Цолъарал Штатазда гьабураб ахирисеб цIех-рехалъ бихьизабулеб буго жиб-жиб мацIалъ гIадамазе батIи-батIияб асар гьабулеблъи. Амма гьеб хIасил щакаблъун бихьула цо-цоязда.
Дунялалда ругел щинал мацIазул хIакъалъулъ гIемер бицула. Масала парангазул мацI романтикияб мацI бугилан, алманазул – низам кьварараб мацI бугилан абулаго. Цолъарал Штатазул Йель универиситеталъул экономист Нохова Регинаца гьабураб цIияб цIех-рехалъул хIасилалда цо-цо мацIаз хIатта рукIа-рахъиналъецин асар гьабулеб бугин.
Чехиялде йачIарабго тIоцебего ругьунлъараб ишлъун ккола кIалъалеб мехалъ кIал гIатIидго рагьи. Жиндир ватIан Эстониялъе гьеб гIадатияб иш гурин абулеб буго Регинаца.
Нохова Регина: «Эстониял кIалъалел руго хIинцго, гIодобе биччан. КIалъалеб мехалда нижеца кIал гIатIидго рагьуларо. Гьединаб буго нижер тIабигIат. Дида ккола эстониязда ва чехазда гьоркьоб гьеб рахъалъан кIудияб батIалъи бугин»
Регинаца Прагаялда гIумру гьабулеб буго жиндирго рос чехавгун ва кIиго ясгун. Чех мацI гьелда хехго лъазабун бугониги жиндир ва жиндирго росасул бербалагьи батIияб буго гIумрудул гIадатазда, ян абулеб буго Регинаца.
Нохова Регина: «Байбихьуда рагIирекъонгутIи букIана квен-тIехалда хурхун. Хасго нижее ясал гьаруралдаса. Дица сахал нигIматазе кIвар кьолаан, гьесни абулеб букIана гьелъие гьедегIан цIикIкIараб кIвар кьезе кколарин. Цогидал гIадатазул абуни – цокIалаб пикру буго нижер кIиязулго. Масала дицаги йога хIалтIизабулеб буго, гьесги йога хIалтIизабулеб буго. Гьанжегицин!»
Цолъарал Штатазда гьабураб ахирисеб цIех-рехалъ бихьизабулеб буго батIи-батIиял мацIаз гIадамазе батIи-батIиял асарал гьарулеблъи. Гимнастикаялдаса байбихьун диеталде щвезегIан. МацIалда асар гьабизе кIола хIатта пенсиялъе гIарац бакIкIариялъеги, ян абулеб буго гьел гIалимзабаз. Мисалалъе япон, китаялъул мандарин, эстон, алман ва бачIунеб заман хIалтIизабуларел цогидал мацIазул вакилзаби кколила бищун сахал ва бечедал. Гьадинаб пикру буго Йель Университеталъул профессор Кейт Ченил:
Кейт Чени: «АнцI-анцI соналда жаниб япониязда кIола гIарац бакIаризе кризисалде ялъуни процентазул рихьизариязда ралагьичIого. ГIарац цIодорго цIунула китаялъулазги алманазги. Гьадинабго хасият буго киналго скандинавазулги. Гьалеха мацIалъулгун хасияталъул бугеб бухьен. ХIакъикъаталдаги, тIад балагьани – нужер рахьдал мацIалъ нужерго букIинеселда тIад нуж ургъизе тIамулел гьечIони, гьелдалъун нужеего бигьаго букIинарищха? БукIинесеб – гьанжеялда релъараб гьечIищ?»
ГIаксаб мисал хIисабалда Кейт Ченица бачунеб буго гIурус мацI. ГIурусазе бокьилаанин бачIунеб заман хIалтIизабизе, мисалалъе метер гIазу бала, ян абулаго. Россиялъул экономика Европаялда бищун мискинаб гьечIищилан, гьикъулеб буго Кейт Ченица.
Амма гIемерал лингвистаз Ченил гIелмияб бербалагьи нахъ чIвалеб буго. Гьезда гъорлъ Канадаялъул Калгари абулеб университеталъул гIалимчIужу Джули Седивица.
Джулия Седив: «Цо-цо мацIазухъ гIинтIамуни хIакъикъаталдаги гьадинаб пикру баккула. Амма гьеб мацIазул хаслъиялъ гьабулеб асар гурин дида ккоухъе, гьеб бугин миллияб хасияталъул хаслъи».
Ахиралдаги абизе ккараб буго Кейт Ченил гIелмияб цIех рех жеги загьир гьабун гьечIин официалияб къагIидаялда, ян абулеб буго жиндирго макъалаялда нижер радиоялъул мухбир Дейси Синдлерица.