Пикру эркенал чагIазе бигьаяб заман бачIунеб гьечIо Россиялда

Ахираб заманаялда Россиялда къабул гьарурал къануназде ва интеллектуалазде гьабулеб тIадецуялде балагьун Кремлалъ эркенаб пикругун рагъ гьабулеб бугин ва рагьараб дискуссиялъе ресал толел гьечIин рикIкIунеб буго экспертаз. Гьел къануназда гьоркьоб кIудияб бакI кколеб буго цебе къуваталде лъугьараб пачалихъиял гурел идарабазде данде къануналъ ва кIудияб бахIсал унел руго цIидасан къабул гьабизе бицунеб ва Думаялда цебе депутат Ирина Яроваялъ лъун бугеб къануналъул проекталда сверун.
Пикру эркенал чагIазе бигьаяб заман бачIунеб гьечIо Россиялда. Гьанже 30 июналда президент Путиница гъоркь гъулбас лъурал къануназда рекъон гьукъулеб буго чиясул дин хIакъир гьабизе ва гомосексуализмалъе пропаганда гьабизе.

Къабул гьабизе буго нацистазул Германиялде данде рагъулел рукIарал какизе гьукъараб къанунги. Гьеб хвезабурав чиясда тIад гIакIа къотIизе яги гьев туснахъ гьавизеги рес буго.

Ахираб заманаялда Россиялда къабул гьарулел ругел къватIиса улкабаздасан финансазул кверчIвай бугел пачалихъиял гурел идараби къватIисел улкабазул агентал гурин регистрация гьаби тIадаблъун гьабулеб къануналдасан байбихьун инсанасул ихтиярал цIунулез какулел къанунал Россиялда къабул гьарулел рукIиналъ Европаялъул Шураялъ дагьаб цебегIан къватIибе биччараб докладалда абулеб буго Россиялда тIолабго улкаялда «хIинкъиялъул атмосфера» чIезабун бугин.

Виктор Красин ккола советияб заманалдаго вукIарав диссидент ва гьанже гьев къеркьолев вуго инсанасул ихтияразе гIоло.

Виктор Красин: «Гьаб соналда жаниб нилъеда бихьана гьеб масштаб кIудияб операция букIин ва гьелде гъорлъе Думаялъул «къануназул» тIубараб къвачIа унеб бугеблъи. Гьезда рекъонин абун букьарав чи жанив тIамизе яги жавабчилъиялде цIазе рес буго. Гьез гьабуна «кутакаб» иш. Дуда гIунтIизабизе бегьула тIадтаразда бугьтан лъолеб бугин яги дуца рокьукълъи бекьулеб бугин абураб гIайиб. Гьеб буго Сталинин 5810 къанун хисун бачIараб гьелдаго релъараб къанун. Гьединаго букIана Хрущевасул 70-билеб статьяги. Рехсарал формулировкаби батIиял руго, амма магIна цогояб хутIулеб буго».

Бицен гьарулел къануназул проектазул бищунго ахирисеблъун ккола цебесеб анкьалда Пачалихъияб Думаялда цебе Ирина Яроваялъ лъураб къануналъул проект. Гьей йиго нухмалъиялда бугеб «Цогояб Россия» партиялъул рахъалдасан депутат.

Хасалихъе хал гьабизе бугеб гьелъул къануналъул проекталда рекъон, жиндир хъулухъалдаса яги информация тIибитIизарулел алатаздаса пайда босун Гитлериде данде бахъулеб букIараб коалициялъул армиял какизе гьукъулеб буго. Гьеб къанун хвезабурав чиясда тIад къотIизе бицунеб гIакIаялъул къадар бахунеб буго бащдаб миллионалде, рес буго гьев чи жамгIиял хIалтIаби гьаризе тIамизе яги туснахъалъув тIамизеги.

Яроваялъ гьеб къануналъул проект Думаялда цебе лъун кIиго къоялдасан 26 июналда Европалда ХIинкъигьечIолъи цIуниялда ва рекъон хIалтIиялда сверун идараялъ (ОБСЕ) гьеб проект какана ва лъазабуна «жамгIияталъул бугин ихтияр гьелъие лъазе бокьараб информация щвезе ва гьездаго гьоркьор бокьарал тарихиял дебатазда хурхун жидерго пикру букIинеги»-ян.

Советияб заманаялда эркенаб пикру КГБ-ялъ гъанкъизабулеб букIун батани, президент Владимир Путинил заманаялда гьеб Александр Бастрыкиница нухмалъи гьабулеб ЦIех-рехалъул комитеталъ гъанкъизабулеб буго.

Апрель моцIалда Россиялдаса Парижалде лъутун вукIана дунялалдаго машгьурав ва адаб гьабулев экономист Сергей Гуриев. Гьелъие гIиллалъун ккана гьесул офисалдаги электронияб почтаялдаги цIех-рехчагIаз чIухь бай.

Цо-цо экспертазул пикруялда Гуриевасде тIадецуй гьабиялъе гIиллалъун букIине рес буго инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун президентасда цебе бугеб Шураялде гьес Михаил Ходорковскиясе туснахъалъул кIиабилеб болжал кьей мекъаб букIанин хъвараб кагъат.

Пермь шагьаралдаса искусство лъазабулев Марат Гельман вуго нухмалъиялъул ццим бахъинабурав цоги интеллектуал. Гьесул рукIана уралалъул шагьар Испаниялъул Бальбио гIадинаб культурияб централде буссинабизе анищал.

Амма араб моцIалда гьев нахъе рехана шагьаралъул гьаб заманаялъулаб искусствоялъул Музеялъул нухмалъиялдаса. Гьелъие гIиллалъун ккун руго ХъахIал сардал абулеб тадбиралъул гIурхъабалъ гьес тIобитIараб лъабго экспозиция. Гьезул цояб хурхараб букIана Сочиялда 2014 соналда тIобитIизе бугеб хасалил Олимпиадаялда.

http://www.radioerkenli.com/media/photogallery/25035084.html

Гьеб экспозициялдаса хадуб Гельманиде такъсир гьабиялъул гIайибал гIунтIизаризеги рес буго.
Гельманл пикруялда, Россиялъул нухмалъиялде лъабабилеб болжалалъги Путин тIад вуссаралдаса интеллектуалияб климат кутакалда хисун буго.

Цебе улкаялъул социалиялгун политикиял суалазул жаваб Владислав Сурковас кьолеб букIун батани гьанже гьеб кверщел щун буго президентасул администрациялъул нухмалъулев хисулев Вячеслав Володинил кьварарал кверазухъе.

Марат Гельман

Марат Гельман: «Володиница хисизабуна Сурковасул конструкция. Гьес абуна нижгун гьечIел нижеде данде ругин, ялъуни мун нижер чи вугин, ялъуни мун нижер тушман вугин. Гьедин киналго кIирикьана».

Жакъа Россиялда хIинкъиялъул атмосфераялъ кьалбал риччалел ругин рикIкIунеб буго Гельманица.

Марат Гельман: «Жакъа хIинкъизе ккола жидерго чиги. Рес буго дуца режималъе гьа базе яги Путин дур кумир вугин рагIинабун ахIизе, амма гьелъул магIна кколаро мун гьанже парахатго вукIине бегьулин абураб жо».

Кремлалъул антиинтеллектуалияб политикаялъ кьаби щвезабураб цоги рахълъун кколеб буго кино.

Май мацIалда Сочиялда Путиница абуна пачалихъалъ кверчIвай гьабизе бугин «гIицIго миллаталдаса ва тарихалдаса чIухи бихьизабулел» киноязейин.
Июналда культураялъул министр Владимир Мединскияс лъазабуна тарихиял темабазда сверун рахъизе ругел киноязул проектазул хал гьабулеб хасаб комиссия гIуцIулеб бугин ва гьелъ гьабизе бугин финансал кьеялда сверун хIукмуйин.

Июналда пачалихъалъул кверчIваялдалъун къватIибе бачIараб тIоцевесев космонавт Юрий Гагаринил хIакъалъулъ фильм дандчIван букIана кIудияб критикагун. Гьелда гIунтIизабулеб аслияб гIайиб букIана советияб заманаялда гIадин идеализация ва цензура гьабун къватIибе биччараб букIин.

Татаразул режиссер Рамиль Тухватуллиница абулеб буго Кремлалда цебе чIараб масъала бугин тарих цо рахъалдасан ва гьезие бокьухъе бихьизабийин.

Рамиль Тухватуллин: «Буго Сергей Эйзенштейнил « Иван Грозный» абулеб классикияб фильм. ГIурусаз Казань шагьар босулаго рахъарал сценабазда бихьизабулеб буго гьел нижеде тIаде кIанцIараб мехалда шагьаралъул каваби рахун гIицIго цо рахъалда кколеб букIараб. Гьанже каваби рахун нижер рахъалда кколеб букIаралъул хIакъалъулъ нижеца кино бахъани гьеб бихьаравщинав чияс нижер рахъ кквезе буго. Москваялда гьелда абизе буго «миллияб рокьукълъи бекьийин». Гьединаб кино бахъизе нижее киданиги рес щвезеги гьечIо. Гьеб биччулебги буго, щайгурелъул Москваялъул жиндирго политика букIун».

Гьанже гIурус-интеллигенциялда цебе гIемер чIолеб буго экономист Гуриев ва гроссмейстер Гарри Каспаров гIадин Россиялдаса нахъейищ инел яги Pussy Riot абулеб панк-къукъа ва блогер Алексей Навальный гIадин жавабчилъиялде цIалелищ хутIилел абураб суал.

Пермалдаса Гельманица абулеб буго гьесул букIинисеб гIагараб шагьаралда бугин.

Марат Гельман: «Балагьилаха. ГIадамаз дида даимго гьикъулеб буго дуца Гуриевас гьабурабищ гьабилеб яги Навальный ГIадинищ чIелевин».

Цебесеб анкьалда депутат Ирина Яроваялъ Думаялда цебе лъураб къануналъул проекталде тIадруссани, жиндир хъулухъалдаса яги информация тIибитIизарулел алатаздаса пайда босун Гитлериде данде багъулеб букIараб коалициялъул армиял какизе гьукъизе рес буго. Гьелъул магIна букIине рес буго Советияб армиялъул гIалатIалги рихьизаризе бегьизе гьечIин абураб.
Гьанже кинабха букIине кколеб тарихчагIазул хIалтIи ва кинаб бугеб рагъул хIакъалъулъ хIакъикъат? Гьеб суалалъе жаваб кьуна Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъе рагъул тарихчи Марк Солониница.

Марк Солонин

Марк Солонин: «Тарихчи Виктор Суворовас хъван букIана Сталиница, рачIа "сталин" абизин гьитIинаб хIарпалдалъун ва ковычкабазда жаниб ай коллективияб "сталиница" кIудияб хIаракат бахъулеб букIанин Европалда рагъ багъаризабизейин. Гьес ургъунго кумек гьабун буго Гитлерие хIинкъичIого Европаялда рагъ байбихьизе. Гьесул рес букIана Гитлер хIинкъизавизе, амма гьавичIо. Гитлерица рагъ байбихьараб мехалда дагьаб-макъаб морадерлъи жинцагоги гьабуна гьес.
Суворовасул баяназда рекъон, 1941 риидал Европалда рагъ байбихьизе ракIалда букIана "сталинида" ай Советияб Союзалдаса магърибияб рахъалдехун кколеб бакIалда рагъулаб кIудияб операция байбихьизе. Суворовас хъвалелда дун 200 проценталъ тIад рекъола.

Марк Солониница хъван руго «22 июнь», «23 июнь» ва «25 июнь» абурал тIахьал. Гьес гьезда балагьулеб буго советиял тарихчагIаз ялъуни хисизабураб ялъуни ургъунго мекъса бихьизабураб Дунялалъул КIиабилеб рагъул хIакъалъулъ ритIухъал баянал.

Тарихчияс абулеб буго 1941 соналда магърибалдехун нух босизе ракIалда букIараб БагIараб Армия рагъ байбихьун цо-кIиго анкьалда жаниб I939 соналъул гIурхъабазде нахъе къанин ва жеги лъабго моцIалдасан Ленинградалде, Тихвиналде ва Москваялде гIоркьехун щванин. Гьелъие гIиллалъунги Солонинида бихьулеб буго армиялъул мотивация букIинчIолъиги инсанасул факторги.
Гьесул баяназда рекъон, рукIун руго гIемерал дивизиялги, танкабиги, аэропланалги, щула гьабураб кIудияб гIурхъиги, гIемераб гулла-херги. Рагъ байбихьилалде БагIараб Армиялда вукIун вуго 5 миллионгIан аскарияв, жеги 5 миллион чи армиялде ахIун вуго рагъ байбихьараб анкьалдаго, лъагIел лъугIилалде жеги 12-14 миллион чи ахIун вуго рагъде. Гьедин Жуков гIадал генералазул нухмалъиялда вукIанин 12-17 миллионалде щун солдатин абулеб буго гьес. Гьебгощинаб ресурс кодоб букIаго бажариги мотивацияги гьечIолъиялъ вахIщиял хIасилал кьунин абулеб буго тарихчияс.

«Дида лъаларо ва дие бокьун гьечIо, бокьун гьечIо лъалеб гьечIолъиялъ, лъалеб гьечIо жиндир заманалда лъазабичIого»,- гьединаб букIана ахIвал-хIал.
Гьеб киналъго рачанин техникаялъул тIубарал мугIру реххун теялдейин абулеб буго Солониница ва бачунеб буго гьадинаб мисал.

Марк Солонин: «Масала, Ленинградалъул рагъулаб мухъалда букIана бищунго лъикIазул цоябин абулеб ТIоцебесеб мехкорпус. Гьелде гьоркьобе унеб букIана танкабазул лъабабилеб дивизияги. Майнштейнил танкабазул дивизиягун гьеб цо-кIиго къоялъ гурони багъичIо. Хадуб Майнштейница хъвалеб буго ракIалде щвеязда-жидеда машрикъалдехун хIалицаго гурони ине кIолеб букIинчIин гIурусазул дивизиялъ реххун тараб техникаялъул нухал цIун рукIунин».

Тарихчияс бицухъе гьеб рагъул хIакъалъулъ ритIухълъи балагьизе гьес байбихьун буго 1980-билел соназул бакъулъ. Гьеб мехалда гьесухъе щун руго, доб мехалда рихьизе кьоларел рукIарал, 1939 соналъул «Правда» ва
«Известия» газетал. Гьезда гьесда батун буго, советияб тарихалъул цониги тIехьалда кьечIеб, Польшаги Финляндияги бикьа-къотIараб кIудияб карта. Гьездаго батун буго 1939 соналъул 28 сентябралда Советияб Союзалда ва фишистазул Германиялда гьоркьоб гьабураб гьудуллъиялъул ва гIаммал гIурхъабазул къотIи-къайги.

Советияб Союз Германиягун багъизе хIадураб букIинчIин, Гитлерил армиялде дандеккун гьелъул гIураб техника букIинчIин абураб гIемерго битIараблъун бихьулеб гьечIо тарихчиясда.

Марк Солонин: «Дирго тIахьазда дица гIицIго тасдикъ гьабуна гьеб киназдаго бихьизе рес бугеб далил. Гьеб суалалъулъ я дир хIаракат я дида батараб цIияб жо гьечIо. Кинаб армиялъул щиб цIикIкIараб букIараб абураб суал-гьеб буго далилал ва документал лъаялъул суал. 1980-билел соназул ахиралдаго тIоцере къватIире кьун рукIана рагъда букIараб техникаялъул хIакъикъияб къадар хъварал баянал. Гьенир кьун рукIана мехкорпусазул, танкабазул, бронеавтомашинабазул, аэропланазул-къокъго абуни советияб кинабго техникаялъул къадар. 90-билел соназул авалалда гьеб материал бокьарав чиясухъе щвезеги рес букIана. Дида батараб цIияб жо гьениб гьечIо, рес буго дун гьел далилазул кIвар кьун валагьун ватизе».

Амма жакъа тарихиял ва документалиял баянал кодор ругониги гьезда хисизабизе кIолеб жо гIемараб гьечIин рикIкIунеб буго Солониница.

«Дие къваригIун гьечIо я Солониница бицунеб яги цоги кинаб букIаниги хIакъикъат. Дие кьваригIун гьечIо дир кIудаинсуца гьабулеб букIаралда тIад ургъизе. Дие бокьун буго гьев вокьизе»
Марк Солонин: «Гьеб гипотезаялъе документалияб далил нилъее къваригIун батани нилъехъ букIине ккола гьаракьгун кьолеб кинохроника. Гьелда бихьизабун букIине ккола сагIатги хъван букIине ккола къо-моцIги, гьединго бихьизабун букIине ккола пуланав солдатас рехун толеб пуланаб танк. Гьединаб кинохроника нилъехъе щвезе рес гьечIо, гьебги рехун тарабщинаб танк бахъараб. Гьеб батаниги абизе буго монтаж гьабун бугин. Гьединлъидал дица абила, архивазул баяназда хисизабизе кIолеб жо гIемераб гьечIин. Нилъер руго гIурал далилал. Амма гьанже заманалъулаб жамгIияталъе я бокьун гьечIо я бахIарчилъи гIолеб гьечIо гьел далилал къабул гьаризе.

Дида ракIалда чIараб цо кагътида гьадин хъвалеб букIана: «Дие къваригIун гьечIо я Солониница бицунеб яги цоги кинаб букIаниги хIакъикъат. Дие кьваригIун гьечIо дир кIудаинсуца гьабулеб букIаралда тIад ургъизе. Дие бокьун буго гьев вокьизе»,- ян».

Гьаб программа хIадур гьабулаго бачIана цебехун бицен гьабулев вукIарав оппозиционияб блогер Алексей Навальныясе туснахъалъул анлъго сон кьеян тIалаб гьабулеб бугин прокуратураялъин абураб баян. Прокуратураялъ гьесдаса зарал бецIун тIалаб гьабулеб буго цо миллион гъурущги.

Киров шагьаралъул диванаханаялъ Навальный цебего хIалтIулев вукIарав «Кировлес» компаниялда цIогь гьабиялъул ишалда сверун хIукму къотIизе буго 18 июлалда.
Навальныяс абуна жинда тIад гьабулеб диваналъул процессалда бачинчIин жинда гIунтIизабулеб гIайиб бихьизабулеб цониги далилин. Гьесда абуни гIунтIизабулеб буго ургъунго такъсир гьабиялъул ва къануналде данде кколареб куцалда давла щвезе хIаракат бахъулеб букIанин абураб гIайиб.

ЦIех-рехчагIазул версиялда рекъон, Киров ракьалъул губернаторасул гIакълучилъун вукIарав мехалда Навальныяс «Вяткаялъул рохьил компаниялъул» диретроргун рекъон рохь бикъун буго ва гьез пачалихъалъе гьабураб гIаммаб зарал 16 миллион гъурущалде бахун буго.

Навальныясул рахъ кколез абуни рикIкIунеб буго гьеб процессалъул политикияб магIна бугин.

Гьебго заманаялда Россиялда халат бахъунеб буго пачалихъиял гурел идарабазде гьабулеб тIадецуйги. КъватIисел улкабазул агент хIисабалда регистарация гьабичIин абун 300 аразго гъурщил гIакIа къотIун буго «Голос» абулеб ассоциациялда ва гьелъул бетIер Лилия Шибановалда тIад къотIун буго 100 азарго гъурщил гIакIа. Гьединго гьеб ассоциациялда тIадаблъун гьабун буго жидерго хIалтIи чезабизе.

Россиялда тIоритIулел рищиязе мониторинг гьабулеб букIараб гьеб идараялда гьанже ракIалда буго «Голос» РитIухъал рищиязе гIоло» абураб цIияб фонд гIуцIизе ва гьез гьединго гIарза хъван буго инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Европаялъул диваналдеги.

Гьединго лъугIулеб гьечIо инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун «Мемориал» гIуцIиялде гьабулеб тIадецуйги. Дагьал цересел къоязда гьезул Москваялда букIараб аслияб офисалдаса маскаби хурал чIагIаз рухулаго къватIире гъун рукIана гьеб идараялъул хIалтIухъаби гьез офис ижараялъе босараб болжал лъугIун бугинги абун.