙер вищиялъул божилъи гьабун букΙинчΙо. Парламенталъ гьев вищулев ватани, гьелда цебе тΙобитΙизе ккола халкъалъ паралменталъе гьединаб гали гьабизе нух рагьулем референдум.»

Парламенталъул депутат Камил Давдиевасул пикруялда, дагъистаналъул бетΙерасул кандидатураби лъолеб мехалда гΙахьаллъизе ккола республикаялъул киналго жамгΙиялгун политикиял къуватал. Гьез вищизе ккола лъабго кандидатаруа ва хадуб гьезул цΙарал ритΙизе ккола Россиялъул президентасухъе.

Камиль Давдиев: «Бищунго лъикΙаб вариантни букΙинаан, тΙолабго халкъ гΙахьаллъарал рищиял тΙоритΙи. Амма гьелъие демократиялъул институтал нилъер церетурал гьечΙо.»

Заманалъ республикаялъул бетΙерасул ишал тΙуразарулев ГΙабдулатΙипов Рамазание ракΙалъе гΙолеб буго гьесулго рагΙабазда рекъон, халкъ гΙахьаллъарал рищиял. Амма цо-цо экспертаз, политолог Алексей Макаркиницаго гΙадин абулеб буго республикаялда гΙамал гьабизе бугин ритΙахъел рищиял ричΙчΙангутΙизеян. Хасго гьеб данде кколарин коррупциялъулъ къарал тΙадтаразеги, жидерго капиталал цΙуниялъул мурадалда къанунал рахъулел депутатазегийин.

ЖамгΙияв хΙаракчи Къебедов МахΙамадил ракΙ чΙараб паралменталъул гьаркьаздалъун республикаялъул бетΙер вищи халкъалъе учузго чΙезе букΙаниги, гьев тΙолабго халкъалъ гьаркьал кьун вищизе кколев вукΙиналда.

Къебедов МахΙамад, жамгΙияв хΙаракатчи

Къебедовасул пикруялда, жакъа дагъситаналъул нухмалъи гьабизе мустахΙикъав чи хΙакъикъаталдаги ккола Москваялъ витΙарав Рамазан ГΙабдулатΙипов.


Къебедов МахΙамад, жамгΙияв хΙаракатчи


Your browser doesn’t support HTML5

Дагъистан: ЦΙияб къануналъул захΙматаб диллема - Къебедов


ГΙабдулатΙиповас байбихьадасаго гьарулел галаби ракΙалъе гΙолел руго гьесиеги дагъистаналъул халкъалъеги. Гьес байбихьудасаго гьаризе бейбихьарал, мисалалъе коррупциялде данде къеркьей халат бахъинабулеб бугони, гьев вищизе бегьула республикаялъул бетΙерасул нухмалъиялде. Гьесул руго бищунго лъакΙал шансал.

Инсанасул ихтиярал цΙуниялъул хΙаракатчи ва лъиданиги рачΙел шоферзабазул профсоюзалъул бетΙер

Your browser doesn’t support HTML5

Набиев ГΙисалмахΙамад, жамгΙияв хΙаракатчи


«Дица кидаго рахъ кколеб букΙана тΙолабго халкъ гΙахьаллъулел рищиязул. Хасго дие данде кколеб букΙине бегьула тΙолабго халкъалъул вариант. Дие бокьула рагьун пикраби загьир гьаризе ва абизе жоги дир буго.» - ян лъазабуна блогеразулгун букΙараб данделъиялда живго ГΙабдулатΙипов Рамазаница. Амма, гьесулго пикруялда, халкъияб мажлис ине бегьула парламенталъул варианталде.

Гьенибго ГΙабдулатΙиповас кΙвар буссинабуна рищиял 8 сентябралда тΙоритΙизе рукΙиналде ва гьезда жиндирго кандидатура лъезе букΙиналде. «Дун гьединаб галиялде унев вуго дирго ракΙбацΙадал, Дагъистан цΙилъизабиялъул мурадгун, Дагъистан бацΙинабиялъул мурадалгун» -ян жубан буго ГΙабдулатΙиповас.