Дагьаб цебегIан интернеталда You Tube-сайталда лъун букIана изну гьечIого яргъидгIуцIараз МахIачхъалаялъул амир вищиялъул бахъараб видео. Гьеб гьениб лъунги букIана Дагъистаналъул рахъалъан Россиялъул Думаялда вугев депутат Къурбанов Ризванил цIаралда рагьараб аккаунталдасан. Гьенибго лъун букIана гьесул суратги.
Чанго къоялдасан гьеб видео интернеталдаса тIагIана ва гьанже гьеб рагьизе кIолеб гьечIо.
Живго Ризваница абулеб буго гьеб чорокаб иш гьабизе жиндир цIаралдаса пайда босун бугин, гьеб жиндир аккаунт гурин ва букIине рес гьечIин.
Къурбанов Ризваница гьедин абуна Эркенлъи радиоялъе кьураб эксклюзивияб интервьюялда.
Къурбанов Ризван: «Гьеб гьереси бугин абураб хитIаб You Tube -алъул форматалда дица лъун букIана интернеталда, амма гьез гьеб хехго къан бугоан. Нилъеда бичIчIулеб буго гьеб кинги битIараб букIине рес гьечIолъи. Гьеб аккаунтги дир гуро. Гьеб рагьарал чагIаз хIалтIизабун буго дир суратги цIарги».
ЭР: Кин дуда кколеб, щай хас гьабун дур цIаралдаса бпайдаги босун лъураб гьеб видео интернеталда?
Къурбанов Ризван: «Гьеб тIоцебесеб нух гурелъул «клавишазул бахIарзабазул» дир цIар чорок гьабизе бахъараб. дагъистаналда дун хIалтIулев вукIарав кIиго соналда жанибги дандчIван вукIана дун гьезул, сепаратистазул сайтазда диде гьарулел тIадецIуязда. Гьезие рекIее гIолеб букIинчIо дир хIаракат. Гьединлъидал дица рикIкIуна жакъаги гьез гьеб жидерго жигар халат бахъинабулеб бугин. ГIиси-бикъинаб чороклъи гьабичIого чIоларо гьел. Жидедаго релъараб гIиси-бикъинаб чороклъи».
Дагъистаналъул рахъалъан Россиялъул Думаялда вугев депутат Къурбанов Ризванилгун гьабураб тIубараб интервьюялъухъ гIинтаме «Россиялъул даптар» абулеб дир ИсхIакъова Умал хасаб программаялда. Гьениб бицунеб буго Дагъистаналъул жакъасеб политикаялде гьесул бугеб бербалагьиялъул ва гIемераб цогидалъул.