К.Кубасаев: «ГIадамал гIарзалъ рачIин буго нижер бищун кIудияб мурад»

11 августалда монополиялда дандечIараб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулес журналистал ракIарун рукIана араб бащдаб лъагIалида жаниб гьеб идараялъул гьабураб хIалтIул бицине. Къурбан Кубасаевас рази гьечIолъи загьир гьабуна жидер идараялъ гьабураб хIалтIул Дагъистаналъул прессаялъ лъикIалан бицунеб гьечIилан.

Монополиялда дандечIараб федералияб хъулухъалда гъорлъе бачун буго гьанже гьединго тарифазул рахъалъ федералияб хъулухъги. Гьединлъидал Къурбан Кубасаевас пресс-конференциялъул байбихьуда гIатIидго гьелъул хIакъалъулъ бицана. Тарифазда дандечIараб хъулухъги жидер идараги цолъизабиялъ кьезе бугеб хIасил кIудияб бугин абуна гьес журналистазда.

Жибго жиндаго бугебгIан мехалъ гьеб идараялъул гIемерал гIунгутIаби рукIанинилан цIар-цIарккун гьелги рехсана гьес тIамчидаса. Журналистаз гьесие суал кьуна нужцеца сундаса тIоцебе хIалтIи байбихьизе бугебилан?

Жидеда цере масъалаби Москваялда бугеб идараялъ лъолин, балагьилин гьез кинаб тIадкъай кьелебан абун, чIванкъотIун гьабизе бугеб хIалтIул мисал бачинчIо Къурбан Кубасаевас.

Гьединго монополиялда дандечIараб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб идараялъул нухмалъулев гIатIидго хъинтIана росдал магIишаталъул министерлъиялъ гIи-боцIи гIезабулезе кьолел субсидиязул суалаздаги. Жидер идараялъ хал гьабун хадуб чанго гIунгIутIаби тIатинарунин гьениб.

Росдал магIишаталъул министерлъиялъ субсидиял кьезе кколин гIи-боцIи гIезабулел, тIощел гIезабулел, ччугIа гIезабулел ва цогидалги росдал магIишаталъул бутIаялда хIалтIулел чагIазе.

Амма гьел субсидиял щвезе кколел гIадамазе кьун гьечIин, субсидиял щвезелъун къабул гьарулел документазул низам хвезе гьабун ва гьел гурел чанго батIияб гIунгIутIи рехсана Къурбан Кубасаевас. Гьес журналистазда гIайиб чIван гьелъу хIакъалъулъ гIатIидаб баян кьечIин нужеца къватIибеян.

Къурбан Кубасаев: «Цониги информалатаз гьелъул хIакъалъулъ баян къватIибе кьечIо. Жакъа магIарда вугев вехьасда кин лъазе бугеб гьел субсидиязул хIакъалъулъ нужеца хъвалеб гьечIони? «Дагестанская Правда» газеталъ гара-чIвари гьабун буго росдал магIишаталъул министерлъиялъул хIалтIухъанасулгун гьеб суалалда тIасан, амма нижер пикру цIехезе ракIалда цин ккечIо гьезда.

Дица Нальчикалда букIараб данделъиялдаги, цогидаб бакIалдаги абуна гьабги гьабги гIунгутIаби ругин гьезул хIалтIулъилан. Россиялъ рикьулел руго гьел субсидиял регионазе, Дагъистаналдаян абуни гьел цо лъил бугониги кисинире унел руго».

Доллар хиралъаралдаса кванил нигIматазул ва цогидабги бичулеб жоялъул багьа чанго нухалъ хиралъана республикаялда. Амма хадуб доллар гIодобе кканиги ричарухъабаз багьаби хисизаричIо. Журналистаз Къурбан Кубасаевасда гьикъана республикаялда гIезабураб нигIматал доллар хиралъунилан абун хиралъизе кколаро гурищин, ричарухъабаз багьаби рахираниялда бан нужеца кинал рукIаниги тадбирал тIоритIанищилан.

Къурбан Кубасаев: «Доллар хиралъунилан нилъерго гьанир ругел ричарухъабазги, нигIмат гIезабулезги багьаби рахинаризе бегьуларо. КъватIиса бачIунеб нигIмат батани дагIба гьечIо, амма нилъерго гьанир ругезда гьеб хъинтIизе кколаро. Гьеб буго ричарухъабазул намус-яхIалда бараб иш».

Ратани гьединал хIужаби хъвай нижехъе гIарзал, нижеца кколел тадбирал гьаричIого теларо, сундаго жаниб мухIканлъи букIине ккола, амма нижехъе гьединал гIарзал рачIун гьечIо жегиги».

2015 соналъул тIоцебесеб бащдаб лъагIалида жаниб Дагъистаналда бугеб монополиялда дандечIараб хъулухъалъ батIи-батIиял идарабазда къотIун буго 48 миллион гъурщиде гIакIа, рагьун буго монополияб къанун хвезабиялда данде 73 иш, гьезда гьоркьоса цIикIкIарасеб бутIа рагьун бугин хIукуматалъул идарабазда тIадилан бицана министрас.

Цересел соназда дандеккун республикаялда гIумру гьабун ругел гIадамал ругьунлъун ругин жидехъе гIарзалъ рачIине, гьелдалъун жидер хIалтIи гIемерлъаниги жив вохараб хIасил кколин гьеб, гьединлъидал цIикIкIун гIадамал жидехъе гIарзалъ рачIин бугин жидер идараялъул бищун кIудияб мурадилан абуна гьес ахиралда.